МагъчIваялъе рес

МухIамадрасул СагIадуев цIияб хъулухъалде тIамуна


МухIамадрасул-хIажи СагIадуев
МухIамадрасул-хIажи СагIадуев

Дагъистаналъул РухIияб идараялъул нухмалъулев хисулевлъун тIамун вуго МахIачхъалаялъул Аслияб мажгиталъул имам МухIамадрасул СагIадуев. 24 ноябралда гьев тIамун вукIана тахшагьаралъул Котровасул къотIноб бугеб «Надирия» мажгиталъул имамлъун ва щуго къоялдаса гьеб хъулухъалдаса эркенгги гьавун вукIана. Кинаб магIна букIине бегьулеб гьанже МухIамадрасул СагIадуев муфтий хисулевлъун тIамиялъул?

МухIамадрасул-хIажи СагIадуевас цадахъго тIубазе бугин МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имамасул хъулухъгиян абуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул рухIияб идараялъул пресс-хъулухъалъ. Хас гьабун кинал суалал гьес цIияб хъулухъалда гьес тIуразе ругелали чIеги чIванкъотIун загьир гьарун гьечIилан абуна пресс-хъулухъалъул вакил ГIадил Ибрагьимовас.

ГIадил Ибрагьимов: «МухIамадрасул СагIадуев муфтий хисулевлъун теялъе гIилла буго ислам-дин бичIчIизабиялъул рахъалъ муфтияталда гьабулеб хIалтIи камиллъизабизе къваригIин. Гьевни гьанжелъагIанги вукIана гьанив, муфтиялда, цадахъ рекъон хIалтIулев. Амма гьанже гьес гьеб хIалтIи жеги цIикIкIун гьабизе бугоха. БитIараб бицани, нижеда цебеккун лъалеб букIинчIо СагIадуев муфтий хисулесул хъулухъалде тIамулев вукIин. Гьале гьанже гIалимазул цолъиялъги разилъи кьун буго гьеб пикруялъе».

СагIадуев МухIамадрасул Котрова къотIноб бугеб мажгиталъул имамлъун тIамураб мехалъ гIемерисез абулеб букIана гьев МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имамлъун хIалтIулелдаса нахъе гIемерав чиясул лъикIаб бербалагьи бижанин гьесдехун, гьединлъидал гьесда кIвезе бугин Надирия мажгиталде рачIунел чагIазулгун лъикIаб гьоркьоблъи букIинабизеян. Амма гьениве тIамун щуго къоялдаса гьев эркен гьавуна хъулухъалдаса. Гьев нахъе вахъиялъе гIиллаги баян гьабуна Надирия мажгиталде рачIунезе рес кьунин имам жидецаго вищизеян. Гьанже гьев муфтий хисулевлъун тIамиялъул кинаб магIна букIине бегьулеб абураб суал рагьарабалъун хутIулеб буго. Цо-цоязул пикруялда рекъон СагIадуев рухIияб идараялде тIами лъикIаб пикру буго, щайгурелъул Дагъистналъул журналистазул гIарз букIуна рухIияб идараялда кинаб бугониги баян щвезе захIмат букIонин, щвалде щун гIурус мацIалъ кIалъазе лъалев чиго гьечIин гьезулилан. Гьединго муфтиясул хъулухъалде тIамизе рекъарав чи вугин МухIамадрасул СагIадуевилан абулелги руго.

Жибго Котрова къотIноб бугеб мажгиталда ахIвал-хIал жеги гIодоб биччан гьечIилан бицана «Эркенлъиялъе», цеве гьенив имамлъун хисулевлъун вукIарав Аскандеров Къурбаница.

Аскандеров Къурбан: «Мажгиталде рачIунезул гIарз буго полициялъулаз жал какде риччалел гьечIилан, гьале кIиябго къо буго гьел мажгталде риччалел гьечIелдаса. Шай риччаларелилан гьикъидал жидее тIасанхун гьединаб тIадкъай кьун бугилан абулеб буго полициялъул хIалтIухъабаз. Дунго гьенив вукIинчIо гьаб кIиябго къоялъ. Жакъа жанире риччалел ругиланги бицана дие мажгиталде унел гIолохъабаз, амма полициялъулал додинго мажгиталъул кIалтIа хъаравулзаби гIадин ругилан абулеб буго гьез».

Котрова къотIноб бугеб «Надирия» абурабги ва гьединго МахIачхъалаялъул Венгриялъул рагъухъабазул цIаралда бугеб къотIноб бугебги, кIиябго мажгит рикIкIуна Дагъистаналда рухIияб идараялъул къайимлъиялда гъорлъе унарел мажгиталлъун.

XS
SM
MD
LG