МагъчIваялъе рес

Шайх чIварал гIумруялъ туснахъ гьаризе тIалаб гьабулеб буго прокурорас


СагIид Афанди чIваялъул гIайиб гIунтIизабулел ругел лъабгоял гIумруялъго туснахъ гьарейин, цоясе 15 сон кьейин абун тIалаб гьабуна прокурорас иргадулаб диваналъул данделъиялда.

Гьеб цIакъго кьварараб тамихI бугин, гьезда гIайиб чIезабулеб цониги кьучIаб далил гьечIониги, диваналъеги цIе-рехчагIазеги гIадамазда берцинрихьиялъе гьабулеб иш бугин гьебилан рикIкIунеб буго гIайиб гIунтIизабулев Лабазановасул адвокат ХIамидов Ринатица.

ЧIикIаса СагIид Афанди чIваялъул гIайиб гIунтIизабулел ругел Лабазанов Шихмирзаги, ГIамирханов МухIамадгIалиги, ХIажиев МухIамадги гIумруялъго жанир тIамейилан тIалаб гьабуна прокурорас 7 апрелалда букIараб диваналъул данделъиялда. Гьебго такъсирияб къокъаялъул гIахьалчи вугин рикIкIунев Исрапилов АхIмад 15 соналъ туснахъ гьавейилан абулеб буго прокурорас. Гьесде гIарцухъ гIадамал рикъиялъул, ва изну гьечIого ярагъ цIуниялъул гIайибал гIунтIизарулел руго.

2012 соналъул 28 августалда СагIид Афандил рокъой Аминат Сапрыкиналъ жийго жинцаго кьвагьизаюн хадув 8 чи хвана. ТIарикъаталъул устарасда цадахъ хвана гьединго гьесде зияраталъ рачIун рукIарал гIадамалги, гьезда гьоркьоб цо лъимерги букIана. ЦIех-рехчагIазул баяналда рекъон Сапрыкина гьесул рокъое зияраталъ ячIарай гIадан хIисабалда лъугьун йиго, гордида гъоркь борчун букIун буго гьелда кьвагьулеб алатги.

2012 соналъул декабралда хасал тадбиралги тIоритIун ккун руго гьел лъабалго. ЦIех-рехалъ лъазабуна гьел церехун рехсарал ункъалго кколила гендерил Сулейманов МухIамадица нухмалъи гьабулеб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIи ва гьез хIадуранила СагIид Афанди чIваялъе кьвагьулеб алат ва гьез щвезаюнила Сапрыкина гьесул рокъоейилан.

Талат къоялъ букIараб диваналъул данделъиялда гIайиб гIунтIизабулел ва гьезул адвокатал прокурорас тIалаб гьабураб тамихIалдаса рази гьечIо. КIалъазе рагIи кьураб мехалда ГIамирхановас лъазабун буго жив киналниги такъсириял къокъабазда гъорлъ вукIарав чи гурила, жив жиндирго бизнес гьабулев вукIанилан. Терракт гьабураб къоялъ жив Лабазановасда цадахъ гьес жиндие бичулеб бугеб автомобиль щиб хIалалда бугебали бихьизе ун вукIанилан лъазабун буго гьес. Гьесул адвокатас лъазабун буго заман гуреб мехалда гьеб бакIалде ккун вугин ГIамирханов, гьединлъидал ритIухъаб хIукму къотIейин гьесда хурхунилан.

ХIажиевас гьарун буго диваналда жиндиде гьеб вахIшияб такъсиргьабиялъул гIайиб нахъе бахъейилан, жинда СагIид Афандил рокъоб терракт хIадурулеб букIин лъалеб букIанин абун чIезабун бажаринчIила цIех-рех чагIазухъа, жив сундуениги гIайибияв гьечIин, гьединлъидал эркен гьавейилан абун буго гьес. ЦIех-рехалъул баяналда рекъон Лабазановасул автомобилалда йикIун йиго терракт гьабизе уней Сапрыкина, цойгидаб автомобилги бачун гьездаго цадахъ ХIажиевги вукIун вуго.

Исрапиловасул адвокатасги лъазабун буго гьесда щибго гIайиб гьечIин, гьесде гIунтIизабулел гIайибазул цохIонигияб кьучI бугел гьечIин лъазабун буго. Гьесги тIалаб гьабун буго жинца ихтиярал цIунулев вугев тамихIалдаса эркен гьавейилан.

