МагъчIваялъе рес

Сали Сулайман: "Къуват рагъда гуреб - спорталда бихьизабизе ккола"


Сали Сулайман, "Дагъистаналъул гъалбацI".
Сали Сулайман, "Дагъистаналъул гъалбацI".

Жиндир заманалда тIолго ГIагараб Машрикъалда цIар арав, ГIусманияб Империялъул султIанил чIухIилъун вукIарав гугарухъан Сали Сулейманица Дагъистаналъул гугарухъанасулгун 1904 соналда букIараб къецалда къун, жиндирго цIаралдаса инкар гьабуна.

«Къурав чиясда Сали Сулейманин абизе бегьуларо, - ян абуна Сулейманица ва тIаде жубана, - дир ракI чIун буго дидаса бергьарав бахIарчияс гьаб цIаралъе жеги кIудияб машгьурлъи кьезе букIиналда».

Гьелдаса нахъе Мамма Кочап Махтуллаев вахъана Сали Сулейманлъун. КватIичIого къватIибе биччазе буго гьесул гIумрудул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехь ян абуна гьелъул автор, хъвадарухъан ва журналист МухIамад-Наби Халиловас.

Мамма Махтуллаев гьавуна ва гIуна эбелалъул гIагараб Гъоркьияб Гъазанищ росулъ. Гьесул эмен - Телекьа Махтулла гьениб гIумру бана жиндирго хъизамгун цадахъ.

1897 соналда Темир-Хан-Шураялде – гьанжесеб Буйнахъск – бачIун букIана Санкт-Петербургалъул цирк. Церерахъин ахиралде щун хадуб байбихьана гугариялъул къец.

Бокьарав чиясул ихтияр букIана къецалдулъ гIахьаллъизе. Циркалъул гугарухъаназде данде веккерун ана 18 сон барав Мамма. Гьев бергьана циркалъул микьго багьадурасдаса, ичIабилевлъун вукIана Россиялда ва тIолого дунялалда цIар арав Иван Поддубный.

Гъозул дандчIваялъул щивго бергьинчIеб хIасил ккана. Иван Поддубный гIажаивлъана ва ахIана Мамма жиндаго цадахъ Россиялъул тахшагьар Санкт-Петербургалде. Доб къоялъ байбихьана Мамма Кочал Махтуллаевасул карьера.

1904 соналда турказул цIар арав гугарухъан Сали Сулайманица Маммагун букIараб къецалда къун, жиндирго цIаралдаса инкар гьабуна.

«Къурав чиясда Сали Сулейманин абизе бегьуларо, дир ракI чIун буго дидаса бергьарав бахIарчияс гьаб цIаралъе жеги кIудияб машгьурлъи кьезе букIиналда». ян абун. Гьедин Мамма мустахIикълъана дов Сали Сулейманил цIаралъе. Гьеб цIаралъе гьес жеги кIудияб машгьурлъи ва гвангъи кьуна.

БатIи-батIиял соназда тIоритIарал гугариялъул къецазда дагъистанияв Сали Сулейман дандчIвана дунялалда цIар арал чемпионал полякав Станислав Збышко-Цыганевичгун, гьирияв Бола Конуковгун, иранияв Балалгун, гьиндияв Сайд Кахутигун, американияв Том Каннонгун, испанияв Альберто Гонсалесгун, алманияв Якоб Кохгун, парангав Рауль де Бушегун ва гIемерал цогидал чемпионазулгун ва лъиданиги кIвечIо гьесдаса бергьине.

Сали Сулайман Буйнахъскалда.
Сали Сулайман Буйнахъскалда.


Гьесие хъат кьабулаан Англиялда, Италиялда, Австриялда, Испаниялда, Албаниялда, Ираналда, Туркиялда, Азербажаналда, Болгариялда, Бельгиялда, Даниялда, Япониялда, Польшаялда, Китаялда, Швециялда, Гьиндустаналда, Америкалда .

Сали Сулайманил каранда 47 меседил шапакъат гвангъулеб букIана. Ва гьев вахъана дунялалъул кIицул чемпионлъун. Спорталъул арена Сали Сулайманица тана гьесие 70 сон тIубараб мехалда. Амма жибго спорт гьес течIо.

