МагъчIваялъе рес

Унев вуго, эбел, дун армиялде...


Россиялда тIоцебесеб октябралда байбихьана армиялде хъулухъ гьабизе гIолилал ахIизе. Исана ахIизе вуго 18 соналдаса 27 соналде щвезегIан ригьалъул I50 азарго гIолилав. Гьеб буго исана ихдал ахIаралдаса лъабазарго чиясдаса дагьаб къадар. АхIизе ругищ гьанже Дагъистаналдаса гIолилал ва ратани кигIанасеб къадар?

Дагъистаналдаса исана хасалихъе армиялде чан чи ахIизе вугевали баян щвечIо «Эркенлъи» радиоялъухъе республикаялъул рагъулаб комиссариаталдаса. Живго рагъулав коммисар Даитбег МустIафаевги, армиялде гIолилал ахIиялъул тадбир гьабулеб идараялъул нухмалъулев Явмус Джамбалаевги хIалтIул къваригIелалъ анин, гьезул изну гьечIого жидеда кинабгIаги баян кьезе кIоларилан абуна рагъулаб коммиссариаталда

Мисалалъе исана ихдал Дагъистаналдаса рагъулаб хъулухъ тIубазабизе ахIизе хIисабалде босун букIана 1500 азарго чи витIизе, амма хIакъикъаталдайин абуни 800 гурони чи витIун вукIинчIо доб мехалъ Дагъистаналдаса рагъулаб хъулухъ тIубазабизе

БатIи-батIиял гIиллабазда бан хъулухъ гьабиялдаса махIрум гьарурал чагIи малъичIого сахал, базалиял, ватIаналда цебе тIадаб борч тIубан бажарулел гIолохъабазул 25 азаргоялдаса бахъараб 30 азаргоялде щвезегIан чи вугин жакъа республикаялдаян абулеб буго Дагъистаналъул рагъулав коммиссариаталъул нухмалъулес.

Амма армиялде ахIулезул квота щаялиго 800 чиясде щвезегIан гурони цIикIкIинабун гьечIин, хьул бугин хадусел соназдагIаги гьеб къадар ункъо-щуго азаргоялде щвезегIан цIикIкIинилан. Мисалалъе араб хасалил призывалде дандеккуни ункъогIаги нухалъ цIикIкIун буго исана рагъулаб хъулухъ тIубазе ахIулел дагъистаниязул къадар.

Гьедин 2012 соналъул хасалихъе рагъулаб хъулухъ тIубазе Дагъистаналдаса ахIун вуго 120 чи, амма хIакъикъаталдайин абуни хIисабалде босун букIараб къадар 200 чи вукIанин, бичIчIуларин щай гьеб къадар дагь гьабурабилан рази гьечIого вукIана доб мехалъги Дагъистаналъул рагъулав комиссар МустIафаев Даитбег.

Араб соналъул ахиралда абулеб букIана 2012 соналъул октябралда Россиялъул Улка цIуниялъул министрлъун Сергей Шойгу вачIиндал гьесулги доб мехалъ Дагъистаналъул вукIарав нухмалъулев МухIамад Салам МухIамадовасулги дандчIваялдаса хадуб къотIи ккун бугин Дагъистаналда хъулухъ гьабизе ахIулел гIолилазул къадар хадуб дагь дагьккун цIикIкIинабизе. Аммая гьелъул ккараб кIудияб хIасилго гьечIин абизе бегьула араб лъагIалида жаниб.

ХIакъикъаталдаги жакъа цебе гIадин магIарул росабалъ армиялде хъулухъ гьабизе ахIулел гIолилазул къадар цIакъго дагьлъулеб букIиналъул мисалал гIемер руго. Гьедин хIалица чанго лъикIабги бицун, рагъулаб коммиссариаталде чанго нухги бан унел руго гIолохъаби рагъулаб хъулухъ тIубазе. Амма Гъуниб мухъалда гIолилазда гьоркьоб хIалтIи гьабиялъул рахъалъ жавабияв хIалтIухъан МухIамадов МуртазагIалица рикIкIунеб буго чанго соналъ цебе букIаралдаса дандеккун гIемераб гьечIониги армиялде ахIулезул къадар цIикIкIунеб бугилан.

МухIамадов МуртазагIали. «Нилъер гIолохъабаз жидецаго хвезабула кинабго, хъулухъ гьабизе араб бакIалда тIасан карал, гIадлу хварал жал гьарун. Гьеб цо кIиабизе цойги гIунгIутIи буго нилъер анир гIолохъаби цIакъго гIемерлъун армиялде рачине хIажатал гIадамазул къадар дагьлъулеб букIин. Дида чанги лъала гIолохъаби гьанисан россиялъул батIи-батIиял шагьаразде ун гьениб жидерго хъвай-хъвагIай гьабун хъулухъ гьабизе аралги».


МуртазагIалил пикру тIубанго къабул гьабулеб гьечIо Каспийскалдаса МутIалибов Якъубица. Гьес лъабго сон бана рагъулаб хъулухъги тIубан вуссаралдаса. Армиялда мунг кинаб рахъалдаса мунго вихьизавуниги гьелда бараб бугин кинабгоян абулеб буго Якъубица. Мисалалъе гьес хъулухъ гьабулеб букIараб бакIалда офицерзабазул дагъистаналадаса гIолохъабаздехун адаб хIурматалъулаб бербалагьи букIанилан ракIалде щвезабуна Якъубица.

Гумбет ва Казбек мухъалъул цолъизабураб рагъулаб коммиссариаталъул нухмалъулев МухIамадов Арсеница бицана Эркенлъи радиоялхе мухъалад гIолохъаби ахIиялъул тадбир кин унеб бугебали. Армиялде ахIулел гIолохъабазадса тIоцеб тIалаб гьабулила гьесул автомобиль бачине ихияр кьолеб кагъат букIин, кIиабизе гьесул тIадегIанаб лъай букин ва гьел гуроел цогилалги руго гьесдаса тIалаб гьабулел жал:

МухIамадов Арсен: «Мисалалъе исана ихдал тIубараб Гумебт мухъалдаса армиялде ахIарв чи ккана цохIо гIолилав гьев ккола Игьалиса. Гьаб хасалил призывалда хIисабалед босун буго 25 гIаансев чи витIизе».

Исана Россиялдаса армиялде ахIулел гIолилазул рес букIине рагIула жалго гIумру гьабун ругел регионазда хъулухъ гьабун чIезеги. Гьединго гьаб хасалихъе армиялде ахIиялъул тадбиразадса тархъан гьаризе рагIула бакътIерхьул икълималда исана риидал лъим кIанцIиялъул хIасилалда зарал ккарал хъизамалдаса гIолохъаби.


XS
SM
MD
LG