МагъчIваялъе рес

Блоггеразда "чангит балеб" къанун


Россиялда «Блоггеразул хIакъалъулъ» абун жинда цIар лъураб цIияб къанун хIалтIизе байбихьулеб буго I августалдаса нахъе. Щиб гьелъ кьезе бугеб интернеталдаги социяалиял гьиназдаги хъвадарулезе, кинаб пикру бугеб цIияб къануналъул хIакъалъулъ жалго блоггеразул. Ругищ, экспертазул пикруялда, Дагъистаналда блоггералъун рикIкIине бегьулел чагIи.

1 августалдаса нахъе Россиялда хIалтIизе байбихьулеб буго блоггеразул хIакъалъулъ цIияб къанун. Гьеб къануналда рекъон киналниги социалиял гьиназда ва интернет сайтазда хъвай-хъвагIаял, ай блогал ругел чагIи жавабалде ахIизе рес буго жидер хъвай-хъвагIаязухъ. Къануналда рихьизарун руго блоггераз хIисабалде росе колел шартIал, гьанже лъагIан гIицIго СМИязде гурони хурхен букIинчIел. Къануналъ цIиял ресал кьолел руго Роскомнадзоралъе интернеталда блогазулги сайтазулги хIалтIи рекъезабизе , хIажатал тIалабал тIуразаризе. Блоггерлъун рикIкIунев вуго цо сордо-къоялда жаниб жииндир интернет-гьумер 3000 чиясдаса тIадехун чияс цIалулев чи, щибав блоггерас гьабизе кколеб буго регистрация, жиндирго хIакъалъулъ кинабго информацияги кьун. Гьелда рази гьечIезе бихьизабун буго 10-50 азарго гъурщиде бахараб гIакIа, гIуцIиялъухъа 50-300 азарго гъурщиде бахараб гIакIа. Гьел тIалабал тIурачIого, гIинде гьаричIого танани Роскомнадзоралъул рес буго сайт яги батIияб интернет-ресурс тIубан къазе. Гьедин лъазабулеб буго Роскомнадзоралъ жидер интернет гьумералда.

«Rovego» абурав блоггерас жиндирго блогалда хъвалеб буго балъголъи лъалев чилъун вукIине кколарин гьеб къанун гIуцIцIарал чагIи ботIролъа жагъалал рукIин бичIчIизе. Гьесул пикруялда , тIоцебесеб къоялъ аза-азар гIисинал лъималаздаса бай-бихьун кIудиязде щвезегIан кинабгIаги политикияб яги социалияб кIваргьечIел, амма гьелдаго цадахъ жидер гIемерал цIалдохъаби ругел интернет хIалтIизабулел чагIи жидедаго лъачIого СМИлъун лъугьун ратизе ругилан.

Дагъистаналдаса журналист, машгьурай блоггер Светлана Анохиналъ, «Эркенлъи» радиоялъе бицана жинда гьеб законалда рекъон щибгIаги хъвалеб къагIида хисизабизе ракIалда гьечIилан.

Светлана Анохина: «Дун интернеталда цее кин хъвадарулей йикIун йатаниги, гьеб хIалалъ хъвадаризе йиго гьанжеги, гьеб къануналъ чорокал рагIаби хIалтIизаризе гьукъиги буго гIадаллъи, щайгурелъул гIурус мацIалъул цо кьучI буго гьеб. Дун гIурусай йиго, Гьел чорокаллъун рикIкIунел рагIаби цо дица хIалтIизаруел гуро, машгьурав хъвадарухъан Толстояс, Аксеновас ва жеги гIемер цогидаз хIалтIизарлел рукIана гьел. Миллиял гьоркьолъаби хвезариялъе абуни нилъер хIукуматалъул даражаялда цогIаги блоггер вахинаро.Гьебго телевидениялъ миллатазул цуцадехун рокьукълъи бижизабизе гьабичIеб жо толаро, Европаялъулгун, Украинаялъул, гьебго Америкаялъул гIадамаздехун рокьукълъи бижизабиялъулъ нилъер газет журналалда щивго ващалъиларо»

Гьединго Анохиналъ бицана гьеб цIияб къанун бахъи жинда релълъун бихьулин, цIа ккун рукъ бухIулеб мехалъ рукъалъул хважаин къадал рохьизе лъугьин гIадинаб жоялда.

Цогияв Дагъистаналдаса блоггер Айдемир Дагановас рикIкIунеб буго гьеб къанун цо рахъалъ хIажатаб букIанин, амма гьеб къабул гьабизе гIедегIанилан.

Айдимир Даганов: «Жакъа къоялъ гьеб къануналъул щибго кIвар букIине гьечIо, щайгурелъул блоггерлъун 3000 чияс хал гьабулеб интернет-гьумер бугев чи рикIкIунев ватанани , гьеб рикIкIунеб алат гьечIо, гьеб рикIкIунеб куцги лъалеб гьечIо. Гьеб ккола къанун жеги цIубан гьечIолъиялъул гIаламат. Цогияб рахъалъ интернеталъе хIажат букIана гьединаб къанун щай гурелъул , гьенир камуларо цогидал къабихI гьарулел хъвай-хъвагIаял лъолел чагIи. Амма бичIчIулеб гьечIо кин, мисалалъе босани Америкаялда бугеб сайталда хъвадарулел чагIи къануналда гъоркье кколелали. Гьединго цо гIунгутIиги буго гьениб. Жакъа телевидениялдаса кьураб передача босун блоггерас интернеталда лъолеб буго. Гьеб передачаялда биценеб жо уяб гьечIилан судалде кьунани, телевидениялъе щибго тамихI гьабуларо, амма блоггерасе тамихI гьабула. Гьединлъидал, гьеб къанун къабул гьабизе гIедегIанин тола дица. Аналитиказги риккунеб буго гьеб щвалде щвараб гьечIеблъи.»

Гьединго ,социалиял гьиназда жигарчилъи бугев журналист МухIамад МухIамадовас «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна Дагъистаналда политикияб кIвар бугев блоггерлъун кколин Расул Къадив, амма политикиял гурелги рукIунин гьел. Гьеб къанун МухIамадовасул пикруялда Дагъистаналда кинго хIалтIизе рес гьечIо, щай гурелъул 3000 чияс къойида жаниб хал гьабулеб интернет-гьумер бугев чи кIигоги ватиларин Дагъистаналда. Гьединго МухIамадовасул пикруялда блоггеразе хIажат буго гьез жидецаго дандбан гIуцIцIараб къанун.

2008 абилеб соналъ ГIизраилалъул блоггераз дандбан гIуцIцIун буго блоггеразул этикиял роценал ва къотIи гьабун буго гьел роценазда рекъон хIалтIизе. Цогидал хIукуматазда киналниги блоггерал гъорлъе кколеб , гьезул изнуял хвезарулеб къанун гьечIо.

XS
SM
MD
LG