МагъчIваялъе рес

Конгрессалде Обамал ахирисеб хитIаб


Америкаялъул президент Барак Обама. 06Янв2015.
Америкаялъул президент Барак Обама. 06Янв2015.

Барак Обамаца Конгрессалде гьабураб ахирисеб лъагIалилаб хитIаб

Америкаялъул президент Барак Обамаца Конгрессалде гьабураб жиндирго лъагIалилаб хитIабалда абуна халкъаздагьоркьосеб аренаялда Америка чучлъулеб бугин абун республиканияб партиялдаса жиндие критика гьабулел гIемерго ритIарал гьечIин. Гьез рикIкIунеб бугин «Исламияб пачалихъ» экстремистияб къукъа къезабизелъун жинца кIудияб рагъ байбихьизе кколин.

«Москвагун Пекиналъухъ балагьичIого гIадамаз нилъеде ахIи балеб буго»,-ян абуна гьес 12 январалда Конгрессалде гьабулеб жиндирго ахирисеб каламалда.

Республиканияб партиялъул рахъалдасан Америкалъул президентасул хъулухъалде ругел цо-цо кандидатал цоцалъ къеркьолел руго Обама хисизелъун ва гьез ГIиракъагун Сириялде бомбаби раялде щун кьварарал тадбиразде ахIулел руго.

Обамаца рикIкIунеб буго «Исламияб пачалихъ» экстремистияб къукъагун къеркьезе Конгрессалъ резолюция къабул гьабизе кколин ва гьеб мурадалъе гьесие официалияб ихтияр кьезе кколин.

Гьел чIвадарухъаби ва фанатикал ругин ва гьезде чан гьабун гьел тIагIинаризе кколин рикIкIунеб буго Америкалъул президентас.

Амма гьебго заманаялда гьес абулеб буго Цолъарал Штатаз жидедего тIаде жавабчилъиги босун щибаб улкаялда бугеб кризисги рагIалде бахъинабун гьеб цIигьабун гIуцIизе кколин ракIалде ккейги мекъаб бугин.

Гьеб бугин американиял хьуцIцIилъ къаялъе ва гьезул гIемерав чи хвеялъе бугеб рецептин рикIкIунеб буго Обамаца.

Жиндир нухмалъиялда улкаялъе щвараб экономикияб икъбал бецIцIулеб буго президентас. Гьес абуна 2009 соналда букIараб кIудияб рецессиялдаса хадуб цIилъизе кIванин гьелдайин.

Америкаялда кидаго букIинчIеб гIадин халатаб заманаялда гIадамал бетIергьанаб сектор цебе тIолеб букIанин жиндир президентлъиялъул тIоцебесеб анкьго соналда жаниб ва сахлъи цIуниялъул рахъалъ жинца гьабураб реформаялъ медициналъул рахъалъ хIинкъигьечIолъи чIезабунин гIадамазул миллионазейин абуна гьес.

«14 миллион чи хIалтIудалъун ва 18 миллион гIанасев чиясе медициналъул рахъалъ нагагьаб балагь бецIиялдалъун хьезавуна. Гьедин сонисеб кризисалдаса рахъана нилъеца нилъго ва метерисеб къоялде къуваталлъун гьаруна»,-ян абуна гьес.

Обамаца гьедин абулеб букIана Америка экономикияб рахъалъ чучлъизабунин рикIкIунел республиканияб партиялъул рахъалдасан ва къватIисел улкабазда ругел гьесул критиказде.

XS
SM
MD
LG