МагъчIваялъе рес

Дагъистаналде щвана МухIамад Аварагасул асарал


МахIачхъалаялъул аслияб мажгит
МахIачхъалаялъул аслияб мажгит

ГьатIан къоялъул къалъуда Абу-Дабиялдаса аэропланалъул хасаб рейсалъ МахIачхъалаялде рачIана МухIамад аварагасул, гьесул гIагарлъиялъул ва асхIабзабазул асарал.

Кинабниги кIикъогогIан асар бачIун буго Дагъистаналде. Islamdag.ru сайталъул баяназда рекъон асаралги росун Дагъистаналде рачIун руго МухIамад аварагасул гIагарлъиялъул 50-ялдаса цIикIкIун чи.

Гьезда дандчIвазе МахIачхъалаялъул аэропорталде рачIун рукIана Дагъистаналъул муфтий АхIмад-хIажи афанди ГIабдулаевги, Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул хIалтIухъаби, гьединго республикаялъул хIукуматалъул вакилзабиги.

Аэропорталдасан гьел киналго МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталде ана. Гьенир мавлидал ахIун ТIадегIанав Аллагьги МухIамад аварагги кIодо гьаруна.

Гьенив кIалъазе вахъарав АхIмад-хIажи афанди ГIабдуллаевас абуна жакъа Дагъистаналда кIудияб роххелги баракатги бачIун бугилан. Гьеб щивав чиясда бичIчIизеги кколиланги. Асарал Дагъистаналде рачIиналъе квербакъи гьабунщиназеги кIудияб баркала кьуна ахиралда муфтияс.

ГIарабалъа рачIарал тIадегIанал гьалбадерил хIинкъи гьечIолъиги цIуниялъе ва асарал рихьизе бокьараз гIадлу-низам хвезабичIого букIиналда хадуб халккун полициялъул хIалтIухъабаздаго цадахъ Динияб идараялъ рихьизарурал хасал гIолохъабазул къокъабиги рукIине руго. Анкьица дагъистаниязда рихьизе асарал лъезе руго ГIали ГIалиевасул спортивияб кIалгIаялъур.

XS
SM
MD
LG