МагъчIваялъе рес

ТIадегIанасде гьариял Украиналъул конфликталъул фоналда


7 январалда православиял христианаз ГIиса-авараг гьавиялъул сордо кIодо гьабун гьатIаназда тIоритIулел диниял тадбиразда гIахьаллъана Россиялъул президент ва премьер-министр. Россиялдаги Украиналдаги диниял лидераз ТIадегIанасдаса гьарулеб букIана Украиналда унеб конфликт рагIалде бахъинабиялъе квербакъи.

Премьер-министр Дмитрий Медведев жиндирго лъади Светланагун гIахьаллъана Патриарх Кириллица Россиялъул аслияб гьатIаналъуб тIобитIраб динияб церемониялда.

Россиялъул президент Владимир Путин гьединаб тадбиралда гIахьаллъизелъун щвана Воронеж областалъул Отрадное абураб росдал гьатIаналде. Цо-цо журналистазул гипотезаялда рекъон, гьеб букIин бегьула гIадатияб халкъ жиндие гIагараб букIин бихьизабиялъе гьабураб гали.

Суратазда гIадатияб свитер ретIарав Путин вихьизавун вуго руччабазда ва лъималазда гъорлъ хIедул чирахъ бакулаго.

ГIиса-авараг гьавиялда хурхараб динияб байрам унеб мехалда сардикъ тIобитIулеб церемониязда Россиялъул лидерал гIахьаллъи гIадаталде буссун буго. Гьеб гIадат ккун буго советияб заманалъул КГБялъул офицер ва коммунистияб система цIунун вукIарав президент Путиницаги.

Жиндирго санайиилаб диналде руссаразде телевидениялдаса гьабулеб хитIабалда Патриарх Кириллица абуна, «нилъеца захIматаб заманалда гIумру гьабун бугин, амма нилъ ТIадегIанас киданиги реххун толарин. Гьесда гьеб гьаризе кколин гьабсагIатги кидагогийин».

Патриарх Кирилл: «Дица нилъ киназего, кинабго нилъер халкъалъе гьарула тIадегIанасул къуваталде мугъчIвайги гьабун, гIадатиял къоязул захмалъабаздаса рорчIи. Дун божула ва дир хьул буго, жакъа нилъер ургъел ккезабулеб жо пуланаб заманалдаса тIагIине букIиналъул.»

Кириллил пресс-хъулухъалъ тIибитIизабураб лъазабиялда абулеб буго патриархас гьари гьабунин Украиналда рекъел ва парахалъи чIезабиялъулин. Хадуб гьениб загьирлъулел ахIвал-хIалалъул гIайиб буссун буго гIунтIизабунин «къватIисел къуватазда», конфликт гьениб багъариялъул гIайиб Магърибалда бугинги абун.

Кириллица кIвар буссинабуна 20I5 соналда россиялъулазулги украиналъулазулги жакъасел пачалихъазе кьучI лъураб Киевалъул Русалда християназул дин тIибитIизабурав Владимир хун I000 сон тIубалеб букIиналде.

Патриарх Кирилл: «Заманалъулал захIмалъабазда яги къватIисел къуватазда бажаруларо Киевалъул Русалъул ирсалъулазул гIемер гIасрабазул культураялъулги рухIиялги бухьенал хвезаризе.»

Критиказ абулеб буго Кириллица ГIурусазул Православияб гьатIан цIакъго гIагарлъизабунин Кремлалдейин. Путиние политикияб квербакъи гьаби хIисабалда бажарарабщинаб гьабизе бугин рахъазда гьоркьоб бижараб рокьукълъи тIагIинабизеян, лъазабун буго гьес жиндирго хитIабалда.

Гьебго заманалда Украиналъул Православияб гьатIаналъул бетIер Патриарх Филаретица, Украиналъул аслияб гьатIаналде рачIарал гIадамазда цеве кIалъалаго, гьел ахIана тушбабазда тIад бергьенлъи щвей гьарун ТIадегIанасде руссеян.

Патриарх Филарет: «Нилъеца ТIадегIанасда гьарила баяналги баянал гурелги тушбабаздаса нилъ бургьин, гьарила парахалъи Украиналдаги тIолабго дунялалдаги».

Украиналъул президент Петр Порошенкоца динияб байрам лъималгун жиндирго рукъуб къодо гьабуна. Гьесги украиналъулал ахIана улкаялъул машрикъалъул рахъалда сепаратистазде данде чIарал рагъулазе кумек гьарун ТIадегIанасде хитIаб гьабеян.

Украианалъул рагъулаз лъазабуна, 7 январалда сепаратистал I5 нухалда минеметаздаса, артиллериялдаса кьвагьданин армиялъул позицияздехунин Донецкалъул регионалдайин.

Цебесеб соналъул апрелалда байбихьараб конфликталда хун вуго 4700-ялдасаги цIикIкIун чи.

Киевалъги НАТОялъги Россиялде гIайиб гIунтIизабулеб буго, кIиябго рахъалъ хIукму гьабун лъазабураб кьвагьдей чIезабиялъул режим букIаниги, гьелъ сепаратистазе яргъил кумек гьабулеб бугин абун.

XS
SM
MD
LG