МагъчIваялъе рес

Венгриялъул хъазазул пашманаб къисмат


"Ниж киналго тIагIинаризе нужеда кIвеларо"
"Ниж киналго тIагIинаризе нужеда кIвеларо"

Россиялъул президент Владимир Путинил буюри кIвар кьун, гъира-шавкъалда тIубазабулеб буго пачалихъиял хъулухъчагIаз. Магърибалдаса рачIарал кванил нигIматал тIагIинари – гьеб аслияб ишлъун ккун буго ахираб заманалда Россиялда. Мех-мехалъ гьеб жигар жидеда тIад гIадамал релъулеб жоялдеги сверулеб буго.

Кремлалъ Украиналда бан хIалтIизабулеб политикаялдаса разилъи гьечIеб Магърибалъ Россиялде санкциял лъазарун хадусала, жиндир иргаялда Россиялъги лъазаруна жавабиял санкциял. Гьалкъояз пашманаб махсароде релъараб хIужа ккун буго Татарстаналда.

Венгриялдаса бачараб лъабго цIорозабураб хъазалъе унго-унгояб диван гьабун буго гьениб. Сталинил заманалдаго гIадин, нугIзалги ахIун гьабулеб букIараб диваналда релъараб иш букIун буго гьеб.

Youtube сайталда загьирабураб видеоялда гьеб якъинго бихьула. Ва гьелда абула, гьеб бугин Магърибалъул нигIматазе лъазабураб гIадалаб рагъилан.

Гьеб видео бихьараз жидерго комментариял толаго, махсароде тIамулеб буго Россиялъул тIалъи. Цояс абулеб буго гьанже гьел хъазазул протесталъул кампания байбихьизе рес бугин, 2012 соналда Pussy Riot къукъаялъул букIараб гIадаб. Ва гьелда «Гуси-Райтилан» абизе бегьулин.

Твиттералъул аккаунтазул бетIергьабаз абулеб буго чIаго хутIарал хъазазе гьанже бегьулин «Нижеца гьаб рагъ байбихьичIо» ян абураб игIлан борхизе. Гьединаб карикатураги загьибарун буго.

Цогидаб сураталда бихьизабун буго таманчагун кодоб рагъулаб ретIел ретIараб хъаз. Хасаб операция байбихьизегIан гьелда тIад къан буго «Вере, мадьяр мацIалъ цониги рагIи абуге» ян.

Руго цойги релъизарулел суратал. Масала – Хъазазул Халкъияб Республикаилан абураб.

Щибха ккараб Татарстаналда? 14 августалда Апастово абулеб росдал туканалда полициялъ хал кквей гьабулеб мехалда батун букIана лъабго хъаз. Полициялъулаз хъващтIан конфискация байбихьана. Интернеталда бахъараб видеоялда полициялъулас абулеб буго рехсарал нигIматазул данде кколеб документация гьечIин.

Амма гьеб гIадалаб ишалъул жеги гIадалаб хIасил бихьана гIадамазда. Хъазал тIагIинарун хадусала Россельхознадзор агентлъиялъул Татарстаналда бугеб идараялъул нухмалъулев хисулев Евгений Ивановас абуна, гьеб иш мекъаб къагIидаялъ гьабун бугин. Хъазал бульдозералдалъун гуреб – гьел рухIизарун тIагIинаризе кколаанин.

БакIалъулав прокурор Ришат Шакировас рехсараб хIужаялда бан гьадинаб баян гьабуна нижер радиоялъул Татар-Башкир Хъулухъалъе:

Ришат Шакиров: «Россиялъул Федерациялъул президентасул амру гIицIго Татарстаналда гуребги - тIолго Россиялда хъинтIула. Санкциязда гъоркь ккарал нигIматал ратун, тIагIинаризе ккола Татарстаналда гуребги – цогидал регионаздаги. Ниж ккола гьаб амру тIубазабурал тIоцересезда гъорлъ. Хасго гьеб сабаблъун ниж интернеталда рихьизарун ругел. Нижеца нижедаго тIад бугеб хIалтIи гьабулеб буго. Нижеца къанун цIунулеб буго».

Лъица хIукму гьабурабали гьел хъазал тIагIинаризе? Прокуротуроялъ ялъуни Россельхознадзоралъ? Ян абураб мухбирасул суалалъе жаваб кьолаго, Ришат Шакировас абуна жидеца цадахъ рекъон хIалтIи гьабунин, ва тIаде жубана:

Ришат Шакиров: «Россельхознадзорал гьабулеб буго – бегулищ гьадинал ялъуни додинал нигIматал кваназе-бегьуларищилан абураб хIукму. Гьеб нижеца гьабураб хIукму гуро. Гьеб буго гъозул хIалтIи. Дида кIоларо абизе хасго сундул къагIидаялъ гьез гьеб хIалтIи гьабураб. Бульдозералдалъун ялъуни бухIизабун букIанил дол хъазал. Гъозул хIалтIи буго гьеб. Прокурорасда тIадаб буго хIасил гьабизе. Экологиялъе цониги зарал щвечIо. Хъазал тIагIинарун руго тIабигIат цIунун».

Ян абуна нижер радиоялъул Татар-Башкир хъулухъалъе Апаст мухъалъул прокурор Ришат Шакировас.

XS
SM
MD
LG