МагъчIваялъе рес

Шималияб Кавказ анкьида жаниб


Лиз Фуллер
Лиз Фуллер

Шималияб Кавказалда сверун эксперт Лиз Фулерица регионалда ккарал аслиял лъугьа-бахъиназда сверун хIадурараб щибаб анкьилаб баян.

Владистав Сурковасул цIар Россиялъул цоги регионаздасаги Чачанлъиялда цIиккун хурхараб буго кIиго гIиллаялда бан. Цо бугони, Сурковасул эмен вуго чачанав. КIиабизе бугони, Сурковас лъикIал гьоркьорлъаби чIезарун рукIана цин Къадиров АхIмад-хIажигун ва 2004 соналъул 9 маялда гьев чIван чанго соналдасан республикаялъул нухмалъиялда тарав гьесул вас Рамзангун. Рамзаница гIадамазда цебе гьесда «вацин» абула.

Сурковасги чачаналъ живго чачанавлъун рикIкIуна хутIараб бакIалда гIурусавлъун рикIкIуна.

Сурковги президент Владимир Путинги рукIана Къадировасул рахъ ккурал чагIиги. Россиялъул информалатазде гIемерал соназ Сурковасул букIараб асаралде балагьун абизе бегьула прессаялда Къадировасул лъикIаб имидж бихьизабиялъулъги гьесул хIаракат бугин. Чачаналъ букIараб кIиго рагъдаса хадуб республикаялъул ругънал сах гьарурав чилъун Къадиров вихьизавулеб миф гIуцIарав чиги гьев вугин абизе бегьула.

Масала, лъабго сон цебе Шатоялда цо калам гьабулаго Сурковас гьадин абун букIана: «Жакъа нилъер буго политикияб рахъалъ тIубараб ва сахаб регион. Гьелъул кIудияб кIвар букIана Чачанлъиялда конституциялъулаб низам чIезабиялъулъ»-ян.

http://chechnya.gov.ru/page.php?r=126&id=9330

Россиялъул гьанжесеб политикияб системаялъул архитекторлъун кколев Сурковас жиндирго лъалкI тIубараб Шималияб Кавказалда танин абизе бегьула. Гьев вукIана «нухмалъи гьабулеб» яги «суверенияб демократия» гIуцIаразул цояв ва гьел рагIабаздалъун ритIухъ гьабулеб букIана регионалда нухмалъиялъул тухумчилъиги, ритIухъ гьаризе бегьуларел цоги къануналде данде кколарел ишалги.
АрбагI къоялда Сурков вице-премьерасул хъулухъалдаса нахъе унев вукIин лъазабураб мехалда Рамзаница абуна Сурковас АхIмда-ХIажил ва республикаялъул рахъ ккун букIанин чачан халкъалъе бищунго захIматал къоязин.

http://www.yuga.ru/news/295074/

Амма Сурков Путинил командаялда хутIизе вугин Къадировасул лъазаби жиндие бокьараб хIакъикъаталдаги бугеблъун бихьизе бокьилъун бичIизе бегьула.

http://www.echo.msk.ru/news/1070152-echo.html

2. Kavkaz.ge абулеб сайталда гьал къоязда лъун буго МахIачхъалаялда Апрелалъул ахиралда тIобитIун букIараб цо данделъиялъул хIасил.

http://kavkaz.ge/2013/05/04/ozhidaniya-dagestana/

Гьеб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана Рамазан ГIабдулатIипов Дагъистаналъул нухмалъулесул ишал тIуразарулевлъун тараб хIалалда абухъе байбихьараб гIадамазул хьулазда бан лъабго моцIалъ гьабураб цIех-рехалъул суал.

Гьелъул хIасилалда тIатун буго ГIабдулатIиповасда гIадамазул кIудияб хьул букIинги, коррупциягун терроризм тIагIинабизе ккеялъул проблемаби рукIинги. Гьебги чIахIияб гIелалъул гIадамазда коррупциялъул проблема кIудияблъун бихьулеб буго, гIолилазда абуни-терроризмалъул проблема.

Гьанибго абизе ккола 2010 соналда «Черновик» газетаялъ гьабураб гьединабго цIех-рехалда коррупция тIагIинабизе кколин 90 % ва терроризим тIагIинабизе кколин 10 % гурони рикIкIунеб букIинчIин. Ахирал соназда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул хIаракат цIикIкIиналда бараб батизе рес буго гьанже гьел тарихал хисиялъул гIилла.

Гьабго заманалда гIемерал дагъистаниязда берцин бихьулеб буго мадугьалихъ бугеб Чачанлъиялда лъикIаб рахъалдехун ккарал хиса-басиял. РукIана Къадировасул политика лъикIаблъун бихьулелги пикраби.

Амма дагъистаниязул цIикIкIунисез рикIкIунеб буго авторитарияв нухмалъулев вукIинчIоги республикаялда гражданияб жамгIит букIине кколин. Къадиров берцин вихьиги гьеб, цIикIкIунисеб нухалда, инсан хIисабалда гьев берцин вихьи гуреб, гьесул хIалтIул хIасилал лъикIаллъун рихьиялда бараб бугин ккола.
3.Итни къоялда Къадиров Рамзан дандчIван вукIана школазул директоралгун.

http://www.chechnya.gov.ru/page.php?r=126&id=12940

Гьениб аслияб кIвар буссинабулеб букIана республикаялъул лъайкьеялъул системаялда ругел проблемабазде. Цо бугони, республикаялъул школазул щибаб лъабабилев директор хIалтIудаса нахъе вахъун вуго ай 456 директорасул 139 яв. Гьебги лъайкьеялъул министр Анзор Музаевас гьел хисизе лъайгун махщел бугел чагIи гьечIин абулеб бугониги. Гьел нахъеги рахъун руго кIиго моцIалъ гьабулеб букIараб аттестация кьезе кIвечIого.

Кiиабизе бугони, Къадировас рикIкIунеб буго лъайкьеялъул системаялъул аслияб кIвар патриотал гIезариялдехун буссираб букIине кколин.
Цо-цо директораз рикIкIунеб буго жидее гьабураб аттестация цебеккун хIасил лъалеб букIанин ва экзаменазда цере гьанже рахъун гьединал хиса-басиял гьари битIараб гьечIин. Араб соналда чачаназул школазда кьурал экзаменазул хIасилал цересел соназде дандеккун квешал рукIана ва тIолабго Россиялдаго бищунго квешал рукIана.
XS
SM
MD
LG