МагъчIваялъе рес

Пачалихъалъул гIарац тIокI гьабизе классал къалел руго


Исана 8 сентябралда Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъ хIукму гьабуна микьгоялдаса дагь цIалдохъан вугел классал къазе. Гьелъул мурад рагIула пачалихъалъул гIарац тIокI гьаби. КъачIого хутIарал классал цолъизаризеги бегьулин абулеб буго министерлъиялъул вакилзабаз. Амма гьеб хIукмуялдаса рази гьечIо мугIалимзаби.

Хунзахъ мухъалъул МочIохъа мугIалим Халилбегов МухIамадхIабибица ЭР-ялъе абуна классал къаялъ яги гьел цолъизариялъ кутакалда кIудияб зарал гьабизе бугилан. Гьединго лъай кьеялъул хIакъалъулъ бахъараб республикаялъул къануналда хъван бугила лъабго цIалдохъан вугел классалгицин цIунизе кколилан.

Халилбегов МухIамадхIабиб: «Росаби чIороголъизехъин рукIиналъ гьабулеб жо букIана гъоб – гIисинал классал цIуни. Нилъеца киназго лъималазе гIололъидал гIумру гьабулеб. Амма жидер лъимал цIализе классалги хутIулел ратичIони, чанго анцIго километралъ рикIкIад лъималги цIализе ритIизе кколелги ругони, умумуз хIаракат бахъула росуги тун, лъарагIлъиялде рахъине.

Гьелъин абуни кутакалда квербакъи гьабизе буго росаби чIороголъиялъе. Нижер школалда II классалда руго гIурал цIалдохъаби. ХутIаразда гьечIо. Гьедин къазе ккезехъин буго лъабго-ункъо класс. Гьел къанани, мугIалимзабиги хутIизехъин руго харжалги гьечIого. Гьедин Дагъистаналда гьеб хIукму гIумруялде бахъинабулеб бугони, лъималазда, гIолилазда рохьоре аян абизе бегьилищха?

Гьелъул гIаксалда, рохьоре аралгицин тIадруссиналъе хIалтIи гьабулел нилъ ратани. Гьединлъидал дида ккола гьадаб бугин ургъичIого гьабураб гIантаб хIукму, Москваялда ругел тIадчагIазда, хас гьабун Путинида берцин рихьизе гьабураб хIукму. Амма гьезда берцин рихьарал гIолароха, халкъалдаги берцин рихьизе ккола».

Бицен гьабулеб хIукму рагIалде бахъинабулеб бугони, жидер мухъалда 42 класс къазе кколин бицана ЭР-ялъе Гумбет мухъалъул лъай кьеялъул бутIаялъул нухмалъулев Муса КъурамухIамадовас. Гьелдалъун мугIалимзабазул мухьги мукъсанлъулеб бугила, лъималазул эбел-инсуцаги лъимал шагьаразде ритIизехъин ругила, ритIизе рес гьечIез рокъорги тезехъин ругила.

Муса КъурамухIамадов: «Классал цолъизарунигицин (1-2-3 классал цолъизарулел руго), ФГОСазул (федеральный государственный образовательный стандарт – ЭР) программаби руго цIакъ захIматал. Цо классалдацин бигьа букIунаро гьеб бичIчIизабизе. Чанго класс цолъизабураб бакIалда кин гьеб бичIчIизабилеб, къого минуталъ цоязда цо программа бичIчIизабун, цоги къого минуталъ цоги программа бичIчIизабун?

Гьедин лъималазе кьолеб лъай мукъсанаб букIинарищха? Гьединлъидал цо-цо эбел-эмен руго шагьаразде ритIилин лъималилан. Гьедин гьел анани дагь-дагьккун чIороголъиларищха росабиги. МугIалимзабазеги квеш ккезе буго. Пачалихъалъул гIарац тIокI гьабуралдаса нахъе, гьаниб, школалда кколе-толелъул ургъел гьечIеб къагIида. Нилъер республикаялда, хасго росабалъ, гьечIелъулха чIахIиял классал. Цинги щиб гьабизе кколеб? Классалги къан, киналго эхере рахъине ккелаха, цогидаз гьабураб гьабизе».

Пачалихъалъул гIарац тIокI гьабизелъун лъай кьеялъул министерлъиялъ къан руго къасисеб низамалъул школалги.

XS
SM
MD
LG