МагъчIваялъе рес

Хъамурай яс йигей бакI лъалеб гьечIо гIагаразда


Ясал хъами ахираб заманалда къанагIалъи кколеб бугониги камулел гьечIо цо-цо къваридал лъугьа-бахъиналги. Гьедин, анцIго къо балеб буго гIага-божаразда кий йигеяли лъаларого хIалтIуде унаго нухдаса тIагIарай яс.

Гъизляр мухъалъул ЦIияб Бирюзак росулъа 22 сон барай Колай ГIумарова радал хIалтIуде ун йиго рокъоса 23 сентябралда. Къадеялде рокъоре кIалъан рачIун руго гьей хIалтIуде щай яхъинчIеяли гIилла цIехон.

Жиндир яс хIалтIулей йигин росдал фельдшеразул пункталда. Гьей медикияй хIалтIухъан йигин. Радал, сагIат микьго тIубалелде хIалтIуде анин гьей, амма гьение щун гьечIин абулеб буго ясалъул инсуца.

ГIумар ГIумаров: «Гьей радал микьгоялде бащдаб хIалтIараб заманалда ана рокъоса хIалтIуде. Къадеялде рокъоре кIалъан рачIана, щай гьей хIалтIуде яхъинчIеяли цIехон. Гьеб мехалда лъана гьей тIагIун йикIин.

Гьебго къоялъ, сагIат лъабго тIубайдал, нижеца гIарза кьуна Гъизляр мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялде. МухIканго лъалеб буго гьей хъамун йикIин. Гьоркьохъабаздасан кIалъазе щун гьей кIалъан ячIана, жий ялагьун, ятани нахъе ячейилан абун».

Жанисел ишазул бутIаялде заманалдасан щун буго гIарза. Ясалъул квералъ хъвараб, гьелда рекъон, гIолилай жиндиего бокьун ун йиго тIурун, амма хIакъикъаталдаги гьей кIалъазе щун кIалъан ячIиндал гьелъ гIодулаго бицун бугила жинда кьабун, хIал гьабун хъвазабураб бугин гьеб гIарза ва жиндие гьений йикIине бокьун гьечIин абулеб буго божарай гIадан Фатимаца.

Гьелъ цIакъго гIагарго къабул гьабулеб буго хъамун ун йигей ясалъул къисамат, жийгоги гьедин хIал гьабун хъамун ун йикIарай йикIиналъ. ГIолилалъул вукIанин абурав вас, кватIичIогон бертинги букIине кколаанин, амма гьабсагIат гьей ялагьиялъе гьес кIвараб жо гьабулеб бугилан бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Фатима: «Гьел дихъе щай рачIарал, жиндир заманаялъ дунги хъамун йикIана, гьединлъидал дида лъала кин букIунеб гьеб хIал гьабун хъамураб мехалъали. Амма гьей хъамурал чагIи гьезда аскIоре рачIунел гьечIо.

Гьезухъе щивго вачIун гьечIо. БичIчIулареб жо буго гьеб ячине хъамун ятани улбузухъе рачIунгутIи. Жий хIинкъизаюн хъвазабураб бугин гьеб жийго жиниего бокьун арай йигилан абураб кагъатилан абун буго ясалъ кIалъан ячIун.

Лъица гьей хъамун араялиги лъалеб гьечIо. КIалъан ячIараб мехалъ гьелъ бицун буго жий юхулей йигин. Хабар букIана гьей гIарза жинца хъвараб букIин тасдикъ гьабизе Жанисел ишазул бутIаялде ячун ячIине кколилан, амма ячIинчIо».

ХIасил калам, гIолилай мухIканго лъица хъамун йигеяли лъалеб гьечIо гIага-божаразда ва низам цIунулез гьей ялагьиялъе щибго гьабулеб гьечIо.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Гъизляр мухъалъул Жанисел ишазул бутIагун, амма гьезухъа баянал щвечIо. Гьанибго абизе ккола, гьеб тайпаялъул ишазулъ полициялъулазул кIвар гьечIеб бербалагьи букIунилан.

Аслияб къадар гьединал ишазу ясал жалго жидеего бокьун хъамун унел рукIиналъ. Амма хIакъикъаталдаги чи викъиялъул хIужа бугеб ишги гьединго агъаз гьечIогон хутIтулилан рикIкIунеб буго адвокатаз.

Хъамурай ясалъул улбуз яс йикъун йикIиналда бан такъсир гьабиялъул иш рагьи тIалаб гьабулеб гьечIин ва кколев гьечIин адвокатин тIаде жубана «Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабурай гIаданалъ.

XS
SM
MD
LG