МагъчIваялъе рес

Набиев:«ХIукуматги бугин, къанунги хIалтIизе бугин божилъи бижулеб буго»


СагIид Амиров Москваялда диванханаялда, 2Июн2013
СагIид Амиров Москваялда диванханаялда, 2Июн2013

Цебесеб къоялъ ккурав ва кIиабилеб июналда туснахъ гьавурав Махlачхъалаялъул мэр СагIид Амировасул рахъ ккун хъвадаризе байбихьун буго гьесул сверухълъиялъ.

Шамат къоялъ тахшагьаралъул депутатазул мажлисалъ Россиялъул прездидент Владимир Путинил ва прокурорасулгун цIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулезде кагъат хъван буго Амировасда щибниги гIайиб гьечIин гьесде гIунтIизабулеб бугеб гIайибалда сверун цIех-рех гьабун бахъинегIан гьев рокъов туснахъ гьавун теянги гьарун.

Амировасда сверун бахъинабураб ахIи-хIур, гьесда Дагъистаналъул президентлъун вахъине ракIалда букIиналъ, гьеб ишалъе квал-квалалъе ургъунго гьабулеб иш бугилан рикIкIунеб буго гьез. МахIачхъалаялъул администрациялъул пресс-секретарь МуртазгIали МуртазгIалиевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана лъица щибилан абуниги СагIид Амиров гIадав мэр киданиги вукIинчIин ва вукIинеги гьечIин республикаялдайин.

МуртазгIали МуртазгIалиев: «Гьеб кинабго буго политикияб тIадкъай, щайгурелъул СагIид Амировас нилъер республикаялъул президентлъиялде кандидатура лъезехъин букIин лъан гьабураб иш буго гьеб. СагIид Жапаровичас кандидатура лъуни гьев бергьунеблъи лъала ва бичIчIула киназдаго. Гьесул гIадамаз гьабулеб адаб хIурматги, къиматги киназдаго лъала. Гьев гIадинав мэр нилъер респубикаялда, хIатта тIолго пачалихъалдаго ватиларо. ГIадада гурелъул гьесие чанго нухалда тIатIала бищунго лъикIав мэр абураб цIарги, чанго батIияб тIадегIанаб пачалихъияб шапагIатги кьун букIараб.

Сон шагьаралъул батIи-батIиял идарабазул вакилзаби данделъун рукIана администрациялда гьез ва МахIачхъалаялъул депутатазул мажлисалъ Амировасул рахъккураб кагъат хъвана нилъер пачалихъалъул нухмалъиялъул цIаралда. ТIокIаб батIиял къватIахъе рахъун тадбирал тIоритIизе ракIалда гьечIо нижеда. КъватIиреги рахъинин нухалги къалин абун лъугьарал гIадамал гIезегIан ругониги нижеца гьел гIодоре риччазарулел руго»

Амировасул рахъ ккураз лъазабулеб буго гьевгIан Россиялъе мутIигIав, гьелъул рахъ ккурав, жиндир заманалда Дагъистан Россиялдаса тIезе биччачIев сиясатчи цониги гьечIин нилъер республикаялдайин. Хiатта 1999 соналъ Дагъистаналде чачаназул яргъидгIуцIарал къокъаби кIанцIараб мехалда гьезде дандеги бищун кутакаб рагъ барав чилъун вихьизавулев вуго гьез тахшагьаралъул мэр.

«Эркенлъи» радиоялъ шагьаралъул къватIахъ гьабураб цIех-рехалъ бихьизабуна гIемерисел шагьаралъулазе Амиров туснахъ гьавиялъул ургъел гьечIолъи. Гьев вугониги батIияв вугониги жидеего гуреб халкъалъе пайда бугел чагIи гурин гьел, гьединлъидал гьесда щиб гьабуниги жидее ургъел гьечIин абулеб букIана гIемерисез.

МахIачхъалаялдаса студентка Асият Камиловалъни рикIкIунеб буго рекъон туснахъ гьавун вугин мэрилан, некIого гьавизе кколаанила.

Камилова Асият: «Дида ккола гьев некIого туснахъ гьавизе кколааанилан, щай гурелъул гьес кинабго республикаго бикъун лъугIизабун буго. Нужго балагьеха нилъер шагьаралъухъ, хварал щущан инел ругел нухазухъ, рукъзал ран, бичун-хисун лъугIараб ралъдал рагIалъиялъухъ. Гьениб рищни-къул гуреб щибго рагIаллъиго хутIун гьечIин ккола дида».

Щибниги гIагарлъи-божилъи гьоркьоб гьечIониги СагIид Амировасул рахъ кколел тахшагьаралъулалги дандчIвала цо-цо. Гьедин автомобилал ричулев чи Максимил пикруялда рекъон Амировасда гIадин МахIачхъалаялда гIадлу билълъинабизе лъидаго кIвезе гьечIо.

Максим: «Гьанже гьаниб гъал-магъир байбихьизе буго. Гьев вукIана цохIого цо гьаниса гIебеде гIадлуги билълъинабулев, бажариги бугев мэр. Дир пикруялда, гьев туснахъ гьави мекъаб иш буго».

НекIогоялдаса нахъе СагIид Амировасде данде къеркьелев вугев Дагъистаналъул лъидаго бачIеб шоферазул ва бизнесменазул махщелчагIазул цолъиялъул нухмалъулев ГIисалмухIамад Набиевас рикIкIунеб буго СагIид Амиров туснахъ гьавиялъ республикаялда къанунгун ритIухълъи букIиналда божилъи бижизабулеб бугин халкъалъулилан.

Набиев ГIисалмухIамад: «Гьаб ахираб къого соналда жаниб гьелдаса кIудияб лъугьа-бахъин букIинчIо нилъер республикаялда. Нилъер гьаниб ахираб 20 соналъ къанунги, хIукуматалъул идарабиги хIалтIулеб заман букIинчIо. Гьаниса-дораса нухмалъиялде рачIарал чагIаз жидецаго гьабураб гIуцIи букIана гьелда рекъон букIана кинабго хIалтIиги. Къанунги тIалъиги хIалтIизабизе ракIалдаги букIинчIо гьезда. Щай гурелъул, къануналъ киналго бащад ругин абулелъул, гьеб гьезие данде ккелищха. Гьеб заман хисулеб буго жакъа. Гьанже божилъи бачIине буго хIукуматги бугин, къанунги бугин гьебги хIалтIизе бугин абураб. Рамазан ГIабдулатIипов вачIарабго бижун букIана гьединаб божилъи гьанже гьеб дагьабги щулалъана, живго ГIабдулатIиповасул къадруги-къиматги дагьабги борхизе буго, «рохьоре» ралагьаралги гьениса нахъехун руссине руго. Гьеб хIукуматалъул къагIида хиси хIурияталда релълъараб жо бугин рикIкIуна дица».

ГьатIан къоялда Москваялъул диванханаялъ туснахъ гьавизе хIукму къотIарав СагIид Амиров 1 августалде щвезегIан жанив вукIине кколев вуго. Гьес жинда щибго гIайиб бугиланги рикIкIунеб гьечIо. Амировасул адвокатлъун вуго церегIан саназ чIварав криминалияв авторитет гIадамазда гьоркьов Япончикилан абун лъалев Вячеслав Иванковасул вукIарав адвокат Марк Рутер.

XS
SM
MD
LG