Гьесул хIаракаталдалъун Дагъистаналда бижана гугариялъул чемпионазул тIубараб наслу. Аммаила, рекIелъ гIагалигун абулеб буго Дагъистаналъул хъвадарухъан МухIамад-Наби Халиловас , жакъа гьесул цIар кIочон тун буго гIолохъанаб гIелалда.

Хасго гьеб сабаблъун жинца байбихьанин Сали Сулайманил гIумрудул тарих лъазабизе, ян абуна МухIамад-Набица нижер программаялъе интервью кьолаго. Мун дандчIван вукIанищ Сали-Сулаймангун? Гьадинаб суалалдаса байбихьана нижер гара-чIвари.

МухIамад-Наби Халилов: «Цо гуреб нухалъ - чанги нухалъ дун данчIвана гьевгун 1950- соназда Гъоркьияб Гъазанищ росдал мактабалъул цIалдохъанлъун дун вукIараб мехалда.

Дол соназда Сали Сулайман ризго вачIулаан жиндирго гIагараб росу Гъазанищуве. Гьесдаго цадахъ кидаго рачIулаан гьесул васал Камал ва ГIагарагим. Гъолги рукIана гугарухъабилъун. Спорталъул мастераллъун.

Росдал клубалда инсуцаги васазги рихьизарулаан жидерго гьунарал, жидерго къуват, жидерго гургариялъул махшел. Камал ва ГIагарагим къацандулеб куцалъ ниж, росдал лъимал, гIажаиблъизарулаан.

Сали Сулайманица тренер ва хIисабалда гьезда малъулаан - гугариялъул батIи-батIиял къагIидаби рихьизарулаго. Доб мехалъ гьесие букIана 77 сон. Жинцаги жиндирго къуват бихьизабулеб букIана гьес гIадамазде. БакIал жал рорхизарулаго».

ЭР: - Амма гьеб буго гIицIго лъимерлъиялъул ракIалде швеял? Гурищ? Гiун ратун ругищ гьел мухIканаб тIехь хъваялъе?

МухIамад-Наби Халилов: «Гьале гьадинал лъимерлъиялъул заманалъул ракIалде щвеяз дие асар гьабуна Сали Сулайманил хIакъалъулъ макъало гуребги – бокьилаан мухIканаб тIехь хъвазе.

Дида цебе захIматаб масъала букIин дида бичIулеб букIана. БукIаниги дица байбихьана тарихияб роман хъвазе. Амма цебе хIажатаб букIана гьев вихьарав ва гьесулгун лъай-хъвай букIарал гIадамазулгун дандчIвазе ва гъозул ракIалде щвеял ракIкIарун, гьел рукIалиде ккезаризе.

ДандчIвазеги дандчIвана гIемерал гIадамазулгун. Гъозул харбаз дун кутакалда хIайранлъизавуна. ГIицIго гьесул гучалъул ва гугариялъул махшелалъул гуребги - гьез бицулаан Сали Сулайманил гIаданлъиялъул, гьесул рахIму-цобалъул, гьесул инсанлъиялъулги.

Масала аскIоса унеб мехалда, мискинал гIадамал рихьулаго, гьес гъозие садакъа кьолаан кидаго. НугIзазул харбазда мугъчIвай гьабун, дица дирго романалда гьединал хIужаби берцинго рихьизаризе къасд гьабуна. Сали Сулайман лъалел гIадамазул рагIабазда рекъон гьес Буйнахъскалда букIараб бесдал лъималазул рукъалъе рахIму-цIобалъул кумек гьабулаан. Гьале гьадинаб хасият букIана гьесул».

ЭР: - Документал щванищ духъе?

МухIамад-Наби Халилов: «Документаздаса жеги интересиял харбал дида рагIана Сали Сулайман лъалел гIадамаздаса. Масала Гъазанищ росулъа Закарьяев МухIамад абурав чиясдаса.

