МагъчIваялъе рес

«Кинабго жо хиралъила»


Кванил нигIматал дагь-дагьккун хиралулъел руго. Араб соналъул май моцIалда исанасеб май дандеккуни, цо-цо нигIматазул багьаби 60-70%-алъ цIикIкIун руго.

ХIакимаз лъазабулеб буго гIемерисел тукабазда багьаби тIаде рахунел ругин кинабгIаги гIиллаги гьечIого. Россиялъул генералияб прокуратураялъул данделъиялда гьеб суалалда тIаса бицун букIана, багьаби тIаде щай рахинарулел ругелали цIех-рех гьабизе кколин.

Дагъистаналъул прокуратураялда абуна кванил нигIматазул багьабазда хадуб халккун бугин жидецаилан. Амма гьеб масъалаялда тIаса ахирисеб цIех-рех низам цIунулез моцIалъ цебе гьабун букIана. Гьелъул хIасилазда рекъон, мисалалъе, гIакдал гьан анцIго проценталъ хиралъана, песокалъул чакар – 2%-алъ, ханал – 15%-алъ, хъапустан – 22%-алъ, гречка – 20%-алъ, картошка – 5%-алъ, охцер ва помидор – 35%-алъ.

Багьаби тIаде рачIунел ругилан социалиял сайтаздаса гIарзадулел чагIаз хъвалеб буго пачалихъалъ багьаби цойиде рачине кколин ва цIикIкIине риччазе кколарин. Къануналда рекъон, багьабазе гьединаб низам чIезабула, чара гьечIого къваригIунел кванил нигIматазул сияхIалда ругел нигIматазул багьаби цо моцIида жаниб 30-% цIикIкIани. Гьединал хIужжаби жеги рукIинчIо, багьаби 30%-алдасаги цIикIкIунел руго, амма кIиго-лъабго моцIида жаниб. Гьелдалъун хIукуматалъул ихтияр гьечIо багьаби цойиде рачине. ТIадежоялъе цойиде рачарал багьаби гьеб низамалда 90 къоялъ гуронни ккезе бегьуларо.

Кванил нигIматазул багьаби хиралъизе ругодай жеги? Бизнесчи ХIусейн Халилулаевас «Эркенлъиялъе» кьураб баяналда рекъон, багьаби жеги тIаде рачIина. Гьес абухъе, мисалалъе, росдал магIишат бугел чагIазе хур-ахалъе росизе кколел руго импорталъулал батIи-батIиял алатал – гьезухъ кьолеб багьа цикIкIиналъ росдал магIишаталъул нигIматазул багьабиги цIикIкIинарулел руго.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:14 0:00
Интернет-мухъ

Экономист Андрей Меладовас «Эркенлъиялъе» цебе абуралда рекъон, долларалъул багьа хиралъанагIан кванил нигIматазул багьабиги тIаде рачIина. НигIматазул багьаби гурелги хиралъизе руго, автомобилазул багьа, ратIлил багьа, дарабазул багьа ва гь.ц. багьабиги тIаде рачIинаян прогноз гьабуна экспертас.

XS
SM
MD
LG