МагъчIваялъе рес

"ГIамировасул ишалда" сверун суалал гIемер хутIулел руго


Саид Амировасда ва Юсуп Джапаровасда тIад гьабулеб диваналъул иргадулал данделъиял тIоритIана 13 ва 14 маялда Ростов-на-Донуялда бугеб Шималияб Кавказалъул рагъулаб диванханялда. Гьел процессазда баянал кьуна Дагъистаналдаса хIакимаз.

РакIалде щвезабила, цIех-рехалъул материалазда рекъон, Амировас къасд гьабуна Джапаровасул кумекалдалъун Пенсиязул фондалъул Дагъистаналда бугеб идараялъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиев чIвазе. «Стрела-2» абураб зенитно-ракетнияб комплексги хIалтIизабун МуртазагIалиев жаниб вугев самолет кьвагьизабизе ракIалда букIанин Амировасдаилан рикIкIунеб буго цIех-рех чагIаз. Гьезул баяназда рекъон, МуртузагIалиев чIваялъе ярагъ боси Хасавюрталъул прокурорасул кумекчи МухIамад ГIабдулхIалимовасда тIадкъан буго Амировас.

13 маялда тIобитIараб данделъиялда Амировасул адвокатаз абуна жидеца ихтиярал цIунулесул ахIвал-хIал лъикIаб гьечIин ва гьев цIех-рехалъулаб туснахъалдаса виччаян аресталда гъоркь рокъов вукIине. Сахлъиялъул хIалалъул хIакъалъулъ рихьизарурал документал мекъ цIезарун ругинги абун диванчияс гьеб гьари къабул гьабичIо.

Диваналда тIоцебе сурав босана Мусала ГIумаровасухъа. Гьев ккола Пенсиязул фондалъул хIалтIухъанлъун. Гьес бицана жинда МуртазагIалиев цебегоялдаса нахъе лъалин ва жидер лъикIал гьоркьолъаби ругин. ГIумаровас абухъе, Амировасе МуртазагIалиев чIвазе бокьун бугеблъи гьесда бицана Колхозникица (гьеб буго ГIабдулхIалимовасул тIокIцIар). Хадуб гьес кинабго бицун буго МуртазагIалиевасда.

Тарумовка мухъалъул нухмалъулей Марина Абрамкинаца абуна диваналда Амировасул къасдазул хIакъалъулъ жинда МуртазагIалиевас бицанин. Гьелъ кьурал суравалда рекъон, «Шималияб альянсилан» гIадамаз цIар лъураб политикияб къукъаялъул цевехъанлъул вукIана МуртазагIалиев. Гьеб къукъаялда дандечIараб политикияб блокалъул цевехъанлъун вукIана Амировилан абуна Абрамкиналъ. Гьанибго тIаде жубала, диваналъул данделъиялда сурав кьолаго МуртазагIалиевас абуна букIана жинда щибго жо лъаларин «Шималияб альянсалъул» хIакъалъулъилан.

Амма кин букIаниги диваналда Абрамкиналъ абуна политикияб кIиго къукъаялда гьоркьоб дандечIей байбихьанин 2006 соналда халъкияб мажлисалда депутатал рищулеб мехалдаилан. ДандечIей хIалуцана 2012 соналъул байбихьуда Дагъистаналда цIияв нухмалъулев гIадамаз вищизе вугин хабар баккиндалилан абуна Абрамкиналъ. Гьелъ тIаде жубана гьеб мехалда лъалеб букIичIин республикаялъул нухмалъулев парламенталъ вищизе вукIин ва гьелдалъун Амировасулги МуртазагIалиевасулги хьулал рукIанин президентасул кресло щвелин.

Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасги кьуна баянал диваналда. Гьес абуна цо къоялда жив МуртазагIалиевасухъе рокъове щванилан ва гьесул чIужуги лъималги ратичIел мехалда гъикъанин гьел кире ругелян. «Джапарычас дун чIвазе буюрухъ кьун рагIула, гьел дица хъизан цогидаб улкаялде битIана», - илан жаваб кьунилан жиндие МуртазагIалиевасилан абуна Виноградовас.

