МагъчIваялъе рес

ТIахьал ричулел директоралги, гIарац гьечIилан ахIдолеб министерлъиги


МахIачхъалаялъул кIиабилеб базаралда аскIоб тIахьал ричулеб бакIалда ричулел ругин школазе риччан рукIарал цIалул тIахьалилан щаклъи буго цо-цо чагIазул. Официалияб куцалъ гьеб баян лъицаниги тасдикъ гьабулеб гьечIо. Амма «Эркенлъи» радиоялъе щварал комментариязда рекъон гьеб хIакъикъат батизеги рес буго. Щай школазе цIалул тIахьал щолел гьечIел ва кинаб бугеб гьелъие бищун кIудияб гIилла?

КIиабилеб базаралда аскIор ричулел тIахьазул хIакъалъулъ хабар баккана исана тIоцебесеб сентябралда школал хIалтIизе байбихьун къоял ралелде. МухIкан гьаричIел баяназда рекъон гьел тIахьал рагIула МахIачхъалаялъул цо-цо школазе хIукуматалъ риччан рукIарал, гьел школазул нухмалъулезин абуни ричарухъабиги рекъезарун балъгого ричизе кьун руго гьел.

МагIарухъги, шагьаралда ругелги улбузул киназулго гIарз буго лъималазе цIалул тIахьал ричун росизе кколилан абураб. Киналго предметазул тIахьал росизе кканийин абуни гьезул щуазарго гъурущ унеб буго. Гьединаб ахIвал-хIал республикаялда бугеб мехалъ, хIукуматалъухъа чIорого щваралги тIахьал ричулел ругел школазул нухмалъулезе кинаб тамихIин гьабизе кколебилан гьикъулеб буго гьезда ццим бахъарал гIадамаз.

Гьединаб цо хIужа жидеца араб соналдаги тIатинабун букIанилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе, МахIачхъалаялъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев хисулей ГIалимирзаева Зайнабица.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Гъоркьисала нижехъе гIарзалъ рачIарал лъималазул улбуца бицана жидеца ричун росарал тIахьазда тIад батанин пуланаб школалъул штамп. Хал гьабидал хIакъикъаталдаги МахIачхъалаялъул школазул цоялъул штамп бугоан гьезул лъабабилеб ва 17 абилеб гьурмазда. Гьеб школалъул директорги ахIун гьесие кьварараб выговорги кьун букIана.

Гьес абулеб букIана гьел тIахьал жидеца тIаде цIиял рачIиндал «тIагIинарурал» рукIанилан, амма кинго бичIчIуларо гьедин тIагIинарурал тIахьал кин гьел ричарухъабазухъе ккаралали. Исанаги гьединго ричулел ругин гьел тIахьалилан абураб баян тасдикъ гьабизе гьелъие гIурал далилалги рукIине ккола, амма гьеб кинабго хIакъикъатлъун батизе рес буго.

Мисалалъе босилин, лъималазе бичулеб цо-цо кванида тIад букIуна штам, гьаб нигIмат бичизе гьукъараб бугиланги абун, амма гьедин бугониги гьединал нигIматал чанги руго тукабазда ричулел. Гьел ричулел ратарал тIахьаздаги школалъул штамп бугони гьел ккола хIукуматалъ школазе риччарал тIахьал, батичIони ричарухъабаз жидецаго бичулеб бугеб къайи ккола. Амма гъоркьиса гьединаб хIужа тIатинабун букIана, гьеб школалъул хIалтIухъанги хIалтIудаса яхъун йикIана нижеца.

Амма битIун бицани нилъел гьанир ругел цо-цо улбуз милатцин гьабуларо гьел тIахьазда тIад пуланаб школалъул штамп бугиш яги гьечIиш абураб жоялъул, бичулеб батараб тIехь гьез босула сундухъниги балагьичIого».

Гьаб бакIалда гьенибго тIаде жубазе бегьула ахираб ичIго, анцIго соналда жаниб Дагъистаналъул школазе цIалул тIахьал щолел гьечIилан абурабги суал. Щай гьел щолел гьечIел, лъида бугеб гIайиб? Гьелда тIасан гьадинаб баян кьуна «Эркенлъи» радиоялъе, Тахо-Годил цIаралда бугеб Дагъистаналъул гIелмиябгун, цIех-рехал гьарулеб институталъул гIелмияй хIалтIухъан МухIидинова Бахуца.

Баху МухIидинова: «Нижехъе рачIуна мугIалимзаби жидер гьечIила я тIахьал, я цIалул программаби абун. Мисалалъе, сон рачIун рукIана Семендералда исана рагьараб цIияб школалъул мугIалимзабазул тIубараб делегация.

Жидер гьечIила я тIахьал, я цIалул программа, я кабинетал, жидер гьечIила щибниги, бацIцIадаб тIамач гIадаб цIияб школагун хутIун ругила жал жидеца щибила гьабизе кколебилан абун. Нижеца гьезие кьуна цIалул программабазул электронныяб версия, гьединго цере рукIарал методикиял пособиялги. ТIахьал тIалаб гьаризе нуж ине кколин лъай кьеялъул министерлъиялдеян малъана нижеца гьезда.

Лъай кьеялъул министерлъиялъги хъваштIан гIарац гьечIила жидер тIахьал росизеян абулеб буго. ГIарац гьечIилан абун иш тIубалароха, гьеб гьечIиланги абун лъимер цIализабичIого тезе бегьилиш. ГIарац гьечIилан гьез абураб жоялда тIасанги цо рагIи абичIого гIоларо.

ТIахьал рахъизе рукIине федералияб бюджеталдаса Дагъистаналъе щуго миллион биччан бугилан абураб хабарги рагIана. Амма кибе гьеб биччараб, лъица гьелъул тIалаб гьабулеб бугебали лъалеб жо гьечIо гьелъулги.

ЛъикI гьечIо иш хIакъикъаталдаги, гIемерал школал руго тIахьалги гьечIого, амма тIахьал нижер институталъул гIайиб ккун гуроха рахъулел гьечIел. Нижер масъала буго тIахьал хъвай. Институталъул гIалимзабаз лъагIалабаца тIадги чIун хъвалел руго гьел, лъай кьеялъул министерлъиялъ гьел архивалде кьолел руго гIарац гьечIиланги абун, гьедин 30 соналъ цере хъварал тIахьалцин руго жакъа архивалда хIурги тIад ккун.

Советияб заманалда Дагъистаналда цо лъагIалие бахъулеб букIун батани ичIго мацIалда хъвараб 114 учебник, гьанже цо соналда жаниб гьелго мацIазул бахъулеб буго микьго тIехь, хIисаб гьабеха 114 ва 8. Гьедин буго иш. Печаталдеги рахъулел гьечIони тIахьал хъвазе гъираги лъилха букIинеб?».

ЦохIо МахIачхъалаялда гуребги гьединал цIалул тIахьал ричулеб кIудияб базар буго Дербент шагьаралдаги. Гьединлъидал тIадехун бицен гьабулеб къагIидаялъ, школалъеян хIукуматалъ риччан рукIарал тIахьал гьенирги ратулин ричулелилан абулеб буго гIадамаз.

XS
SM
MD
LG