Лабазанов Шихмирза цIех-рехалъул заманалда мукIурлъун вукIун вуго Сулеймановасул къокъаялда гъорлъ вукIиналъеги, гIарцухъ гIадамал рикъиялъеги, изну гьечIого ярагъ цIуниялъеги. Гьелда рекъон бищун бигьаяб тамихI гьабейин гьесиейилан лъазабун буго диваналда адвокат ХIамидов Ринатица. Гьединго гьес абун буго Лабазановас СагIид Афанди чIваялъулъ щибниги хIахьаллъи гьабичIин, гьеб гIайиб гьесда тIаса инабейилан.

«Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Ринатица абуна цIех-рехалъ бетIералдасанго лъазабулеб букIанила Лабазановас устарасул рокъое щвезаюн йигин Сапрыкина, гьес хIадурун бугин гьелъие кьвагьулеб жо, гьелде телефоналъ кIалъан, СМСал хъван гьес нухмалъи гьабулеб букIанила гьеб терракт гьабиялъейилан. Амма гьесда гIайиб букIин чIезабулеб цониги далил гьечIила цIех-рехалъулъ, цого-цо гьеб телефон букIанила гьебги гьереси далил бугин абулеб буго адвокатас.

Ринат ХIамидов: «ЦIех-рехалъухъ букIараб цого-цо далил ккола терракт гьабураб бакIалда батараб жиго жинцаго кьвагьизаюралъухъ букIараб телефон. Гьеб телефоналъул хал-шалги щаялиго моцIидасан гурони гьабун гьечIо. Гьелда тIадеги гьеб телефон кинаб букIарабали бицунел баяналги цIех-рехалъул батIи-батIиял рукIана, гьел цоцазде данде кколел рукIинчIо.

Цояз абулеб букIана гьелъул тIалъел чIегIераб букIанин, цойгидаз абулеб букIана гьеб хъахIаб букIанилан. Цо заманалдасан бугезего бугеб гьезул далил тIагIана. Гьеб телефоналдаса ва телефоналде кинал номеразде кIалъарабали. СМСал хъваралали бихьизабулеб баянги кагътидалъун бачIана диваналде. Мобильнияб бухьеналъул компаниялъ цойгидав чияс хиса-баси гьабун бажарулареб хIалалъ хасаб дискалда кьезе ккола гьел баянал, цIех-рехчагIаз кагъат бачIана.

Дица тIалаб гьабун хадуб мобильнияб компаниялъ бачIараб баянги, цIех-рехчагIазул баяналги данде кколел рукIинчIо. Гьеб телефоналдасан кIалъаял гьабураб заманги СМСал ритIараб заманги гьел баяназда батIи-батIияб хIалалъ рукIана. Гьединал дандеккунгутIаби гIезегIан руго.

Бищун дун гIажаиблъизавун вуго ФСБялъ гьев ункъасдаго хадуб терракт гьабилалде цебе анцIгогIан къоялъ халккун букIун буго, гьезул телефоназухъ гIенеккун рукIун руго. Масала, гьез диваналда бихьизабуна Лабазановас терроралда гъорлъ гIахьалъи гьабиялда щаклъи букIиналда бан жидеца гьесул телефоналда хадуб халкколеб бугилан. Гьедин батани щайха гьев кквечIев гьез, гьезда лъазе кколаан гури гьес СагIид Афанди чIвазехъин вукIин. Гьелъул бакIалда щибго къварилъи гьечIого Лабазанов магIарухъе ун, шагьаралда сверун эркенго жиндиего бокьараб гьабулев вукIун вуго».

Гьединго Ританил пикруялда рекъон СагIид Афанди чIваялъул гIайиб гIунтIизабулезда гIайиб чIезабун гьечIониги, гьеб гьечIолъи бичIчIаниги дивааналъ гьезие бищун кьварараб тамихI гьабизе буго. Адвокатас абулеб буго жамгIияталъул ва тIалъиялъул кутакаб тIадецуй бугила диваналде, цIех-рехчагIазеги щиб гьабунги цониги чи гьеб такъсир гьабунин абун жанивги тIамун, гIадамал тIаса рихьизаризе къваригIун бугилан.

XS
SM
MD
LG