Гьесул пикруялда рекъон, Амировасе рекIее гIолеб букIун гьечIо Дагъистаналда гIолохъонав, перспективаби ругел политик вакки. «Сагид ккола Дагъистаналда авторитет бугев чи. Нагагь гьев чIван вукIаравани, жеги 50 соналъ Амировасда данде кIалцин лъицаниги рагьилароан», - илан абуна Виноградовас.

Хадуб сурав босана Амировасул секретарь Тамара Канаевалъухъа. Гьелъ абуна жинда киданиги вихьарав чи гурин Колхозник. РакIалде щвезабила, цIех-рехчагIазул лъазабизда рекъон, Колхозник Амировасухъе вачIун вуго 2012 соналъул апрелалъул 26. Канаевалъул рагIабазда рекъон, гьей хIалтIулей йиго Амировасул секретарьлъун 1990 соналдаса байбихьун ва Амировасухъе вачIунев жив-жив чиясул цIар хасаб журналалда босула гьелъ ва Колхозникасул цIар гьеб журналалда гьечIо.

«Махачкалинские известия» газеталъул хIалтIухъан Наталья Бученкоца дивналда бицана жинца цIех-рехалда кьурал баянал мекъал ругин ва жий низам цIунулез тIамунин гьел кьезе. ЦIех-рехчагIазда гьелъ абун рагIула Амировас бачунеб букIанин газеталъул политика ва МуртузгIалиевасул хIакъалъулъ хъвазе гьукъулеб букIанин. Диваналдани Бученкоца абуна Амиров редакциялъул хIалтIуда гъорлъ лъугьунев вукIунчIин ва гьев жинда лъикIал рахълдаса гурони лъаларин.

14 маялда диваналда баянал кьуна полициялъул полковниклъун вукIарав МухIамад ГIабдуразакъовас. Гьесда гьикъулеб букIана кинав политик вукIарав Амиров, щиб хIалтIи гьес гьабулеб букIарабали.

Хадув диваналда ахIана Дагъистаналъул премьер-министрлъун вукIарав МухIамад ГIабдуллаев. «Шималияб альянсалъул» хIакъалъулъ жинда лъалин дораса-гьаниса щварал хабараздаса ва прессаялдасаилан абуна ГIабдуллаевас.

Амировасул адвокат Владимир Постанюкица абуна нугIаз кьурал баяназ бихьизабулеб бугин Амировасда гIунтIизабулеб гIайиб гьадингосеб жо букIин. Гьес абухъе, Амировасул секретаралъ анцIила хадуб соналъ цIезарулел приемазул журналал рихьизаруна ва гьениб Колхозникасул цIар букIинчIо.

Владимир Постанюк: «Саид Амировас кидаго абулеб букIана жив гьев чигун киданиги дандчIвачIин ва гьев лъаларин. Амма гьесул рагIаби гIадахъ росилищха. Канаевалъ бихьизабуна гьес битIараб бицунеб букIин. Цогидал нугIазги майилан босун Амировасда гIайиб чIвазе бегьулеб расниги жо бицичIо. Гьаниб рагIанин, доба рагIанин абун гурого. Диваналъул процессни батIаго халатбахъине гьечIин ккола. Живго Амировасги абуна данделъаби гьоркьоса къотIугеян. Гьесул сахлъиялъул хIал батIаго лъикIаб гьечIо, амма данделъаби гьоркьоса къотIугеян гьарана гьес. Диваналда гьадин абуна Амировас: «ГIадамазда бихьизе ккола дун гIайибав гьечIеблъи».

Гьаб анкьалда диваналъул жеги кIиго данделъи букIине бугилан абуна Постанюкица. Гьесул рагIабазда рекъон, цIех-рехалъул документазул халгьабизе ккола диваналда.
XS
SM
MD
LG