МагъчIваялъе рес

"ЦIодораб" оптимизмгун


Россиялъул президент Владимир Путинил буюриялда рекъон, хамиз къоялда байбихьана Сириялдаса Россиялъул рагъул къуватал нахъе рачине.

Гьединаб буюри улкаялъул бетIерас загьир гьабуна улка цIуниялъул министр Сергей Шойгугун ва КъватIисел ишазул министр Сергей Лавровгун дандчIвалаго.

Владимир Путин: «Дица рикIкIуна, Улка цIуниялъул министерлъиялда ва рагъул къуватазда цебе лъун букIараб масъала аслияб къагIидаялда тIубазабунин. Гьединлъидал улка цIуниялъул министрасе буюри кьолеб буго, метер Сириялъул гIарабазул республикаялдаса нилъер рагъул къуватазул къокъаялъул аслияб бутIа нахъе бачиналъул.

Гьединго КъватIисел ишазул министерлъиялда гьарулеб буго Сириялъул проблема ракълилаб къагIидаялда рагIалде бахъинабиялъул процессалда Россиялъул Федерациялъул гIахьаллъи дагьалъги гIатIилъизабеян».

Россиялъул президентасул хIукму хурхараб гьечIин Москва Башар Асадил позициялда рази гьечIин абурабин, лъазабуна президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас журналистазул суалалъе жаваб кьолаго.

Гьесулго рагIабазда, Кремлалъул гали хурхараб буго гIицIго Сириялде парахалъи нахъе буссинабиялъул мурадалда.

Владимир Путин: «Дир хьул буго, жакъасеб хIукму конфликталъул киналго рахъазе лъикIаб сигнал букIиналде. Хьул буго, гьелъ Сириялда рекъел чIезабилда гIахьаллъулел киналго рахъазда гьоркьоб божилъиялъул даража цIикIинабизе букIиналде ва Сириялъул суал ракълилаб къагIидаялда рагIалде бахъинабиялъе квербакъи гьабизе букIиналде».

«Би-Би-Си» агентлъиялъ лъазабухъе, магърибалъул улкабазул вакилзабаз гьеб информация къабул гьабуна цIодораб оптимизмгун. Гьез киназго хьулал загьир гьарулел руго гьеб хIукмуялъ Сириялда политикияб ахIвал-хIал рукIалиде бачиналъул суалалда жибго Дамаск жигарго гIахьалъиялъе квербакъи гьабизе букIиналъул.

Россиялъулги Цолъарал Штатазулги президентал Владимир Путинилги Барак Обамалги телефоналдасахун букIараб гара-чIвариялда хадуб, Америкаялъул президентасул администрациялъ лъазабуна, Кремлалъул ракIалдаги гьечIого гьабулеб галиялъе Обамаца кинаб гIаги къимат кьечIин.

Гьебго лъазабиялда рекъон, Обамаца лъикIаб къимат кьуна февралалда рухIалде бачIараб кьвагьдей чIезабиялъул къотIи-къаялда хадуб зулмуялъул даража гIодобе ккьеялъе ва лъазабуна, ракълилаб диалог парахалъиги гьоркьоб къотIизабизе бегьулин, Сириялъул режималъул къуватаз гьужум хIалат бахъинабулеб бугонийин.

ООНалъул ХIинкъигьечIолъиялъул Мажлисалъ лъикIаб къимат кьуна Москваялъул галиялъе. Идараялъул бетIер ИсмагIел Гаспар Мартинсица лъазабуна, гьеб позитивияб гали кколин. Гьеб гьабизе рес бакканин Цолъарал Штатазги Россиялъги цадахъаб хIалтIи гьабизе бахъараб хIаракаталъин ва гьелъго рес кьезе бегьулин Сириялъул конфликт ракълилаб нухде буссинабиялъегийин.

Россиялъул хIукмуялдаса позитивиял хIасилал рукIине бегьулин, рикIкIунеб буго гьединго, Британиялъул къватIисел ишазул министр Филлип Хаммондицаги.

Филлип Хаммонд: «Россиялъул гали рикIкIине бегьула позитивияблъун, политикиял хиса-басиял гьариялъул ва рагъ чIезабиялъул хIакъал пикрабигун гьеб гьабулеб батани».

Путинил буюриялъе позитивияб къимат кьолаго, Германиялъул КъватIисел ишазул министр Франк-Вальтер Штайнмайерица абуна, Москваялъул рагIаби хIакъикъаталде руссунел ругони, Башар Асадиде гьабулеб тIадецуй дагьлъги къвалъизе бегьулин.

Россиялъул президентасул хIукмуялъе лъикIаб къимат кьуна Европаялъул гIемерисел улкабазги Китаялъги.

XS
SM
MD
LG