МагъчIваялъе рес

Цоял къварид гьарун, цогидал гIатIид гьарун


МахIачхъала, цIияб автостанциялда аскIоб бакIал
МахIачхъала, цIияб автостанциялда аскIоб бакIал

МахIачхъала Детройт шагьаралде сверизе рес буго.

МахIачхъалаялъул къватIазда шагьранухал гIатIид гьарулел руго гIадамал хьвадулел нухалги къварид гьарун. Гьелдалъун нухазда транспорталъул хIалуцин чучизабизе ракIалда буго шагьаралъул тIалъиялда, амма жамгIиял хIаракатчагIаз ва блоггераз рикIкIунеб буго гьелъ шагьаралъул нухазуда гIунгутIаби лъугIиларин, гIицIго тIаде журан гурони.

Гьал къояз МахIачхъалаялъул тIалъиялъ социалиял гьиназдасан тIибитIизабуна лъазариял МахIачхъалаялъул кIиго аслиял къватIазда шагьранухал гIатIид гьаризе рукIиналъул хIакъалъулъ. Расул ХIамзатовасул къватIалда, шагьаралъул ЗАГС бугеб мухъалдаса гIебеде ва ГIахъушиясул къотIноб, «ЦIумадисезул» абулеб базар бугеб бакIалдаса. Гьенир, киналго хIалтIаби рагIалде рахъинарун хадуб, траспорталъул хьвада-чIвади чучизе бугин лъазабулеб буго МахIачхъалаялъул тIалъиялъул официалияб сайталда. Гьединго, «ЦIумадисезул» абулеб базар нахъе бахъиялъул ишги нух гIатIид гьабиялъул суал тIубан хадуб гIумруялде бахъинабизе бугин тIаде жубалеб буго.

Гьебго заманалда, шагьаралъул тIалъиялъ халцин гьабулеб гьечIин, гьел квекIенал нухда ккеялъе гIиллабилъун ругел бакIал цогидал бакIазде рахъиялъул, гьебго шагьаралъул ЗАГСалъул мина ва цогидабин хъвалеб буго «Черновик» газетаялъ.

Ярагъиясул цIаралда бугеб гIадамал хьвадизе рес гьечIеб къватI
Ярагъиясул цIаралда бугеб гIадамал хьвадизе рес гьечIеб къватI

Нухал гIатIид гьари тIобитIулеб буго гьенирго ругел гIадамал хьвадулеб нухал, ай тротуарал къварид гьарияллдалъун, гьеб тIоцебесеб нух гуро кколеб буго шагьра нухал тротуарал мукъсан гьариялдалъун гIатIид гьарулел, цереккун, гьебго хIалалда гIатIид гьаруна шагьра нухал Советский, ХIажиевасул ва цогидал къватIазда. Амма гьел шартIаз транспорталъул хIалуцин къватIаздаса тIагIин щакаб бугин рикIкIунеб буго блогераз. Масала, Мурад Мустафиновасул пикруялда, тротуарал чIедер гьарун нухал гIатIид гьариялъ сунде рачине бегьулелали мисаллъун кколеб буго Яригъиясул къватI. Гьенир, гIадамаз ккун ва чIедер гьарун цо чицин вилълъун бажарулеб хIалалда хутIун гьечIин бакI-бакIалдаса тротуарин бицана Эркенлъи» радиоялъе Мурадица.

Мурад Мустафинов: «Дида лъаларо, гIадамал хьвадулел нухал къварид гьарун, шагьраял гIатIид гьариялъ кин транспорталъул хIалуцин тIагIинабулебали. ЗАГСалъул мина гуребги, тIолго Ленина къватIалда рукIуна пробкаби, гьелъие аслиял гIIиллабиги ккола гьеб къватIалда батIи-батIиял квана-гьекъолел бакIал рагьун рукIин, парковкабиги гьечIогон, гьенир нухдаго лъун тун рукIуна машинаби, цинги хьвадулеб транспорталъе къварилъула нух. Гьеб нух гIатIид гьабиялъ гIунгутIи тIагIинаро, гьезда жидедагоги бичIчIулеб батила гьеб, гIицIго щиб бугониги гьабулеб бугин букIине гьабулеб жо буго гьеб».

Шагьаралъул администрfциялъул пресс-хъулухъалъ баян гьабухъе, хIалтIаби тIоритIулел руго МахIачхъалаялъул Коммуналиялгун рукъалъулал хъулухъаз. Гьел хIалтIабазул аслияб мурад бугин паhковкаялъе бакIал рахъийин баян гьабуна пресс-хъулухъалъул вакил ГIалимирзаева Зайнабица. Лъелго хьвадулезе квекIен букIине гьечIила щибго.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Гьенир машинаби лъолел чунтби гьарулел руго, щай гурелъул нухлул ракьанда лъураб траспорталъ хьвади захIмат гьабулеб буго.Абизе бегьула гьел парковкаби гIадин гьарулеб бакI бугилан. Гьелда тIадеги, цIияб автостанциялда цебе бугеб «Болъихъ» абураб гостиницаялъ къанунияб гуребхIалалда ккун букIараб анцIгоялдаса цIикIкIун метр бугеб бакI эркен гьабулеб буго. Лъелго хьвадулезе захIмалъи ккезе гьабулеб жо гуро гьеб. Аслияб мураб буго нуал чучизе парковкаялъул бакIал гьари».

ГIахъущиясул цIаралда бугеб гIадамал хьвадизе рес гьечIеб къватI
ГIахъущиясул цIаралда бугеб гIадамал хьвадизе рес гьечIеб къватI

КъватIазда транспорталъул хIалуцин тIагIинабиялъул мисалал гIемер ругин Москва, Рим ва цогидал шагьаразул, гьедин, цо бакIалда траспорталъул номеразухъ балагьун, цо бакIалда гIарац босун, цо бакIалда жамгIияб транспорт цIубазабун тIубалин гьеб гIунгутIийин бицана «Эркенлъи» радиоялъе жамгIияв хIаракатчи Къадиев Расулица. МахIачхъала лъелго хьвадулел гIадамал ругеб шагьар букIин кIочене бегьуларин, гурого, гIицIго автомобилазул гурого нухал гьечIеб, Техас штаталъул шагьаразде сверизе рес бугин МахIачхъалайин баян гьабуна гьес.

Расул Къадиев: «Москва ва цогидал чIахIиял шагьаразул мисалал руго, транспорталъул хIалуциналъул суал тIубараб. Гьезда бичIчIун буго захIматаб гуреб жо: нухал тротуарал тIагIинариялдалъун гIатIид гьариялъ транспорт цIикIкIун гурого, хIалуцин тIагунаро. Социологиялда буго цо принцип, щиб бугониги лъикIлъанагIан, гьеб квешлъула. Масала, шагьаралда лъималазул ахал цIикIкIинаррун, гьезие хIазе бакIал гIуцIун, квегIенлъаби гьарунани, гьенир цIикIкIуна гIадамал, ва раккула гIунгутIаби, гьел гIезе лъугьунаро. Гьедино нухалгунги. Гьебго Ленина къватIалда цебеккунги гIатIид гьабун букIана шагьара нух, амма гьелъ щибго хисизабичIоха, гьел гIатIид гьарурал бакIал парковкабаз ккуна. ГIадамаз машинаби лъун цIезарула гьел. Гьелда тIадеги, цуцуда цун рагьулел ругел кеп-ихтилаталул ва квана-гьекъолел бакIазда парковкаби гьечIо, гьел парковкаби администрциял гьарурел ругеб гIадинаб жо кколаха тротуарал чIедер гьарун, нухал гIатIид гьари.

Гьебго ГIахъушиязул къватIалда гьадинги тротуарал гьечIо, гьел ричарухъабаз ккун, яги чIунтун, рилълъун бажарулеб хIалалда рукIунаро. Бегьуларо шагьар гIуцIизе, кидаго траспорталда рекIун хьвадулеб бакIалда гIадин, салул авлахъазул Техас штаталда, Детройт шагьаралда гIадин, гьаб буго шагьар, гIадамал лъелгоги хьвадулел, тира-сверулел. Гьединлъидал, цогидал нухал ратизе ккола, траспорталъул хIалуцин тIагIинабизе. Масала, Рималда цо къоялъ рикьулел тарихал ахиралда ругел, цогидаб къоялъ рикьуларел тарихал ахиралда ругел машинаби рукIунел руго къватIалда, гьанир берцинал тарихал ругел автомашинаби кепалъеги рукIуна тирулел. Гьединго Россиялъул цо шагьаралда гIазу байдал, транспорт рокъоб тун, жамгIияб транспорталда рекIун, техникияб паспорт бихьидал чIорого рачунел руго. Гьеле гьединал мисал1ал росизе ккола хIисабалде, гIадамал хьвадизе ругел нухалги жалго тун».

Шагьаралда гIумру гьабун ругел аслияб бутIа гIадамазул рази гьечIо тротуарал къварид гьариялдаса ва гьел цо-цо минабаз ва тукабаз кколел рукIиналдаса. Бищун гвангъараб мисаллъун, гIадамазе рилълъине бакI гьечIеб къватIалъул кколеб буго Ярагъиясул къватI.

XS
SM
MD
LG