МагъчIваялъе рес

Кавказалда рагъуе къали буххулеб буго


Сочиялъул ралъдал рагIаллъиялда аскIоб хъаравуллъи гьабулеб гама, 2013 соналъул 13 ноябрь.
Сочиялъул ралъдал рагIаллъиялда аскIоб хъаравуллъи гьабулеб гама, 2013 соналъул 13 ноябрь.

БачIунеб соналъ Сочиялда букIине бугеб Олимпиадаялда цебе Кремлиялъ Шималияб Кавказалда къуваталъулал тадбирал цIикIкIун гьарулел ругин бицунеб буго гIемер информалазда ва блогосфераялда. ГIемерисеб мехалъ гьел тадбирал тIоритIулаго инсанасул ихтиярал хвезарулел ругилан рикIкIунеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.

Олимпиадаялъул заманалда такъсириял лъугьа-бахъинал риччангутIиялъул мурадалда Россиялъул къуваталъул идарабаз цереккун щаклъи бугелщинал чагIи яги улка тун лъутизарулел руго, ялъуни гIайиб гIунтIизабун туснахъалъур лъолел руго, камулел гьечIо къуваталъул идарабаз хъамун араб бакI лъачIого тIагIаралги.

Гьедин хъвалеб буго Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ «La Stampa» абураб италиялъул газеталда Марк Франкетти абурав журналистас. Гьездаго релълъарал тадбирал камулел гьечIо цоги.

Мисалалъе, террористазулгун кинабалиго гIагарлъи бугел чагIи тIамулел руго республикаялъул цIех-рехалъул комитеталъ ДНК-ялъул анализал кьезе. «Дагъистаналъул улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул нухмалъулей ГIисаева Светланал рагIабазда рекъон, гьединал тадбирал гьарулел руго киса-кирего, гьей жийгоцин тIамун йиго анализал кьезе.

Амма къануналда рекъон гьеб кьезе тIамизе бегьуларо, гьелъие хасаб диваналъул хIукму букIине кколин бицана адвокат Къадиев Расулица.

ЦIех-рехалъул комитеталда бицунеб буго нагагьлъун такъсирияб лъугьа-бахъин ккани лъица гьеб гьабурабали чIезабизе бигьалъи букIиналъе гIоло гьарулел ругин гьел тадбирал.

Гьединго гьел анализаз кумек гьабулеб буго хехаб заманалда жаниб такъсир рагьизеян бицунеб буго ЦIех-рехалъул комитеталъул вакил Темирбеков Расулица.

Такъсириял лъугьа-бахъиназул профилактикалъун рикIкIунеб буго гIадамазе ярагъ кьеялъул низам кьваризабиги. Жанисел ишазул министерлъиялъул ярагъ хIалтIизабизе ихтиярал кьолеб идараялъ гьеб низам дагьалъ цебе кьваризабун бугилан бицана Эркенлъи радиоялъе ярагъ бичулеб тукадул хважаин Илясица. Къуваталъул идарабазул вакилзабаз рикIкIунеб буго ахираб заманалда гIадамаз ярагъ гIемер босулеб бугин, гьелъие гIурхъичIвай гьабизе кколин.

Дагъистаналда ругел салафиязул церехъаби гьанисан къватIисел улкабазде лъутизарулел руго абураб пикру загьира гьабулеб буго гIемер информалатаз ва политикиялгун исламиял экспертаз. Олимпиадаялда цересел тадбиразул цояб буго гьебги абун рикIкIунеб буго цо-цо политологаз. Амма батIияб пикру буго жамгIияв хIаракатчи Къебедов ГIабасил.

Гьесул пикруялда рекъон, улкаялда унеб буго Кавказалда рагъ къваригIарал политикиял къуватазул тIадецуй.

Къебедов ГIабас: «Улка тун къватIире унел гIолохъаби унел руго аслияб къагIидаялъ дора Шамалда рагъизе. Гьенире гьел тункулел руго. Амма гьел нахъруссине ругелъул дораса. Кавказалда рагъ къваригIарал къуватал руго. Сириялдаса нахъруссине руго гьанир ругел гIадинал гIолохъаби гурел, кIудиялги гIурал, рагъунги ругьунлъарал чагIи. Гьел рагъичIогоги чIезе гьечIо. Гьеб бичIчIуларел чагIи ратиларо улкаялъул нухмалъуда. Рагъ къваригIун бугоха лъие бугониги, Чачаналда букIараб гIадаб, гьел чагIи ургъунго доре тункулел ратани».
Шималияб Кавказалда рагъулал лъугьа-бахъинал рукIине ругилан бицунеб буго гьединго дагьалъ цеве Сириялдаса вуссарав «ANNA-NEWS» абураб информационнияб агентствоялъул журналист, Россиялъул экономикияб университеталъул профессор Марат Мусиница.

Гьесул пикруялда рекъон, Сириялда бугеб рагъ лъугIун хадуб гьеб бачIине буго Россиялде. Щайгурелъул, гьабсагIаталда доба бугеб рагъулъ Россиялъул гражданал рагъулел руго Москваялъ рахъ кколеб Асадил хIукуматалда данде.

Гьанире тIадруссун хадубги гьез ярагъ гIодоб лъезе гьечIо.

Гьелдаго цадахъ пачалихъалъ терроризамалда данде къанунал кьваризарулел руго. Дагьалъ цебе президент Владимир Путиница гъулбасана такъсириял лъугьа-бахъиназул хIасилалда гIадамазе ккараб зарал такъсирчагIазул гIагарлъиялъ бецIизе тIамулеб къануналда.

Гьелъул хIасилалда гIайибалда гъоркье ккезе бегьула гIемерал чанго гIайиб гьечIел гIадамал абун рикIкIунеб буго тIалъиялъе критика гьабулел политологаз ва экспертаз.

Гьединаб ургъичIеб политикаялъ такъсирчагIазул къадар цIикIкIун гурони дагьлъизе гьечIо ва гьелъ дагь-дагьккун гражданияб рагъде рачунел руго нилъ абун хъвалеб буго жиндирго макъалаялда политолог Дибиров ГIабдулнасирица.

ГIемерисеб мехалъ гIайиб букIин мухIканго лъаларел, щаклъи бугел чицин къуваталъул идарабаз тамихIалде цIазе рес буго.

Мисалалъе, дагьалъ цебе жанисел ишазул министр Владимир Колокольцевас Россиялъул парламенталда бицана такъсирчагIи ва гьезул кумекчагIи цо-цо ккун гъури гурони батIияб къагIида жинда лъаларин.
XS
SM
MD
LG