МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул «моржал»


МахIачхъалаялъул «морж»
МахIачхъалаялъул «морж»

МахIачхъалаялда вуго анцIгоялдасаги цIикIкIун "морж".

Каспий ралъдал цIорораб лъедаса пайда босун щибаб къойил гьенире чвердезе унев анцIгогIан чи вуго жакъа МахIачхъалаялда. ГIурус мацIалда гьезда абула моржалилан. Руго гьезда гьоркьор сахлъиялъе гIоло чвердезе унелги, руго чорхое тимар гьабизе гIоло гьенире хьвадулелги.

Хасел, рии батIа гьабичIого щибаб къойил Каспий ралъдахъе чвердезе хьвадулев анцIила щуго чи вуго жакъа МахIачхъалаялда. ГIурус мацIалда гьезда абула моржалилан. Чорхое тимар гьабун рекерулел, ралъадал рагIалда щибаб радал кIиго-лъабго сагIат тIамулел нусгониги чи вуго гьезул. Амма Каспий ралъдал цIорораб лъедаса пайда босулев анцIила щуго чи вуго. Гьезул цо-цоял гьенир чвердола тIоцебесеб иргаялда гьелъул сахлъиялъе пайда букIун.

МахIачхъалаялдаса 63 сон барав ЯхIяев БахIандил анцIила щугоялдасаги цIикIкIун сон буго гьединаб къагIидаялъ Каспий ралъдалъ чвердолев вугелдаса. Хасго хасало бищунго лазат букIунин жинде чвердезе. ЦIорораб лъелъ чвердезе жив сунца тIамуравли гьадин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

ЯхIяев БахIанд: «Ессентуки шагьаралда санаториялда вукIана дун сах гьавулев. Бидул тIадецуй цIикIкIун букIана. Дун сах гьавулев тохтурас лъай-хъвай гьабулаго гьикъана кисайин кколевилан, МахIачхъалаялдаса кколин абидал, ияхI, дудаго аскIоб сахлъиялъул тIубараб хIавузги тун мун гьаниве кивеян гIажаиблъи гьабун абуна гьес. Щибаб къоялъ ралъдахъе хьваде, гьенив чверде мунго сахго вукIинеян малъана гьес. Гьедин 2000-абилеб соналъул 25 апрелалдаса нахъе хасел рии батIа гьабичIого чвердолев вуго дун. 25 градусалъул цIорой бугеб мехалъги чвердана дун гьанив. Гьанивеги хьвадичIого рокъов вега-вахъун вукIаравани гьадинаб сахлъи киса дие щвезе букIараб?».

МахIачхъалаялъул «моржазул» къукъаялда гъорлъ руго тохтурзабиги. Гъуниб районалъул Кулаб росулъа тIадегIанаб категориялъул хирург Дибиров ГIабдулманапил 25 сон буго хасало ралъдахъ чвердолелдаса. Амма гIицIго чвердун гьелъул тIубараб пайда букIунарилан абулеб буго гьес.

Дибиров ГIабдулманап: «Дун ралъдахъе хьвадула жеги студент вугеб мехалдаса нахъе. ГIемерисеб мехалъ векерун вачIуна дун гьаниве. Бакъ-баккулеб гIуж ралъдахъ дандчIвазе хIаракат бахъула. Хасало чвердезе дица байбихьана 1990 соналдаса нахъе».

ЭР: «Кинаб унти бугев чиясе пайда бугеб цIорораб ралъдалъ чвердани?».

Дибиров ГIабдулманап: «Унтарав чиясе вачIинахъего цIорораб лъелъе кIанцIизе лъикIаб гьечIо. Унтарасени щиб, сахав чиги унтизе рес буго вачIинахъего цIорораб лъелъ вукъани. Черх цин гьелде хIадуризе ккола.

ЦIорораб лъелъ чвердеялъ бидурихьал лъикI хIалтIизарула, бидул тIадецуй низамалда чIезе гьабула, чорхое тIадагьлъи бачIуна, мунгоги гIолохъанчи гIадин вукIуна. Амма цохIо чвердезеги чвердон чIеялъ пайда дагьаб кьола, векеризе, чорхое яравул гьабизе ккола ралъдал рагIалда».

ЦIорораб лъелъ чвердеялъул бугеб пайда гьадин бихьулеб буго анцгогIан соналъ ралъдахъе хьвадулев вугев, Дагъистаналъул гIелмияб централдаса гIалимчи, Гумбет мухъалъул Гьарадерихъа МухIамад МухIамадовасда.

МухIамад МухIамадов: «Мун цIорораб лъадалъе лъугьаравго дур тIубараб черхалъ байбихьула гьелда дандечIей гьабизе. Кинабго би хьвадулел мухъаз би кьабула батIи-батIиял лугбалъе ва дур чорхол температура (цIа-кан) бахуна 40 градусалде. 40 градусалъул цIа-каналде данде къеркьон цониги микробалъухъа бажарулеб рагIуларо. Гьеб куцалда гIиси-бикъинал, магIарчин гIадал унтаби тIагIуна цIорораб лъелъ чвердеялдалъун. ГIажаибаб жо гьечIишха, хIисаб гьабурабго магIарчин бугев мун тIадеги унтизе ккола цIорораб лъелъе лъугьани, амма гьелъул гIаскалда кколеб буго. Амма гьениб аслияб жо буго низам чIезаби, цIикIкIун заман цIорораб лъелъ тIамиялъул зарал гурони, хайир гьечIолъи лъазе ккола гьелъул хIалбихьулев чиясда».

ЦIорораб лъелъ чвердун гьелдаса сахлъиялъе пайда босизе гIадамаз байбихьун буго чанго гIасрабаз цебего. Россиялда гьава-бакъалъул согIал шартIал ва кьварараб хасел букIиналъ гIадамал бокьаниги бокьичIониги кколел рукIун руго цIорораб лъелъ чвердезе.

1924 соналда Горький шагьаралда гIуцIун буго Россиялъул «моржазул» тIоцебесеб къукъа. 1951 соналъ абуни Москваялда гIумру гьабун ругез байбихьун буго цIорораб лъадалъ лъедеялъул рахъалъ къецал тIоритIизе. 1970 соналдаса нахъе цIорораб лъелъ тIоритIулел къецал рикIкIине байбихьана спортивиял тайпабазул цояблъун ва гьедин чвердолезул къадар доб мехалъ букIун буго 100 000 чи. Жакъа къоялъги гьел спортивиял къецал къотIизе тун гьечIо ва гьел щибаб соналъ тIоритIулел руго.

XS
SM
MD
LG