МагъчIваялъе рес

Роман Силантьевас Равил ГIайнудин какана


ГIемерал бусурбабазда ккола Роман Силантьев исламофоб вугин.
ГIемерал бусурбабазда ккола Роман Силантьев исламофоб вугин.

Хабаровскалда тIобитIараб бусурбабазул форумалда Россиялъул профессор Роман Силантьевас бусурбабазул цо-цо церехъабазде гIайибал гIунтIизаруна, хъубал рагIаби хIалтIизарун. Масала Россиялъул муфтиязул Шураялъул бетIер Равил ГIайнудиниде.

Экспертаз абулеб буго батизе бегьулин гьеб бугин ТIалхIат Тажудиница цебеккунго ургъун хIадурараб ишилан ва Силантьевас гьесул рахъ ккун, кумек гьабулеб бугин ГIайнудинил къадру хвезабизе.

«Ислам – РикIадаб Машрикъалда. Цолъиялъул ва разилъиялъул территория», ан абулеб цIаралда гъоркь Хабаровскалда 11-12-билеб маялда букIараб форумалда гIахьаллъана тIолго Россиялдаса рачIарал батIи-батIиял жамгIиял гIуцIабазул ва диниял идарабазул ваилзаби.

Дандбан букIана цо чанго кIвар кIудияб суал – мажгитал раялъул, терроризмалдаса щолел хIинкъабазул ва гьединал цогидал.

Форумалда гIелмиял хитIабал гьаруна бусурбабазул ва насраниязул рухIаниязги, машрикъ лъазабулезги. Форумалъул тIоцебесеб къоялъ бусурбабазул рухIанияз ва РикIадаб Машрикъалъул ГIисал диналъул епархиязул вакилзабаз гъулбасал лъуна цадахъаб къотIи-къаялда гъоркь. Къабул гьабун букIана гьеб регионалда Ислам-диналъул хIаракатчилъи цебетIезабиялъул проект.

Амма букIана рехсараб форумалда хIужа, гIемерал бусурбабазул ракI буссинабураб. Россиялда цIар арав гIалимчи Роман Силантьевас Россиялъул муфтиязул Шураялъул бетIер Равил ГIайнудинил хIаракатчилъиялъе гьадинаб къимат кьуна:

Р. Силантьев. «Гьеб гIуцIиялъе нухмалъи гьабулеб буго Равил ГIайнудиница. Гьев ккола хIурматияв ТIалхIат Тажудинил гIагарав чи ва жиндир заманалда гьев вукIана гьесул мутIагIиллъун. Гьелдаса нахъе гьев витIун вукIана Москваялде гIадатиял бусурбабазул интересал цIунизе. Россиялъул бусурбабазул централияб рухIияб идараялде. Амма 1994 соналда гьес жиндирго мугIалимасе хияналъи гьабун, жиндирго хIай байбихьана.

1996 соналда живго жинцаго тIолго Россиялъул бусурбабазул цевехъанлъун лъазавуна. Гьес абуна киназдаго тIадаб бугин Россиялъул муфтиязул Шураялде гъорлъе ине. Амма гьадин ккечIо. Ахирисеб 22 кIиго соналда жанив гьес къасд гьабулеб буго Россиялъул бусурбабазул патриархлъун лъугьине».

Форумалда гIахьаллъарав Хабаровск шагьаралъул татаразул миллиябгун маданияб автономиялъул бетIер Сарвердин Туктаровас нижер радиоялъе баян гьабулаго, гьадин бицана Силантьевасул хIакъалъулъ.

Туктаров Сарвердин: «Гьес Равил ГIайнудинидеги Ашировасдеги гIайибал гIунтIизарулаан, хъубал рагIаби хIалтIизарулаго. Ашировасда абуна гъов уголовник вугилан. Форумалъул тема - цолъи ва гьудуллъи. Бегьулищ гьадинаб цIаралда гъоркь тIобитIулеб форумалда гьединаб берцинаб гуреб калам гьабизе?

Лъицаниги данде рагIи абичIо. Дицаги абичIо. Дун вихха-хочараб хIалалда вукIана. Аслияб къагIидаялда залалда рукIана муфтияталъул вакилзаби. РукIана чIахIиялги, гIемерал гIурусалги рукIана - тIалъиялъул рахъалъан. Абилищха гьадинал гIадамаз данде рагIи?

АнцIго гурони чиясда тIокIаб лъиданиги кIвелароан данде рагIи абизе. Форумалдаса эркенаб заманалда ниж киназго дандбана гьеб хIужа.

Тушманлъиялъул бербалагьи гьечIо дир гьелда бан. ГIаксалда, дун гьеб форумалде вачIун вукIана кIудияб интерес ккун. Амма дир ракI буссинабуна гьелъ.

Дида ккола гьеб цебеккунго хIадурараб иш букIанин. Щайин абуни, тIалъиялъул вакилзаби гIажаиблъичIо, лъавудаса инчIо. Гьав профессорасул киналго гьунарал лъала нижеда.

Гьесул кIалъаялъул хаслъиги лъала. Силантьев вуго цIар арав чи. Ва гьединал ишазе кIудияб асар гьабизе кIола гьседа. Буго гьесул бечедаб хIалбихьи. Амма гьадинал хъубал рагIабаздалъун гьабураб гьесул каламалъ дун тамашалъизавуна.

Узухъда, нилъер улкаялдаги рагIуе эркенлъи буго ва щивасул ихтияр буго жиндирго пикру гьабизе, амма гьедегIан квешаб куцалда, гIайибал чIвазабун бегьулебдай? Лъаларо».

XS
SM
MD
LG