МагъчIваялъе рес

Европаялъул диваналъул суалазе жаваб кьезе буго Россиялъул хIукуматалъ


Франция -- Страсбургалда бугеб Инсанасул Ихтиярал ЦIунулеб Европаялъул Диван. 03Июл2012
Франция -- Страсбургалда бугеб Инсанасул Ихтиярал ЦIунулеб Европаялъул Диван. 03Июл2012

Исана марталда Европаялъул диваналъ къабул гьабуна Дагъистаналдаса гIарза.Гьеб ккола ГIалиев Сиражудинги гьесул вацгIал ГIабдуллаев ГъазимухIамадги рикъиялда хурхараб хитIаб.

Сиражудинги ГъазимухIамадги ккола 24 сон барал гIолохъаби. Сиражудинил эмен Низамудиница Эркенлъи Радиоялъе бицухъе, гьел рикъун руго февраль моцIалда МахIачхъалаялда гIадада къад, гIадамалги ругеб "Восточный базар" абулеб бакIалдаса. «Калина» автомобилалда унел рукIарал гьел кIигоял къватIиреги рахъун рухунги руго.

ГIагарлъиялда кколеб буго гьеб гьабурал чагIи къанун цIунулел хIалтIухъаби ругилан. Рухун гьелгун, гьаваялдеги кьвагьдон гIолохъабиги рачун ун руго гьел. Цадахъго бачун буго гьезул «Калина» автомобильги. Амма жидер васал рачун иналъул кибниги хъвай-хъвагIай батун гьечIо гьезул эбел-инсуда. Гьезухъ руго баянал гьел васал экстремизмалдагун терроризмалда данде къеркьолеб централде рачун ругин абурал.

Европаялъул диваналде битIараб гIарзаялда Сиражудинилги ГъазимухIамадги эбел-инсуца хъвалеб буго жал хIинкъун ругин цо бакIалда жанирги тIамун гьезие гIакъуба кьолеб батиялда. ГIемерисеб мехалда гьедин гIакъубаги кьун, хадур араб бакI лъачIого тIагIунин рикъун арал гIолохъаби.

Жиндир къварилъи бичIчIулев чи къанагIат гурони дандчIвалев гьечIин бицунеб буго Низамудиница Эркенлъи Радиоялъе. Кинаб идараялде щваниги, цIакъ ракI лъукъулеб суал кьолила.

ГIалиев Низамудин: «Рохьовейищин аравин гьикъула. Мугъзал гьодалде хIал ккун щуго минуталъ я вахъун чIезе, яги гIодов вукIун чIезе кIоларев вас вуго гьев. Кинаб рохь букIунеб, гIабдалзаби!? ТIадежоялъе тохтурзабаз кьурал кагъталги ругеб мехалда, гьедигIан цIакъ гIад-хочI гьабизе, инжит гьаризейищ кколел?»

Къуваталъул идарабазда гьелъул хIакъалъулъ лъалеб жого гьечIин абулеб буго гьес.

ГIалиев Низамудин: «ЦIех-рехги тIаса-масаго гьабун буго, гьел ралагьулел ругилан хвелалги гьарун. Киназдаго кинабго лъала. Бокьарас бокьараб гьабулеб буго. Щивниги гьеб бихьулеб хIалалдаги гьечIо, бадиб хьухь лъурал гIадин руго. Гьеле гьениб бугеб жо. Дозда кIвезеги кIоларо тIокIаб жо гьабизе».

Европаялъул диваналде гIарза кьезе Низамудиние кумек гьабуна «Правовая инициатива по России» абураб гIуцIиялъул вакил Кушлейко Анастасияца.

Кушлейко Анастасия: «10 сентябралде щвелалде хIукуматалъ гьеб диваналъул суалазе чIванкъотIарал жавабал кьезе ккола – цIех-рех кинан унеб бугеб, гIайибиял чIезариялъе щиб гьабурабали. Гьединго хIукуматалъ рихьизаризе ккола гьеб такъсирияб ишалъул цIех-рехалъе хIажатал далилалги».

Европаялъул диваналде гIарза кьеялъул хIасил ккелин абураб чIванкъотIараб пикруги гьечIо Низамудинил.

ГIалиев Низамудин: «Гьеб цохIо Аллагьасда лъала гьанже. Дир гьаб дунялалда сундениги хьул гьечIо, ТIадегIанасде гурони. Жинцаго бижизабураб бегIукълъиялъул киналго рахъал рихьизарулел руго гьабсагIаталда гьаб системаялъ».

Гьеб хIужаялда бан гьез гьабураб хитIабалъе Дагъистаналъул нухмалъиялъ тIири жаваб кьун гьечIо.
XS
SM
MD
LG