МагъчIваялъе рес

Грозныялда украиниязе диван гьабулеб буго


Николай Карпюк ва Станислав Клых
Николай Карпюк ва Станислав Клых

Украиниял Николай Карпюкица ва Станислав Клыхица абулеб буго жидее гIазаб гIакъуба кьун, жал хIалица мукIурлъизарун ругин цебеккунго ургъун гIунтIизабураб гIайибалъе. Россиялъул низам цIунулез абулеб буго Чачанлъиялда букIараб тIоцебесеб рагъда гьел гIахьаллъанин. Гьел гIумруялъго жанире тIамизе рес буго.

15 сентябралда Грозный шагьаралда байбихьана украиниял Николай Карпюкие ва Станислав Клыхие диван гьабизе. Гьел ватIаналдаса рикъун, Россиялде раччун руго Россиялъул хасал хъулухъчагIаз. ЦIех-рехчагIазул хIисабалда къого соналъ цебе УНА-УНСО абулеб гIуцIиялъул бетIерлъун вукIаго, Карпюкица лъебергогIан гIурус аскарияв чIвана Чачанлъиялда. Доб мехалъ гьес нухмалъи гьабулаан гьеб республикаялде рачIарал украиналъул яргъид гIуцIаразе.

Карпюк Грозныялде щвезавизегIан, Россиялъул хасал хъулухъчагIаз 18 моцIалда жаниб изоляторалда гьесие гIазаб-гIакъуба кьун букIанин, Украиналъул консул жаниве виччачIого, ян лъазабулеб буго гьесул адвокатаз. Гьезул рагIабазда рекъон Карпюк Украиналда киданиги вукIинчIо. Аммаила, Россиялъул низам цIунулез гьеб хIужа хIисабалде босулеб гьечIин.

Карпюкгун цадахъ диваналда цеве эхетизавун вуго Киевалъул транспорталъул академиялда мугIалимлъун хIалтIулев Клыхги. Гьесдеги гIунтIизабун буго Чачан республикаялда Россиялъул аскариязде данде къеркьей гьабиялъул гIайиб.

Карпюк викъун хадуб, исана 21 марталда гьесул лъади Еленае Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ кагъат битIун, лъазабуна гьев ккун вугин Чачан республикаялъул территориялда такъсирал гьариялда щаклъи ккедал.

ВукIанищ гьев Чачан республикаялда доба рагъ унеб мехалда? Гьадинаб суал нижеца кьуна доб заманалда Чачаназул Республика Ичкерияялъул рагъулал къуватазул штабалъул Аслан Масхадовасул кумекчилъун вукIарав Исханов ХIусение.

Исханов ХIусен: «Рагъ байбихьудасанго дун вукIана президентасул кIалгIаялда. Дун вукIана Аслан Масхадовасул адьютантлъун. Украиналдаса нижее хIалае УНА-УНСО гIуцIиялъул рагъухъаби рачIун рукIана хIакъикъаталдаги.

Амма гьал рехсарал гIадамал гьезда гъорлъ дида рихьичIо. Интернеталда бигьаго ратизе бегьула доб къояз Чачанлъиялда рукIарал шиназул суратал. Гьединлъидал гьеб фарс бугин, дида ккола. Дагьалъ цебе тIибитIизабун букIана хабар – гьенив Украиналъул гьанжесев премьер-министр Арсений Яценюк вукIанин абураб.

Гьеб кинабго хурхараб буго Украиналде данде Россиялъ хIалтIиазабулеб политикаялда. Россиялъул тIадтаразул мурад – Украиналъул къадру хвезаби. Гьеб Москваялъе гIадатияб ишлъун ккола. Жидее мутIигIлъуларел улкабазул гIадамал террористал ва хъачагъал хIисабалда рихьизари. Жиндир заманалда гьадинабго иш Москваялъ гьабулеб букIана Гуржистаналдаги бан».

ТIадехун рехсарал Николай Карпюкги Александр Ковтунги халатаб заманалда жаниб тIалаб гьабулеб букIана жидее жидерго адвокатал риччай. Амма Россиялъул тIадтараз лагIелгIанаб заманалда сан гьабичIого толаан гьеб.

Елена Карпюкил хIисабалда жиндир росасда бугьтан лъуна ва мацI гьабуна украинияв Александр Малофеевас. ГьабсагIат гьев туснахъалда жанив вугин. Абулеб буго дов Малофеевас гIахьаллъи гьабулеб букIанин Чачанлъиалда букIараб рагъулъ.

Хасго гьесул рихьизариял далил хIисабалда диваналда цере лъуна Россиялъул цIех-рехчагIаз. Дов Малофеев наркоман вугин, ва гьесухъа бокьараб щинаб калам бахъизе бигьаго буго, ян абулеб буго адвокатаз.

Клыхил адвокат Дубровиналъ абулеб буго жинда гьев ункъго нухалъ гурони, тIокIав вихьичин 13 моцIида жанив. Исана 30 июлялда Клыхица кагъат битIана инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул диваналде. Гьеб кагътида гьес абунин, жиндихъа мукIурлъи хIалица бахъун букIанин низам цIунулез, гIакъуба кьун. Жив киданиги Чачан республикаялда вукIинчIин ва доба унеб букIараб рагъда гIахьаллъи гьабичIин.

Клыхил эбел Тамараца журналистазде лъазабуна 1994 соналда 21 сон букIарав жиндир вас цIалулев вукIанин Киевалъул университеталда.

Я Карпюк я Клых Грозныялда рихьичIо журналист Наталка Чангулидаги. Гьелъ абулеб буго 1994 соналда жинца Украиналъул къукъагун цадахъ сапар бухьана Чачанлъиялде. Жал къабул гьарунин Жовгьар Дудаевас.

Чангулица абулеб буго Россиялъул аскариязде данде вагъулев вукIанин Музычко-Билый абулев Украиниязул хIаракатчияс. Гьеб ритIухъ гьабулеб буго УНО-УНСО гIуцIиялъул цогидал хIаракатчагIазги.

XS
SM
MD
LG