МагъчIваялъе рес

М.Черкесов: «...гьелгун къацандун дун бергьунаро»


Президент Владимир Путин Сочиялъул Олимпиадаялде хlадурараб Цlорол Кlалгlаялда. 07Фев2013
Президент Владимир Путин Сочиялъул Олимпиадаялде хlадурараб Цlорол Кlалгlаялда. 07Фев2013

Cочиялда 2014 соналъул хасалил Олимпиада байбихьизе хутIун руго 200-ялдаса дагьал къоял. Гьел хIаязде хIадурлъулел руго спортсменал гурелги артисталги. Дагьаб цебегIан лъана Олимпиада рагьулаго ва къалаго Кубаналъул казаказул хор гьениб цебе бахъине букIин. РукIине ругищ гьенир Олимпиада тIобитIулел ракьазул бетIергьабилъун рукIарал черкесазул артистазул яги гьенир рукIарал халкъазул тарих бихьизабулел кинал рукIаниги церерахъинал?

Олимпиадаялда бергьарал спортсменазе медалал черкесазул миллияб ретIел хъабалаби ай полошаби ретIарал ясаз цере росун рачIани, Олимпиада рагьулаго ва къалаго улкабазул цIарал хъварал игIланал чухъаби ретIарал васаз росани ва гьеб кIиябго тадбиралда Олимпиада тIобитIулеб ракь черкесазул букIанин ракIалде щвезабуни ва гьелда релъарал цоги тадбирал гьаруни бокьилаанин жидеейин хъвараб кагъат битIун букIун буго Черкесазул ТIолгодунялалъул Ассоциациялъги черкесазул цоги жамгIиял идарабазги Олимпиада гIуцIулеб комитеталдеги, улкаялъул президентасухъеги, хIукуматалдеги. Жидер гьел церелъеял гIадахъ росилин абунин гьез, амма гьел киналго гьариял гьез тIуралин кколарин жиндаян бицана Эркенлъи Радиоялъе Гъарачайгун-Чергессиялъул «Хаса» абулеб жамгIияб идараялъул нухмалъулев Черкесов МухIамадица.

Черкесов МухIамад: «Нижеца кинабгIаги квал-квал гьабулеб гьечIо Олимпиада гьабиялъе. Нижеда лъала нижер разилъи разилъунгутIи цIехечIого гьез гьеб гьабизеги бугеблъи. Амма нижее бокьун буго, иш гьадиниса ккун бугелъул, гьаб ракьалда Олимпиада гьабулеб бугелъул-гьаб ракь лъил букIарабали ва гьеб халкъалъе щиб ккарабали бицунеб бутIа Олимпиада рагьиялъул ва къаялъул церемониялда букIине.

Нижеца нижерго церелъеял гьарун хадусан ЧIегIер ралъдал рагIалда ругел шапсугазул Адыгъа-Хасаялъул нухмалъулев восун вуго Олимпиада гIуцIулеб комитеталде. Гьелде тIадеги гьез абуна нижер мурадал гIадахъ росизе ругин, «Олимпиадаялъул росулъ» гьел хIаял унеб заманаялда черкесазул культуриябгун-этнографияб музейги рагьизе бугин абуна. Абунаха, амма дида кколаро нижер киналго церелъеял гьез тIуразаризе ругин, гьезул цо кинаб букIаниги бутIа программаялде босилин абунаха гьез».

Черкесов МухIамадица гьединго абуна жинда кколин гьенир Россиялъул киналго халкъал рихьизарун рукIине ругин, гьездаго гьорокьор черкесазул культуриял коллективалги, амма гьеб ракь лъил букIарабали тIадчIей гьабун гьез бихьизабичIони, хутIаралъул жиндие кIвар букIине гьечIин.

Черкесов МухIамад: «Черкесазул ракь букIанин гьебин абичIого, гIицIго гьенир черкесазул кьурдухъабигун кочIохъаби цере рахъиналъул ва Олимпиада рагьиялъулгун къаялъул церемониялда гьел гIахьаллъиялъул дие кIвар гьечIо. Дир ракIалъ, черкесазул ракIалъ гьеб къабул гьабуларо. Дица рикIкIуна гьениб абизе кколин ва кIвар буссинабизе кколин Олимпиада черкесазул ракьалда унеб букIиналде ва гьенир гIайиб гьечIого чIварал гIадамал ракIалде щвезаризелъун сихI къотIиялъул минутагIаги лъазабизеги кколин. Гурони, цоги жоялъул дие кIвар гьечIо».


Гiадатлъун лъугьун буго дунялалда киналго Олимпиадаби рагьиялъул церемониялда гьеб унеб ракьалъул ва гьенир гIумру гьабулел рукIарал халкъазул тарих гьениб рагьиялъул церемониялда бихьизаби.
Сочиялъул Олимпиада рагьиялъул ва къаялъул церемониялда Кубаналъул казаказул хор гIахьаллъизе бугин лъазабулеб буго. Цоги киса артистал гьенир рукIине ругелали жеги балъго гьабулеб буго рехсараб церемония хIадурулез.

Черкесов МухIамад: «Батила гьез абизе гьеб ракь казаказул бугин, казаказул ракьал Дон гIор бахун квагIисеб рахъалда рукIинчIолъи гьезда цIакъ лъикI лъалеб бугониги. Гьанже гьелгун къацандун дун бергьунаро, къацандизе дие бокьунги гьечIо.

Щай черкесаз жидерголъун рикIкIунеб ракьалде цо-цо казаказги абулеб казказул умумузул ракьилан. Кидаха казакал рачIарал Кубаналде?
ЧIегIер ралъдал казаказул аскар гIуцIун букIана туркалгун-гIурусазул рагъул заманаялда 1787 соналда, гьебги хIукуматалъул аскараз гъурун хутIараб Запарожьеялъул Сечалъул аскараздасан. Цо лъагIалидасан цIияб аскаралда вукIун вуго 12 азарго чи. Жидее бихьизабураб бакIал гIолел гьечIел казаказ хасаб къукъа битIула Петербургалде Екатерина II-билелъухъе Россиялъе щварал цIиял ракьазда жидее бутIа гьаризе. Гьедин байбихьула казаказ 1864 соналде щвезегIан Кубаналда кьалбал ричIчIазе.

http://zema.su/blog/istoriya-zaseleniya-kubani-kazakami-1792-1864-gody

http://bolshoy-beysug.ru/home/istoriya/331-zaseleniyakubani.html
XS
SM
MD
LG