МагъчIваялъе рес

БукIараб букIинчIеб хасаб операция


Дагъистан—ЛъагIел цебе хасаб операция тIобитIулаго бухIараб рукъ, Гъизилюрт, Май2012
Дагъистан—ЛъагIел цебе хасаб операция тIобитIулаго бухIараб рукъ, Гъизилюрт, Май2012

Дагъистаналда хасаб операциялъул хIасилалда зарал ккарал гIадамал гIезегIан руго. Гьезул киназдаго щолеб гьечIо ккараб заралалда рекъараб гIарац пачалихъалдаса. Щибниги щвечIелги гIезегIан руго.

Гъизилюрталдаса ГIабдулаев МухIамадил рукъ тIубанго бухIана 2011 соналъул 26 абилеб февралалда мадугьалзабазул рокъоб букIараб хасаб операциялъул хIасилалда. ЦIигьабун заман бахинчIеб рукъ къокъаб заманалда жаниб цIаги ккун бухIун, гьанже гьес гIумру гьабулеб буго Гъизилюрталда бугеб Хунзахъ колхозалъул петералда.

Жиндиего ккараб зарал бецIун пачалихъалдаса гIарац тIалаб гьабулаго гьев щвана батIи-батIиял идарабазде ва батIи-батIиял хIакимзабазухъе. Дагъистаналда ритIухълъи балагьизе кIоларого гьев щвана хIатта Россиялъул Президентасухъецин. Эркенлъи радиоялъе ГIабдулаев МухIамадица гьадин бицана.

ГIабдулаев МухIамад: «Я Дагъистаналъул ХIукуматалъул нухмалъулес, я Президентас, ялъуни республикаялъул прокуратураялъ щибниги гьабичIо гьаб ишалъе. Лъицаниги щибниги гьабичIо. Дун ана Москваялде. ТIоцебесеб иргаялда дун щвана Генералияб прокуратураялде.

Нухмалъулесул тIоцевесев заместителас къабул гьавуна дун. Дица кьуна гьесухъе уголовияб хIалтIул копия, газеталдаса къотIараб макъала хасаб операция букIанилан, гьединго дица кьуна гьезухъе ниж къварилъи ккарал ругилан шагьаралъул администрациялъул хIукму. Гьебго къоялъ ана Президент Д. Медведевасул администрациялде. Гьелгощинал документал гьезухъеги кьуна, бицана гьадин хутIун ругин кумек гьечIого. Хадув щвана телевидениялде, тIоцебесеб каналалде, дораги гьелго документал кьуна, амма гьез къватIибе биччачIо щибниги.

ЦохIо МухIамадил гуреб, аскIор бугеб жеги кIиго рукъги бухIун буго, лъиениги щун гьечIо пачалихъалдаса кумек. Гьелгощинал идарабазде хьвадиялъул ва кагътазул хIасилалда щолел жавабазул хал гьабурабго, зарал бецIизе ккеялда щаклъи гуреб, жибго рукъ бухIиялда ва хасаб операция букIиналда щаклъи загьир гьабулеб буго.

ФСБялдаса МухIамадихъе бачIараб жавабалда хъвалеб буго 2011 соналъул 26 абилеб февралалда Гъизилюрталда кинабгIаги хасаб операция букIинчIилан. БукIинчIеб батани лъица гьеб операция гьабураб, щал гьел кколел, щай лъицаниги гьелъул цIех-рех гьабулареб абун гIажаиблъи гьабулеб буго жиндие зарал ккарав ГIабдулаев МухIамадица.

ГIабдулаев МухIамад: «Дихъе бачIана жаваб прокуратураялдаса. Гьадингосеб чIанда хъван буго. Квеш гьабун буго, лъица бугониги жаваб кьезе ккола абураб магIнаялъул. Гьединабищха букIине кколеб прокуратураялъул хIалтIи. Лъица бугониги гьабун батани щай цIех-рех гьабулареб, щай гIайибиял ралагьуларел, гьезие тамихI гьабулареб? Президентасухъе битIараб кагъат щун ун буго гьениса ХIукуматалде, гьениса ГIорхъолъа рорчIарал ишазул министерлъиялде, гьенисанги бачIана къуваталъул идарабазул жавабгун цадахъ.

