МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналдаса яс инжит гьайиялъ Ираналда халкъ ццидалъ буго


Тегераналда гIагарлъухъ анлъго сон барай Афгъанистаналдаса яс чIваялъ кутакаб ахIи-хIур гьабуна Ираналда. Гьелдаса разилъи гьечIолъи загьир гьабуна пачалихъиял хъулухъчагIазги гIадатиял гIадамазги.

ГьабсагIаталда Ираналда вуго гьеб улкаялдаса лъутун вачIарав цо млн-лде гIагарун чи. Гьениб Варамин абулеб бакIалда гIумру гьабулей йикIарай анлъго сон барай ясалда хIал гьабун буго 17 сон барав васас, цинги чIван йиго гьей.

Гьеб хIужаялъ ццим бахъинабурал ираналъулаз социалиял «гьиназдасанги» Тегераналда бугеб Афгъанистаналъул вакиллъиялъул минаялда цере ракIарунги цIакъ какулеб буго гьеб пиша (полициялъ нахъегицин гъуна гьениса гьел).

Ираналъул вице-президент Шагьиндогьт Мовлавердица фейсбукалда хъвана къабихIаб пиша гьабун бугин гьев васас, гьединлъидал гьелда рекъараб тамихIги гьабизе кколин гьесие. ТIадежоялъе гьесул хъизаналъги жаваб кьезе ккелин гьелъул.

Ираналъул прессаялъ хъвавухъе, гьей чIварай ясалъул эмен Шер Къурайш Араца бицун буго конфетал росизе тукаде арай гьей тIокIалъ ячIинчIин рокъое. Гьеб мехалда эмен живго хIалтIуда вукIун вуго, лъадуца ахIун лъан буго гьесда яс йилун йикIин (жибго гьел чагIазул хъизан I6 соналъ цебего Афгъанистаналдаса лъутун, Ираналда чIун буго).

Гьедин сордоялъ ялагьунги ятичIого, радал полициялде ахIун, ахирги тIаде ккун руго ясалъул жаназаялде.

Гьанже гьей ясалъул эбел-эмен чIун руго гьей инжит гьаюрав васги чIвазе къотIейилан.

Инсуца гьединго абулеб буго гьеб хIужаялъул бицине байбихьуда гIедегIулел рукIинчIин Ираналъул информалатал. Масала, дов зулмучи Афгъанистаналдаса вукIун, яс Ираналдаса йикIараяни, чIелаандайин гьел гьединан руцIцIун?

Динияв хIаракатчи, гьединго Ираналъул Исламияб республикаялъе кьучI лъурав аятолла Хомейнил васасул вас ХIасан Хомейница абуна гьединаб мехалда щибниги батIалъи букIине кколарин киса щал ратаниги, амма чияр ракьалдаги рукIун тIаде бачIараб гьединаб балагь цIакъ захIмалъулин.

БакIалъул парламенталъул депутат ХIуссейн Нагави ХIусаиница абуна гьеб ишалъулъ миллат цIехезе батиларин Ираналъул диваналъул вакилзабаз.

XS
SM
MD
LG