Гьев щуго соналъ цеве гIумруялдаса ватIалъана. Гьесие 103 сон букIана. Гьале гьевгун дандчIван ва гьесул харбазухъ гIинтIамун, дида гIемерал интересиял жал лъана. Гьедин букIинчIебани - дида кIвелароан Сали Сулайманил хIакъалъулъ тIехь хъвазе.

Гьединго гIезегIанго хIужаби диде рицана дир гIагараб Гъоркьияб Гъазанищ росдал гIадамаз. Документазулийн абуни - архивазда дагьал документал гурони, тIокIал ратичIо.

Пуланаб соналъ гьавунин, пуланал соназ Бакуялда бугеб циркалда хIалтIулаанин. ГIемерал гIадамазда лъала гьев Поддубный Иванаил кумекалдалъун къоабилеб гIасрудул байбихьуда гьев Санкт-Петербургалде вачIун, доба бугеб Атлетикаялъул жамгIияталъул гIахьалчилъун вахъун вугевлъи.

Хасго гьеб жамгIияталъул гIахьалчи хIисабалда гьев гIахьаллъулаан дунялалъул батIи-батIиял къецазулъ. Флоренциялда гьев тIоцебесеб нухалъ вахъана дунялалъул чемпионлъун. КIиабилеб нухалъ гьеб цIаралъе гьев мустахIикълъана Франциялъул тахшагьар Парижалда.

Хасго доб Атлетикаялъул жамгIияталъул хIакъалъулъ гIемерал документал ратана дида. Сали Сулайманил гьалмагъзабазул хIакъалъулъ. Гьалеха, гьаб кинабго ккана дир романалъул аслулъун».

МухIамад-Ниабица абулеб буго жиндир романалъул ахиралда жинца къокъаб бицен гьабулеб буго Дагъистаналъул цогидал цIар арал бахIарзазулги.

МухIамад-Наби Халилов: «Гьеб тIехьалъулъ тарихияб роман гуребги, букIине буго цо чанго бутIаги. Масала нугIзазул биценал. Сали Сулаймангун лъай-хъвай букIарал гIемерал гIадамазул ракIалде щвеял. Цойги бутIа - Ал Гълычил, КIикIуниса ГIабдурахIманил, Къурбанов ГIабдурахIманил ва ГIали Казбекил гIумрудул къокъал тарихал.

Дов ГIали Казбек вукIун вуго кIудияб гьунар бугев гугарухъанлъун. Гьев цудунго гIумруялдаса ватIалъана ва гьесул хIакъалъулъ дагьаб гурони, тIокIаб щибниги лъалеб букIинчIо гIадамазда. Дида кIвана цо-цо хIужаби ва документал ратизе ва дица гьел киналго гIадахъ росун, хъвана гьесул хIакъалъулъ гьитIинаб къиса. Гьебги рехсараб тIехалда гъорлъ жубан буго».

ЭР: - Дуца рехсана цогидав багьадур Ал Гълычил цIар. БукIанищ гьесулгун лъай-хъвай Сали Сулаймангун?

МухIамад-Наби Халилов: «ГIажаибаб жо - гьел рукIинчIо цого Атлетикияб жамгIияталъул гIахьалчагIилъун. Дида лъалеб бакIалдасан Ал Гълыч вукIана ялгъузав гугарухъанлъун. Гьов дунял тира-сверулев вукIана жиндирго насихIатчиясда цадахъ, киса кибго жиндирго гуч ва гугарухъанлъиялъул махшел бихьизабулаго.

Гьезул цоцоясулгун лъай-хъвай букIана лъимерлъиялъул мехалдаса. Гьеб дида мухIканго лъала. Амма гъозул нухал ратIалъана. Сали Сулайман вахъана Санкт-Петербургалъул Атлетикияб жамгIияталъул гIахьалчилъун, Ал Гълычие бокьичIо гьелде гъорлъе жувазе. Ва гьес добго ялъузав гугарухъан хIисабалда сапарал рухьулаан батIи-батIиял улкабазде.

Гьел рукIана лъикIал гьудулзабилъун, Гъазанищ росулъ рукIа, Санкт-Петербургалда рукIа - гьел дандчIвалаан ризго. Амма цояв цоясда данде къацандулел рукIинчIо киданиги».

