МагъчIваялъе рес

Жакъасел шартIазда парламент хIажат гьечIо


ЖамагIаталъул пикру дандбалеб мех. (И. Шовкринскиясул скульптураби)
ЖамагIаталъул пикру дандбалеб мех. (И. Шовкринскиясул скульптураби)

Лъалеб букIахъе, мажлис, шура, вакиллъи, диван ва жеги чамалиго батIияб цIар батила халкъалъул рахъалдаса хIукму къотIизе чагIи данделъараб гIуцIиялда. Гьеб буго нухмалъиялъул гьоркьорлъаби абурал жал раккаралдаса нахъе хIалтIулел къагIидаби. Масала, нилъер мугIрузулаб Дагъистаналда букIана жамагIатазулаб нухмалъи.

Жакъасел шартIазда парламент хIажат гьечIо
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:02 0:00
Интернет-мухъ

ТIоцебе гIадатазда, хадуб шаргIалда, гьелдасаги хадуб гIурус законалда мугъчIвай гьабун хIалтIулеб. Щиб жоха кколеб букIараб жамагIатазул нухмалъи? ГьабсагIат гIурус законалъ хIалтIизабулеб "закон о местном самоуправлении" абураб къагIидаялде бачIараб нухмалъиха.

Халкъалъ жидее нухмалъуда чиги вищун, гьесдаса жавабги тIалаб гьабун, жамагIаталъул, росабазул рес, сурсаталдаса киназего хIажатал ишал гьари, кьоял лъей, нухал рахъи, лъим бачин ва цогидал санагIалъаби гьари гIадаб жо. Дагъистаналда 2007 абилеб соналъ къабул гьабуна бакIалъул нухмалъиялъул къанун.

Гьеб буго жалго муниципалитетазе жидерго нухмалъи камил гьабизе ва гIарац балагьизегун церетIеялъе кьурал ресал. Щаялиго гьаниб гьелдаса пайда босичIо. ТIасан кьурал дотациял рикьа-къотIун гурел цIиял ресал ва сурсатал ралагьулел муниципалитетал дагь гурони рихьулел гьечIо. Гьанже рачIина гьадаб байбихьуда бицен гьабураб вакиллъиялъул бицине.

Абухъе, тарихалда пуланаб нухмалъиялъулъ халкъалъул мурадал ва пикру загьир гьаризе жамагIатаз жидедаго гьоркьоса вихьизавулев вукIана вакил. Депутат гIадав чиха. Гьел рукIана имам Шамилил Шураялдаги, пачаясул Россиялда областазда ва Пачалихъияб Думаялдаги, СССРалъул заманалда Верхсоветаздаги, жакъасеб Россиялъул парламенталдаги.

Халкъалъ вакил гьавун нилъер рахъалдаса гьаракь кьолев, хIукму къотIулев чи. Амма гьел депутатаца кьурал гьаркьал кидаго гуро данде кколел гьев вакил гьавураб халкъалъул пикруялда. Масала, нилъеда лъала тIубараб Россиялда херал кIудаби рукIана Зурабовасул "монетизация льгот" абураб законалда данде рахъун.

Гьеб закон къабул гьабугеян хитIабалги, гIарзаялги, митингалги халкъалъ гьаруниги къабул гьабуна гьеб закон депутатаца тIасан бачIараб амруялда рекъон. Гьединал жеги анцI- анцI законал рукIана "антинародный" абун цIар щварал, автострахованиялда хурхун, магъалаби цIикIкIизариялда хурхун, араб соналъ Москваялде щун протесталъул акциялгун камазистал араб "Платонил къанун".

Амма къабул гьарулел руго гьел "халкъалъул вакилзабаца" гьаругеян халкъ хачаданиги. Щай? Щайгурелъул гьел вакилзаби нилъеца гурел тIасан дол законал ритIараз рищарал рукIун. Гьаниб бичIчIуларого буго цохIо жо. Гьел депутатал чодаса чи витIун мажлис ахIулеб ХIХ гIасруялдаги, тел кьабун ахIулеб ХХ абилеб гIасруялдаги цо бакIалдеги ракIарун халкъалъул цIаралдаса гьаракь кьолел рукIана.

Щай? Щай гурелъул кинабго халкъ гьаракь кьезе кинха бачинеб? Кин гьел рачIинел ва гьел гьунел гьундул кир ратилел? Гьединаб рес ва сурсат гьечIолъиялъ гIуцIарал жал рукIана регионазулги, улкаялъулги парламентал.

ХIисаб гьабеха кигIан кIудияб гIарац харж гьабулеб бугеб гьел хьихьизе. Масала, 2015 абилеб соналъ Россиялъул парламенталъул депутатазе гIицIго харжие хвезабун батани I, 800 миллиард гъурущ, кризисалъулаб 2016 абилелъ гьеб къадар бахана 3 миллиардгун бащдалде. Гьаб буго гIицIго харжазе унеб гIарац, квартираби, машинаби, кабинеталгун концелярия, санаторий курорталгун, транспорт малълъичIого. Гьазда тIаде анцI-анцI миллиардал 85 субъекталъул бакIалъул парламантазда хвезабулебги. Гьаб кинабго гIарац щиб гьабизе харж гьабулеб? Гьел чагIаца нилъер рахъалдаса гьаракь кьезе, ай, нилъер, халкъалъул пикру загьир гьабизе.

ХIажат бугищха гьедигIан кIудияб гIарац харж гьабулеб вакиллъи доба? ГьечIо. Щайгурелъул жакъасел технологиязул рес буго улкаялда вугев щивав гражданинасул гьаракь интернеталда ва телефоналдалъун добе щвезабизе ва гьеб гьаркьидалъун хIукму къотIизеги. Гьелъие анц-анцI миллиардалги хIажалъиларо, гьеб къагIида камил гьабизе ва хIалтIизабизе жакъа харж гьабулелдаса азарго нухалъ дагьаб гIарацги гIола. Халкъалъул пикру пачалихъалъухъеги щола. КъваригIун бугищха пачалихъалъе гьеб халкъалъул пикру?

Гьеле гьеб буго батIияб суал. ГьечIеблъи бихьана нилъеда халкъалъ тIалаб гьабулебги, депутатаз хIукму къотIулаго кьуралги гьаркьахъ балагьун. Гьелъ нилъее рагьулеб буго гьадинаб хIакъикъат - парламент буго тIадчагIаз тIаса бищараб идара, халкъалъул вакиллъи гуро.

Халкъалъул пикру хIажалъани, рес буго гьебгощинаб гIарац хвезабичIого, производствоялдагун экономикаялда гьебги харж гьарун, жибго халкъалъул пикру лъазабулеб къагIида гьабизе. Гьеб хIажат буго гIадамазе, хIажат гьечIо тIадчагIазе. Гьелъ хвезарулеб руго дора нилъер гуреб гьаракь кьезе миллиардалги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG