МагъчIваялъе рес

Гьанжеги ишан Дагъистаналъул имамзабазде босун буго


10 апрелалъул сардилъ жиндирго рокъов чIван вуго Гъизилюрт мухъалъул Нечаевка росдал имам. ЦIех-рехалъул хIалтIухъабаз гьев динияв хIаракатчи чIваялъе гIилла гьес вагьабиязде данде хIалтIи гьабулеб букIин бугилан рикIкIунеб буго.

Лъебералда кIиго сон барав ЦIунтIа мухъалдаса Закаряев МухIамадица гIемераб заман бан букIун гьечIо Нечавка росдал имамлъуда.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабаз лъазабуна гьев чIваялъе аслияб гIилла бугин гьев вагьабиязде дандечIарав ва рагьун гьезде данде хIалтIи гьабулев чи вукIин бугилан.

Амма гьесул росуцояз абулеб буго гьев гIодове виччарав чи вукIанилан ва къватIиве вахъун киналниги вагIза-насихIатал гьарулев яги вагьабиязде данде рагъ базе кколин абун лъугьарав чи вукIинчIин чIварав МухIамадилан.

10 апрелалда гьев жиндирго рокъов чIван вугин абураб мехалдаги чанги росуцоязда циндаго гьев щивалигицин бичIчIичIилан, гIадамазда гьев лъалевцин вукIинчIин.

ЦIар бицине бокьичIев Нечаевка росулъа чиясги «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна чIварав Закаряев МухIамад рокъоса гIебеде вукIунев, гIемер гIадамазда гьоркьов къватIиве вахъунарев чи вукIанилан, низамцIунулез гьев мадрасалъул мугIалим вукIанилан абиги мекъи бугилан.

Щай гурелъул гьев мадрасалда хIалтIилев вукIинчIила, цо-цо лъимал гьес рокъор цIализарулаанилан. КъватIиве вахъун мадрасалда дарсал кьезеги, рагьун вагьабиязде данде къеркьей гьабизеги цIакъ хIинкъи цIикIкIараб бакI бугила жидер росу.

Нечаявкаялъулав: «Нечаевка буго кутакалдан захIматаб ахIвал-хIал жаниб бугеб росу. Гьениб кIиябго Исламалъул гIаркьалабазд тIарикъаталъул ва вагьабиязул гIаркьалабазда хадур рилълъаразда гьоркьоб квешаб дандеккунгунтIи букIуна, кьалудецин буссун бугин гьебилан абизе бегьула.

Имамлъи гьабизеяли щиб гурин, гIумру гьабизецин хIинкъи цIикIкIараб росу буго нижер. Щай гурелъул батIи-батIиял мухъаздаса рачIарал гIадамаз гIумру гьабун буго гьаниб. Бищун гIемер гьанир руго Шамиль, ЦIунтIа, ЦIумада мухъалдаса гIадамаз.

МагIарулал рукIаниги гьезда гьоркьоб дандекккунгутIаби камулароан. Гьелде тIадеги динияб рахъалъги рикьи лъугьун буго жамагIаталда гьоркьоб. Вагьабияздаги суфияздаги гьоркьоб цIакъ хIалуцараб ахIвал – хIал буго.

Суфиязул нухдасан унезе хIинкъиги буго гIезегIан цIикIкIараб. Гьединищ яги цойгидал багьанаби рукIунищали гьев чIварав имамги гIемер къватIиве вахъунев, вагьабиязда даде жигараб хIалтIи гьабулев чи вукIинчIо.

Мадрасалда дарсалги кьолел рукIинчIо гьес, цо-цо лъималазе жиндирго рокъор дарсал кьолаан гьес. Живго вагьабиязда данде чIарав чи вукIун ватаниги рагьун гьеб абулеб рагIичIо ва бихьичIо дида.

Нижер росулъ агьун гьеб лъазабуни, яги къватIий вахъун гьелъул бицани бигьаго чIван реххизе бегьула чи.

Дагъистаналъул Бусурбабазул Идараялъул пресс-хъулухъалъул бетIер Ражабов ХIажимурадилгун букIараб гара-чIвариялда гьес бицана мухIканго сундуе гIоло гьев имам чIваравали жидеца абун бажаруларила, гьеб цIех-рехалъул идарабаз чIезабизе кколилан.

Амма жидер пикруялда рекъон вагьабияз чIван вугин гьев Закариев МухIамадилан абуна ХIажимурадица, гьезда данде чIарав чи вукIанила чIварав, гьеб гурони тIокIаб гьев чIвазе гIиллаги жинд бихьулеб гьечIила.

Цере-цере гьесие хIинкъалаби кьолел рукIаралищалиги жеги лъазабизе кIвечIила жидер идараялда гьезул хIакъалъулъ МухIамадица лъазабун букIинчIилан.

Гьединал хIинкъалаби кьолел ругони диниял хIаракатчагIазе кинаб кумекин нужеца гьабулебин цIехедалги цеве Динияб идараялъул пресс-секретарьлъун вукIарав ГIумаров МухIамадрасулица «Эркенлъи» радиоялъе бицун букIана, полициялда лъазабун гьезул кумек тIалаб гьабун гурони жидеца гьезие кIудияб кумек гьабун бажаруларила.

Щивав имам цIунун чи тезеги жидер хIалкIоларилан. ХIинкъи цIикIкIараб заман бугелъул Дагъистаналъул муфтий ГIабдулаев АхIмадхIажи цIунулел хасал чагIи ругилан.

Гьелде тIадеги 2011 соналъ ЧIикIаса СагIид афанди чIван хадуб Дагъистаналъул щибаб мухъалдаса муридзабаздасан гIуцIарал хасал къокъаби данде гьарун рукIана. Жидеего бокьун гьел къокъаби хис-хисун АхIмадхIажиясул рукъ-бакIги гьевги цIунун рукIуна сордо-къоялъул батIалъи гьечIого.

2013 соналда жаниб Дагъистаналда чIвана кинавниги ацIгоялдаса цIикIкIун имам, мадрасалъул мугIалимзаби ва диниял хIаракатчагIи.

Гьедин чIвана Унсоколо мухъалъул ХIахIаб росдал, Лаваши мухъалъул Хажалмахи росдал, МахIачхъалаялъул Хизроевасул къотIноб бугеб мажгиталъул Губден росдал, Дербенталъул имамзаби.

Исана соналда жанив МухIамад Закариев ккола чIварав динияв хIаракатчагIазул тIоцевесев.

Экспертаз рикIкIунеб буго гьел диниял хIаракатчагIи чIвай ургъунго Дагъистаналъул бусурбабазда гьоркьоб кьал ккеялъе, гьеб гьелегьинабизе гьабулеб иш бугилан. Гьел чIвай-хъвеял лъугIичIого бусурбабазда гьоркьоб Дагъистаналда берцинаб гьоркьоблъиги букIунарилан.
XS
SM
MD
LG