МагъчIваялъе рес

Россиялъ гьукъаниги, гIурхъи бахунеб буго турказул нигIматаз


Дагъистаналъул «Роспотребнадзоралъул» хъулухъалъ тIатинабун буго МахIачхъалаялъул кванил нигIматал ричулеб базаялда Туркиялда гIезабураб чанго батIияб нигIмат.

Интернет-мухъ

Гьукъараб къайи-цIа бичулел ратарал ричарухъабазда тIад администравияб иш рагьун буго гьез, кинабго нигIматги гьезухъа нахъе босун буго. Кин бичизе гьукъараб къайи-цIа Турциялдаса Дагъистаналде бачIунеб?

«Роспотребнадзоралъул» хъулухъалъ ричарухъабазухъа бахъараб кванил нигIматазда гъорлъ руго помидор, охцер, гени-гIеч, цитрусалъулаб пихъ - ананас, мандарин, банан ва гьеб гуребги, батIи-батIияб нигIматазул цо тоннаги хадубги. Гьел ккола цадахъго кванил нигIматал ричулел базабазда бича-хисулеб къайи-ц1а.

Аслияб куцалда гьел базаби руго тахшагьаралъул кIиабилеб базаралда сверухъ. Радал хеккого гьезухъаги босун гьебго нигIмат гIадамазе киллограммаца бичула цогидал ричарухъабаз.

«Эркенлъи» радиоялъул мухбир дандчIвана гьел ричарухъабигун. Жидеца Турциялдаса бачIунеб нигIмат бичуларин абулеб букIана гьез киназго, амма радиоялъе комментарияй кьезе инкар гьабуна.

Араб соналда Россиялдагун Турциялда гьоркьор пачалихъалъулал гьоркьорлъаби хIалуциналда бан, президент Путиница гьеб пачалихъалда данде экономикиял санкциял лъазаруна. Турциялдаса бачIунебщинаб кунеб нигIматги, ретIел-хьитги бичизе гьукъун букIана Россиялда, цадахъго Дагъистаналдаги.

Амма гьединал гъукъа-къаялги лъазарун хадубги кинаб куцалдаха турциялъул нигIматал Дагъистаналде рачIунел? Гьеб суалалъе жаваб кьезе разилъулел рукIинчIо «Роспотребнадзоралъ» халгьаби тIобитIарал даранчагIи. Бихьулеб букIана гьеб темаялда тIасан хабар бицине гьел хIинкъулел рукIин.

ГIицIго ХIажиев СагIаду разилъана «Эркенлъи» радиоялъе комментарий кьезе. Турциялдаса бачIараб нигIмат бичуларин жиндир гьанибилан абуна гьес гара-чIвари байбихьулаго, жиндир гьаниб бугин Мисриялдаса, Ираналдаса, Азербайжаналдаса бачIунеб цитрусалъулаб пихъ. Амма гьукъа-къай лъазабуниги Турциялъул нигIмат кигIан бокьаниги бугила жакъа къоялъги Россиялъул регионазде бачIунеб.

ХIажиев СагIаду: «Улкаялъул хIукуматалда бихьуларогойищ гьеб бугеб? ЧIахIиял «Камазал» цIун бачIуна турциялъул помидор Армения къотIун Россиялде. Помидор бищун гьукъараб буго Турциялъул нигIматазда гьоркьоб. Гьукъа-къай лъазабун буго гIарац кьечIеб бакIалда, рищват кьураб бакIалдаса абуни бокьараб нигIмат биччала. Гьединаб даража буго нилъер таможниялъул.

«Евроцолъиялъул» пачалихъаздаса рачIунел нигIматазе гьукъа-къай лъазабуралдасаги гIемер мех балеб буго, амма жакъаги Польша къотIун бачIуна гьениса нигIмат Россиялде».

Амма ХIажиев СагIаду мукIурлъана гьукъа-къай лъазабуниги Турциялдаса бачIунеб нигIмат лъикIабги, бичун босизе учузабги букIанилан.

ХIажиев СагIаду: « Гьанибе щвезабиялъул рахъалъ санагIалъи букIана турказул нигIматазул нижее. Жибго нигIматги лъикIаб букIана гьезул, гIадамазеги рекIее гIолаан. Гьанже гьезиеги буго зарал, добаса гьеб босулел рукIарал нижееги буго зарал.

Зарал букIинарищха гIадамазе, мисалалъе босани, гъоркьисала мандариналъул цо килограммалъул багьа букIана 30-40 гъурущ, гьанже 80 гъурщиде бахун буго гьеб, байрамкъоязде абуни гьеб жеги хиралъула.

Кидаго букIараб стереотип буго гьеб, пачалихъалъул хIукмаби сабаблъун мискинхалкъ къварилъиялда хутIула. Базаралъ жинцаго бицунеб буго халкъалъухъа гIарац лъугIун букIин. Даран чIун буго, цебе дица къоялъе 10 ящикгIаги бичулеб букIун батани, гьанже кIиго ящик гурони унаро».

ЭР: «Гьанже нужеца Ираналдаса ва Мисриялдаса баччулеб пихъил даража кинаб бугеб турказулалде дандеккун?».

ХIажиев СагIаду: «Гьезулги квешаб гьечIо, амма турказул нигIматалде гьеб бахунаро».

Турциялда данде лъазарурал экономикиял санкциязул хIасилалда Россиялъе ккезе бугеб зарал кIудияб гьечIин абулеб букIана экспертаз араб соналъул декабралда. Гьезул рагIабазда рекъон бищунго кIудияб зарал гьелъ гьабизе буго жибго Турциялъул экономикаялъе. Турциялда хIадур гьабураб гIемераб къайи-цIа бачIуна Дагъистаналдеги.

Амма ричарухъабазул, гьединго гIадатиял гIадамазул пикруялда рекъон гьеб дагьабги лъикI буго. Гьел санкцияз рес кьезе бугин нилъерго гьанир хIадур гьарурал нигIматал гIезаризеян абулеб букIана гьез доб мехалъ. Амма санкциял лъазарун лъабго моцI индал даранчагIазул цо бутIаялъ загьир гьабулеб пикру батIияб буго цебе букIаралде дандеккун.

XS
SM
MD
LG