МагъчIваялъе рес

Кьвагьул алатал хIадурулеб лабаратория батиялда божулел гьечIо ансал


Унсоколо мухъалъул Майданское росдада аскIоб кьвагьул алатал хIадурулеб лабаратория тIатинабун бугог къуваталъул идарабаз. Гьединаб баян кьуна 18 сентябралда Дагъистаналъул информалатазе республикаялъул жанисел ишазул пресс-хъулухъалъ. Амма гьеб мухъалда гIумру гьабун ругел гIадамал божулел гьечIо гьениб гьединаб лабаратория батанин абураб хабаралда.

Майданское росдадаса цо километргун бащдаб манзилалъ рикIкIада бугеб гIалахалда батун буго хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул гьединго Дагъистаналъул жанисел ишазул хIалтIухъабазда изну гьечIого яргъид гIуцIарал жанир рукIараб 12 квадраталъул метр бугеб блиндаж. Гьениб жаниб гьезда батун буго 10 килограмм тротилалъул къуват бугеб квераз гьабураб кьвагьул алат.

Гьеб гуребги гьениб гьезда батун буго къватIиса хIукуматалда гьабураб 37 электронныяб детонатор, автоматалъул гIемерал гулби, чанахъанасул туманкI ва кIиго радиостанция.

Гьеб кинабго кьвагьул алатал хIадурулеб лабаториялъул къайи-цIа кколин Балахьуниса изну гьечIого яргъид гIуцIаразул буголъиян хъвалеб буго терроралда дандечIараб миллияб комитеталъул баяналда. Кинабго гьениб батанищинаб жо къуваталъул идарабаз тIагIинабун буго.

Амма «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабурал Унсоколо мухъалдаса гIадамал божулел гьечIо Майданское росдада аскIоб гьединаб лабаратория бугилан къуваталъул идарабаз къватIибе кьураб хабаралда. Кинаб лабараторияйин гьениб букIунеб, цо цебе ккараб бакIалъул суратги бахъун гьебги интернеталде рехун ракIалде ккарал жал рицунел ругин гьелилан бицана Унсоколо мухъалдаса жиндир цIар бицине бокьичIев чияс.

Гьале чанго сон бугин Тоннелалъул кIалтIаги ругел аскарияз рачIунел унел автомобилазул хал гьабулеб бугелдаса, гьединалго чагIи ругин Временное росдада аскIорги, магIарухъан рачIунеб бакIалда гьединаб пост лъун бугин багIараб кьодухъги.

ХIасил-калам тIубараб Унсоколо мухъ аскарияз сверун ккун бугилан абизе бегьулин, гьанжелъагIан батичIеб гьезда гьеб лабаратория гьанжейищинаха батарабилан гIажаиблъи гьабулеб буго Унсоколоса ГIалиев АхIмадица.

ГIалиев АхIмад: «КIиго-лъабго сон буго гьезул рачIанщинал гIадамазулги автомобилазулги хал гьабулеб. Щивниги чи виччаларо гьез паспорталъул халги гьабичIого. Кисанаха гьедин батани гьел лабараториялде гьединаб къайи-цIа бачIараб? Балахьуниса гьагъав вас кьвагьараб къоялъги кIиго лъабго терело цадахъ букIана гьениб сверулеб, гьебмехалъги батичIеб гьеб гьанже батун буго. Дида лъаларо…

Киб бакIалда гьеб батараб, щиб кинилан цIехараб мехалъ гьеб лъалев чиги ватулев гьечIо. Гендерица абула шоу-бизнес гьабулел чагIи ругин гьелилан, гьелъухъего цо цебеккараб суратги гьенибе рехун жидеего гIарац гьабулел руго гьел».

Гьединго гьал къоязда низам цIунулезда гьебго Майданское росдада аскIоб батун букIана жвго жинцаго кьвагьизавураб изну гьечIого яргъид гIуцIарасул хутIелалги. ЦIех-рехчагIаз чIезабухъе гьеб жаназа батун буго Балахьуниса 27 сон барав гIолохъанчиясул. Квагьи ккараб бакIалда лъугьун буго бащдаб метр гъварилъи бугеб гвенд.

Гьединго 17 сентябралда информалатаз хабар тIибитIизабуна Гъуниб мухъалъул Сугъралъ росулъ аскарияз гIадамазул рукъзабахъ чIухь балеб бугилан. Амма «Эркенлъи» радиоялъе Сугъулдерил бегавул ХIажигIумаров МухIамадица бицухъе гьеб баян хIакъикъаталде дандекколеб гьечIо. ГьабсагIат росулъ бугеб ахIвал-хIалалъул гьес гьадин бицана нижер программаялъе.

ХIажигIумаров МухIамад: «Кинавниги аскариявги росулъ гьечIо, рукъазабухъ чIухь балеб бугилан абураб хабарги чIанда буго. Гьабулеб бугониги гьединаб халгьаби дунги цадахъ ун гьабула. Росулъ щибниги къварилъи гьечIо, киналго парахатаб куцалъ руго гIумру гьабун»

ЭР-ялъ цебеккун бицухъе 15 сентябралда радакь анлъгоялдаса нахъе Гъуниб мухъалда терроризмалде дандечIараб низам лъазабун бук1ана хасал идарабаз. Гьез лъазабулеб буго Сугъралъ ва Бухтиб росабазул ракьазда изну гьечIого яргъид гIуцIарал рахчун ратизе бегьулин абурал баянал щун ругин жидехъе, гьелъул цIех-рех гьабизе ва экстремистал ралагьиялъе хасал тадбирал тIоритIизе чIезабун бугин гьеб низамилан.

БакIалъул гIадамаз бицухъе рагIулеб бакIалдаса гIебеде кибниги кьвагьиги букIун гьеч1о гьеб къоялъ, ккурав чиги рагIичIин абулеб буго гьез. Сугъралъ, ЧIохъ росабазул гIорхъода цохIо хасаб рагъулаб техникаги къуваталъул идарабазул гIемерал хIалтIухъабиги ракIарун ругин лъазабулеб бук1ана.

Гьединго Дагъистаналда 15 сентябралда кIодо гьабулеб цолъиялъул къоялъул хIурматалда Сугъулдерил ракьалда Надир-шагь щущахъ виххизавиялъул хIурматалда бараб мемориалияб комплексалда тIоритIулел байрамалъулал тадбиразеги гьеб хасаб низам лъазабун букIиналъ щибго квалквал гьабун гьечIо, гьенирехунги бокьарал чагIиги, автотраспортги биччалебги букIана гьеб къоялъ.

XS
SM
MD
LG