Гьениб хъван буго рехсараб къоялъ Гъизилюрталда кинабниги хасаб операция букIинчIилан. Гъоз инкар гьабурабгIан мехалъ дие пачалихъалъ гIарацги кьолеб гьечIо. Кинха гьеб букIинчIеб цониги жо, гьелгощинал нугIзал руго, рухIарал ва риххарал рукъзал руго, интернеталда макъалаби руго, суратал руго, кин гьеб букIинчIеб щибниги? Щибха гьеб букIараб, щал дол чагIи рукIарал?»

Хасаб операциялда чIварав жиндир мадугьал Атаев Руслан изну гьечIого яргъид гIуцIаразул чи вукIун ватиялдаги щаклъи загьир гьабулеб буго ГIабдулаев МухIамадица. Гьесул пикруялда рекъон, кинабгIаги рес букIинчIо гьениб букIараб операциялда цохIо гулла щун гьев хутIизе, гьебги ботIрода щвезе.

Хасаб операция байбихьилелде гьенире жанире ярагъгун унел чагIи рихьун ругин абулел чагIи рагIанин, гьеб гуребги, рокъов вахчарас данде кьвагьарал гулбузул киналгIаги лъалкIал гьечIилан бицана МухIамадица. Гьединго бицана хасаб операция лъугIун хадуб жиндир рокъоса рикъарал тIагIелазул.

ГIабдулаев МухIамад: «Фашистазул гIадаб операция букIана. Ургъунго гIадамал чIвазе рачIарал гIадин. Гьев чIварав чи террорист вукIаравани гьес дагьабгIаги дандечIей гьабизе кколаан гури. БукIинчIо досул щибниги вагъа-вашари, данде кьвагьарал гулбузулги лъалкIал гьечIо. Щай гьев рачIун сундухъго балагьичIого чIвалев. Гьез абухъе ярагъ бичулев чи гьев вукIун ватани, кквезеги ккун гьикъизе ккелагури киса босараб ва киб лъураб абун. Гьеб гурищ аслияб жо? РачIана, гьевги чIвана. Жидее гIарац щвеялъе гIоло. Цо сагIат хасаб операциялъул гьезие щолеб рагIула 18 азарго гъурущ цо чиясе.

Сордо-къоялъ гьенив чи чIани 360 азарго гъурущ. ХIисаб гьабеха, кисан тIокIаб гьезие гьединаб гIарац щвелеб? Гъов чIварасул цебеккун кинабниги такъсирчагIазде бухьен букIин рагIичIо. Гьанже цо-цояз бицунеб буго эбел-инсухъе рачIун ругин гьеб хасаб операция мекъи ккун гьабураб бугилан бицине. Мекъи ккун кин гIадан чIвалев? Гъосул рукъги жибго тун мадугьалзабухъе щай реххулеб кьвагьулеб жо.

Дагъистан--Хасаб операция тIобитIулаго бухIараб рукъалъул нахъе хутIараб, Гъизилюрт, Май2012
Дагъистан--Хасаб операция тIобитIулаго бухIараб рукъалъул нахъе хутIараб, Гъизилюрт, Май2012
Дол рокъор рукIаралани киналго хвелаан ва хадур гьелги террористал рукIанилан бицинаан. Рукъ бухIун хадуб ниж гьенире риччалел рукIинчIо. Гьенисан риларал алаталги руго, рухIуларел. Дица цо заманалда маххул тIагIелал ракIарулаан, гьел тIагIана. КIиго-лъабго къоялъ раккарулаан, балагьулаан, лъаларо щиб балагьулел гьел рукIарал. Гьедин буго. Гьадинаб хIукуматги бихьараб жо гуро, лъицаниги сундулниги жаваб кьолареб, бокьарас бокьараб гьабулеб».

МахIачхъалаялдаса юрист Къурбанов Мурадица баян кьолеб буго, Терактазда ва хасал операциязул хIасилазда зарал ккарал чагIазе Россиялъул гражданияб кодексалда рекъон гьеб бецIизе кколин зарал гьабураз. ГIемерисеб мехалъ хасал операциязда ккарал цIаязе ва цоги заралазе гIайибияллъун чIезарула гьенир чIварал яргъид гIуцIарал. ЧIварал гIадамал кин диваналде кьелел ва кин гьездаса гIарац тIалаб гьабулеб, гьелъие чIван къотIараб хIукму гьечIин бицана юристас.
XS
SM
MD
LG