МагъчIваялъе рес

Холодильникалда чIвалел макъратIисазул багьаяб эркенлъи  


МухIамадов МухIамад
МухIамадов МухIамад

МухIамадов МухIамадица лъазабулеб буго жиндир рокъоб чIухь балаго ФСБялъул хIалтIухъабаз бахъун араб къайи нахъбуссинабейилан тIалаб гьабидал жив жанив тIамизе къваригIанила гьезиейин.

25 февралалда ФСБялъул тIалабалда рекъон, диваналъ цIидасан туснахъ гьавизе хIукму къотIана «Союз справедливых» жамгIияб гIуцIиялъул гIахьалчи МухIамадов МухIамадие. ЦIех-рех лъугIизегIан диваналъ рокъов туснахъ гьавун тун вукIарав гьев тIурун ине бегьулин, гьес нугIзаде тIадецуй гьабизе бегьулин гьединлъидал жанив тIамун тейилан тIалаб гьабуна цIех-рехчияс. Живго МухIамадица лъазабулеб буго жиндир рокъоб чIухь балаго ФСБялъул хIалтIухъабаз бахъун араб къайи нахъбуссинабейилан тIалаб гьабидал жив жанив тIамизе къваригIанила гьезиейин.

Советский мухъалъул диванхана
Советский мухъалъул диванхана

Рузман къоялъ МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ «Союз Справедливых» жамгIияб гIуцIиялъул церехъабазул цояв МухIамадов МухIамад кIиго моцIица туснахъ гьавизе хIукму къотIана. Цебе изнугьечIого ярагъ гьабиялъул ва гьеб цIуниялъул гIайиб гIунтIизабун букIарав гьев цIех-рех лъугIизегIан рокъов туснахъ гьавун тун вукIана.

«Эркенлъи» радиоялъ цебехун бицун букIахъе МухIамадов МухIамад 2015 соналъул 23 маялда МахIачхъалаялда ХIажиевасул къотIнов щалали лъаларел чагIаз хIалицаго автомобилалъув къазавун вачун ун вукIана. Гьебго къоялъул къаси вухизеги вухун гьев ватана Каспийскалъул заманалъ гIадамал жанир тIамулеб туснахъалда. Изну гьечIеб ярагъ батанин гьесухъин гьелъ ккун вугилан хъвай-хъвагIай гьабун буго низам цIунулез. Гьебго соналъул 4 июналда диваналъ рокъов туснахъ гьавун тун вукIана гьев.

2013 соналдаго гъизляралда Хизбу-тахрир абулеб Россиялда гьукъараб ва экстремистияблъун рикIкIунеб жамгIияб гIуцIиялъул байрахъалги рорхун унеб бертадул автоколоннаялъул гIахьалчагIаздаги полициялъулаздаги гьоркьоб тунка-гIуси ккун хадуб чIухь бан букIана МухIамадил рокъоб къуваталъул идарабаз. Гьелъул хIасилалда ФСБялъул хIалтIухъабаз гьениса техникаги цойгидаб къайиги бахъун ун букIун буго. Гьеб тIад буссинабейилан тIалаб гьабун республикаялъул прокурорасде МухIамадица гIарза хъван хадусала гьев жанив тIамейилан тIалаб гьабунила гьесул иш бачунев вукIарав ФСБялъул цIех-рехчиясилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе МухIамадовасул гьудул Мамедов Зурабица.

Мамедов Зураб: «ЧIухь балелъул МухIамадил рокъоса лъабго ноутбукги, тIахьалги, холодильникалда чIвалел макъратIисалгицин рахъун ун рукIана гьез. ХIасил калам гIараб хъвай-хъвагIай тIадбугебщинаб жо бахъун ун букIана. Гьеб къайи цониги такъсиргьабиялъул ишалда гъорлъеги бачун букIинчIо, амма кIиго лъагIалидасаги цIикIкIун заманалъ гьеб нахъбуссинабулеб букIинчIо. Гьесулго гIадин «Союз справедливых» алде гьоркьоре унел цойги гIолохъабазул рокъосаги гьединго бахъараб къайиги тIадбуссун кьолеб букIинчIо хасал идарабаз. Кидайин гьеб бетIергьабазухъе кьезе бугебилан цIехараб мехалдаги балагьун бихьилин цин абун, хадубги метер кьела сезе кьелайилан абун халат бахъинабуна гьеб иш. Гьелда ццин бахъарав МухIамадицаги гьесдаго цадахъ дицаги Дагъистаналъул прокурор Шахнавазов Рамазанихъе кагъат хъван букIана гьеб къайи тIад буссинабейилан тIалаб гьабун. Гьелдаса хадуб анкьидасан диваналде ахIана МухIамад. Гьесул рокъоса къайи бахъарав гьесул иш бачунев вукIарав цIех-рехчияс тIалаб гьабуна диваналдаса МухIамад туснахъ гьавейилан абун».

Гьединго Зурабица бицана цIех-рехчияс диваналда лъазабунила гьев МухIамад туснахъ гьавизе кколин щай гурелъул гьев республика тун тIуризе рес бугин, гьединго нугIзадериде тIадецуй гьабизе бегьулин гьесилан абун. Хасго гьес кIварбуссинабунила МухIамадовас жидедаги лъазабичIого зама-заманалдаса гIумру гьабураб бакI хисун батанин абун. Гьеб хисулелъул жиндица цIех-рехчиясда ригьтIаго лъазабулаанила гьелъул хIакъалъулъ, гьесухъе ахIулеб букIараблъи бихьизабизе телефоналъул биллинг гьабизеги разияв вугин живилан лъазабун буго жамагIатчияс диваналда. 24 февралалда социалиял сайтаздасан МухIамадов МухIамадица жиндаго сверун лъугьа-бахъунеб бугелъулги хъван лъазаби гьабуна. Гьениб гьес абулеб буго цIех-рехчиясул ццин бахъун бугила жиндица нич гьечIого живго бетIергьанаб къайи нахъбуссинабейилан тIалаб гьабунин абун. Гьедин жиндидаса рецIел босизелъун ургъунго багъаризабунила гьес гьеб иш цIидахъанилан.

Гьеб цебехун бицен гьабураб «Гъизляралъул бертадул» гIахьалчагIазул 17 чи ккун вукIана цин низамцIунулез. Гьезул ункъогояв хутIун вуго жеги туснахъалдаго, хутIарал риччана. Гьел ккун ругезде террористияб къокъа гIуцIиялъул ва гьелъул ишазулъ гIахьаллъиялъул, улкаялда бугеб тIалъи хисизе хIалбихьиялъул ва гIадамазда гьоркьоб тушманлъи багъаризабиялъул гIайиб гIунтIизабун буго. 25 февралалда букIараб диваналда гьев МухIамадидеги гьеб лъабабго къануналъул бутIаялда рекъон гIайибги гIунтIизабуна. Цере рукIарал изнугьечIого ярагъ гьабиялда ва гьеб цIуниялда хурхун къануналъул бутIабазда рекъон гIайиб гIунтIизабун букIана гьесде. Амма МухIамадовги гьесул сверухълъиги гьеб диваналъул хIукмуялда разиял гьечIо. Гьез лъазабулеб буго къуваталъул идарабаз жалго жидецаго цIунулел ругилан. Гьез гIагараб заманалда гьеб хIукмуялда тIасан, гьеб хисизабейилан тIалаб гьабун гIарза хъвазе бугин лъазабулеб буго.

XS
SM
MD
LG