МагъчIваялъе рес

Шенгеналда жаниб "мини-Шенгеналъул" планал


Голландиялъул хIукуматалъ улкаялда жаниб ва цо-цо улкабигун дандбан буго Шенгеналъул зонаялда ругел цо-цо улкабазул гIурхъабазда паспорталъул контроль цIикIкIинабиялъул суал. Гьелъул мурад буго мигрантазул ва жиде-жидер улкабаздаса лъутун рачIунезул къадаралъе контроль гьаби.

Шенгеналъул зонаялда жаниб «мини-Шенген» гIуцIиялъ гьеб зонаялда жаниб бугеб 26 улкаялда гьоркьоб эркенго хьвадиялъул гарантия хвезабулеб бугин ракIалде кколеб буго.

Европаялъул комиссиялде жеги бачIун гьечIо «мини-Шенген» гIуцIиялда сверун кинаб букIаниги официалияб цебелъей. Гьедин лъазабуна рехсараб комиссиялъул пресс-секретарас.

Европаялъ хIаракат бахъулеб буго Дунялалъул кIиабилеб рагъдаса хадуб бищунго кIудияб мигранатазул карачелалъ гьабураб кризис рагIалде бахъинабизе.

Алманиялъул жанисел ишазул министр Томас де Мезьерица Берлиналда араб анкьалда букIараб пресс-конференциялда лъазабуна Голландиялдаса жиндиргун пиша цояс гьабураб гьеб цебелъей Алманиялъе гIемерго рекIее гIечIин.

Голландиялъул план цодагьаб батIияб буго Шенгеналъул зонаялда жаниб щибаб улкаялъул гIорхъода паспортазул контроль гьаби лъикIаблъун бихьулеб Франциялъул планалдаса.

Гьеб киналъего гIиллалъун ккун рукIана 13 ноябралъул сардилъ Парижалде гьарурал тIадекIанцIиял. Гьезул хIасилалда хун вуго 130-гIан чи ва жеги нус-нус чи лъукъун вуго.

Нагагь къабул гьабуни, Голландиялъул планалда рекъон, «мини-Шенгеналде» гьоркьоре ине руго Австрия, Алмания, Бельгия, Люксембург ва Голландия. Гьедин лъазабулеб буго De Telegraaf газетаялъ.

XS
SM
MD
LG