МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул нухмалъиялъ гIамал гьабулеб буго багьаби тIаде ин тохлъизабизе


Дагъистаналъул промышленносталъул рахъалъ министерлъиялъ къотIи гьабун буго тахшагьаралъул чIахIиял тукабигун гьез аслиял кванил нигIматазул багьаби хира гьаричIого тезе. Гьеб къотIи-къаялда рекъон гьединго хIукму гьабун буго гьел тукабазда ричизе аслиб куцалда бакIалъул магIишаталъул бутIабаз хIадур гьарурал кванил нигIматал. Кинаб хIасил гьеб киналъго кьолеб бугебали лъазе гьабуна нижеца.

Гьединаб къотIи Дагъистаналъул промышленносталъул министерлъиялъ гьабун буго МахIачхъалаялда ругел «7 континент", "Пятерочка", "Европейский", «Караван», «Зеленое яблоко» ва «Шафран» абурал чIахIиял супермаркеталгун. Нижеца бухьен гьабун «7 континент» абураб тукенгун. ХIакъикъаталдаги бугин гьединаб къотIи-къай ва гьеб гьанжеялдаса щуго моцIалъ цебего гьабизе байбихьараб хIалтIи бугилан бицана «Эркенлъиялъе» администратор Марианнаца.

Бажарулеб бугиш бищун гIодобегIанаб багьаялдалъун кванил нигIматал ричизеян гьикъидал гьелъ бицана гьеб бигьаяб масъала гурин, щайгурелъул тIубараб улкаялда киса-кирго багьаби рахунел ругелъул. Амма бугониги багьаби рукIалиде рачIинаризе кIолеб бугилан абуна гьелъ. Мисалалъе рахьдал нигIматазул багьабазда хурхун жидерго тукада бугеб ахIвал-хIалалъул гьадин бицунеб буго Марианнаца «Эркенлъи» радиоялъе.

Марианна, супермаркеталъул администратор: «Рахьдал нигIматазда тIаде бахъулеб багьаялъуль бищунго гIодобегIанаб къадар чIезабизе лъугьин гIададисеб иш буго нилъер гьаниб. Гьеб гьадинги бищун гIодобегIанаб буго. Чед мисалалъе босани, шагьаралда жаниб бищунго учузаб чадил буханка нижер тукада буго. Гьеб буго нижерго корохъ бежараб чед. Гьелд тIаде нижеца щибниги багьа бахъун гьечIо, гIицIго чед бежизе харж гьабураб ханждал хъапалъул хIисаб гьабун гурони. Рахьдал нигIматазул багьаялде тIадеги нижеца жубала бищунго гIодобегIанаб процент. Ниж хIалтIула гIицIго божарал гIадамалгун, диллералин, гьал долин гIадамазулгун гьоркьоблъиго букIунаро».

Гьеб супермаркеталде рачIунел кванил нигIматазул 50 -саги цIикIкIун процент кколеб буго бакIалъул магIишаталъул бутIабаз хIадур гьабураб нигIмат. Мисалалъе гьезда гьоркьоб тIоцебе рехсезе бегьулин «Сугъралъ» агрофирмаялъ хIадур гьарурал рахьдал нигIматалилан бицана Марианнаца. Гьанже жидеца гьезулгун къотIи-къай гьабун бугин цере гьез хIадур гьарулел рукIинчIел нигIматал хIадур гьаризе гьел лъугьине. Гьединго Нальчикалдаса, Владикавказалдаса, Ставрополь мухъалда, Гъабардагун-Балкаралдаса рачIунин жидехъе рахьдал нигIматал. Гьединго Дагъистаналда хIадур гьарулел нигIматазда гъорлъ гьелъ рехсана Гъзляралъул ва МахIачхъалаялъул гьанал нигIматал хIадур гьарулел бакIал ва гьел гурел цогидалги.

КъватIисел хIукматаздаса рачIунел нигIматазда гьоркьоб жидер тукада бугин гIицIго Белоруссиялдаса бачIунеб нахилан абулеб буго Марианнаца. Гьебги Россиялъулги гьезулги бугеб къотIиялда рекъон, гIодобегIанаб багьаялда рекъон бачIонин гьез битIун.

ХIасил-калам гьеб киналдаго рекъон багьаби цо чIара-хьара хIалалде рачIинарун бажаранищин нужехъаян гьикъидал, бажаранин, щайгурелъул республикаялъул промышленносталъул министерлъиялъ гьединаб суал цебе лъун букIинчIебани багьаби жеги кIиго нухалъ цIикIкIине рукIанилан рикIкIунеб буго «7 континент» абураб супермаркеталъул администратор Марианнца.

Кинаб бугеб гьединал тукабазда кванил нигIматал росулел гIадатиял гIадамазул пикруян цIехана нижеца. ХIакъикъаталдаги цогидал, гьитIинал тукабазда дандеккун гьединал супермаркетазда бичулеб жо рекъараб багьаялда чIезабун бугилан абулеб буго Каспийскалда гIумру гьабун йигей Шамсиятица.

Дагъистаналъул промышленносталъул министерлъигун къотIи-къай гьабурал тукабазда багьабазул гьединаб низам чIезабизе кIолин цо лъабго-ункъо моцIалъилан рикIкIунеб буго «Новое Дело» газеталдаса экономист, Андрей Меламедовас. Халатккунисеб заманалда гьединаб низам чIезабун бажаруларин.

Андрей Меламедов: «Халатккун заманаялъ гьединаб куцалда багьаби чIезаризе лъугьин гIададисеб жо буго. Щайгурелъул Россиялда хIадур гьарулел кванил нигIматазда гьоркьоб импорталъул бутIа гьечIеб жо гьечIелъул: нигIматал хIадур гьарулеб къайи-цIаялдаса байбихьун, росдал магIишаталъул нигIматал гIезарулаго хIалтIизабулеб удобрениеялде щун. ГIагараб заманалда доллар цIакъго гIодобе ккечIони гьеб багьабазул мораторий лъазабиялъул магIна букIине гьечIо. Лъабго моцIалъ жеги кIола, гьелдаса хадубги гьеб къагIида хIалтIизе ккани гьеб бараб буго гъурщил курс хисиялдаги ва гьел гурел цогидалги гьелда рачIел гIиллабаздаги.

КъватIиса хIукуматалдаса рачIунел нигIматал хисун нилъецаго гIезабураб бича-хисулеб жо тукабазда чIезаби абураб программа рагIалде бахъине ккани жеги анцIго сон къваригIунин Дагъистаналъеян абулеб буго Меламедовас.



XS
SM
MD
LG