Россиялда инкъилаб ва гражданияб рагъ багъарун хадуб, Ал Гълычица байбихьуда большевиказул рахъ кколаан. Цо къоялъ гьев дандчIвана Имам Нажмудингун. «Бицея, Ал Гълыч, лъица дуе гьедегIан мисал гьечIеб гуч кьураб?» - ян гьикъана Нажмудиница. «Аллагьас кьун буго», - ян жаваб кьуна Ал Гълыччица.

«Гьедин батиани, щайха дуца Аллагьасе гуреб – большевиказе хъулухъ гьабулебилан» абурал Нажмудинил рагIабаз кIудияб асар гьабуна Ал Гълычие.

Гьесул бербалагьи хисана ва гьелдаса нахъе гьев Нажмудин имамасул гIагарав кумекчилъун, нукарлъун вахъана. Кин ккана Ал Гълычил гьудул Сали Сулайманил къисмат большевиказул инкъилабалдаса хадуб? Гьаб суалалда тIаса хъвадарухъан МухIамад-Наби Халиловас гьадинаб баян гьабулеб буго.

МухIамад-Наби Халилов: «Мисалалъе босани дица дирго романалда Сали Сулайман политикаялдаса ватIа чIварав чилъун вихьизавулев вуго. Щай? Щай гурелъул живго Сали Сулайманица абулаан - жинца инкъилабазда ялъуни гражданияб рагъда гIахьаллъи гьебизе гьечIин.

Жиндирго къуват бихьизабизе жиндие бокьарабани - жинца гьеб къуват ритIухъаб къагIидаялда гугарухъанлъиялъул халичаялда бихьизабилаанин.

Хасго гьадин абуна гьес. ХIакъикъаталдаги я инкъилабалдаги я гражданияб рагъда гьев гIахьаллъичIо. Ал Гълычил батIияб къисмат букIана.

Гьев политикаялде вуссарав чилъун вукIана. Ва гьеб политикаялда къосана гьев чанги нухалъ. Цин большевиказул рахъ ккун, цинги, ракI буссун, Нажмудин имамасул рахъ ккуна.

Советияб квершел тIад чIезабун хадусала, большевиказ гьесда тIаса лъугьичIо гьес Нажмудиние хъулухъ гьабулеб букIараблъи ва гьез гьев речIчIун чIвана. Пашманаб къисмат. ЦIакъ пашманаб къисмат. Гьадинав чи чIваялда бан зигарди гурони, тIокIаб щибха гьабилеб?»

МухIамад-Наби Халиловас хъвараб тIехь къватибе биччалеб буго Сали Сулайманил наслудул чи, Азербажаналъул «Baku Fires» абулеб профессионалияб боксалъул идараялъул менеджер Ризван Генжиевасул кумекалдалъун, ян абулеб буго хъвадарухъанас.

МухIамад-Наби Халилов: «Ризванил гIарцул кумекалдалъун гьеб тIехь къватIибе биччалеб буго гIурусалъ. ЛъарагI мацIалъги къватIибе бахъизе рагIи кьун буго Дагъистаналъул басмаханаялъ. Ризван вуго цIакъ намус бацIадав чи. Жиндирго умумузул ва ватIаналъул кIудияб хIурмат гьабулев.

Гьеб букIине буго кIудияб тIехь. Азарго экземпляр къватIибе биччазе захIматаб ищ буго гьаб нилъер заманалда. Амма гьелда балагьичIого, Ризваница хIаракат бахъана. ГIемерал суратал ратана дида гIага-божаразул рукъосел архивазда.

Цойги жоялъ гIажаиблъизавуна дун. ГIемерал гIадамазда лъалеб букIинчIо Сали Сулайман щивали. КIочон тун вуго гьев халкъалда. Гьанжейин хьул буго гьев бахIарчиясул ва лъикIав инсанасул цIар, гьеб гьелъул чIухIи халкъалде тIад буссинабизе. ГIун бачIунеб гIелалъе гьадинал тIахьал хIажатал ругин дида ккола. Гьезда тIадаб буго жидерго бахIарзал лъазе».

XS
SM
MD
LG