МагъчIваялъе рес

Карамахи росдал бетIерасдаса рецIел босун буго рохьилаз


Карамахи росулъ чанго соналда жаниб хIалуцараб ахIвал-хIал буго. 2012 соналъул 29 июналда бахъараб сураталда - росдал гIадамал бухIараб мажгиталда аскIор. Доб къоялъ гьенив чIвана мажгиталъул имамги цойги чиги.
Карамахи росулъ чанго соналда жаниб хIалуцараб ахIвал-хIал буго. 2012 соналъул 29 июналда бахъараб сураталда - росдал гIадамал бухIараб мажгиталда аскIор. Доб къоялъ гьенив чIвана мажгиталъул имамги цойги чиги.

1 октябрялда Гъарабудахкент мухъалъул рохьов чIвазеги чIван рехун ватун вуго Карамахи росдал бетIер. ЧIварав цебесеб къоялъул сардилъ щалали лъаларез викъун ун вуго рокъоса. Карамахи росдал бетIер чIвай батизе рес бугила 99-абилеб соналъул дандерижи.

Буйнакск мухъалъул Карамахи росдал бетIер , 52 сон барав МихIидин Джавадовасул жаназа Гъарабудахкент мухъалъул Какамахи росдада гIагар бугеб рохьобе рехун батун буго, гьенибго батанин Джавадовасул автомобиль ва цойги жаназайилан лъазабуна 1 октябралда Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул комитеталда. Джавадов викъун вукIиналъул хабар Буйнакск мухъалъул тIалъиялда лъан буго 30 сентябралъул сардилъ. Гьедин, росдал бетIерасул рокъоре сардилъ рачIун руго кодоб ярагъ бугел, тIад маскIаби хурал, щалали лъаларел ункъо чи. ХIинкъаби кьун, гьез Джавадов автомоблалда рекIинавун, цо рахъалде вачун ун вуго.

Нахъисеб къолъ, МихIидин Джавадовасул жаназагун цадахъ батараб жаназа кколеб буго гьебго Буйнакск мухъалъул Чанкурбе росулъа викъун ун вукIарав ИбакIов Шамилил жаназа.

Жанисел ишазул хIалтIухъабаз чIезабухъе, ИбакIов Шамильги Джавадов МихIидинги гIахьаллъун рукIун руго нугIзал хIисабалда цебеккун букIараб изну гьечIого яргъидгIуцIазда тIад гьабулеб диваналъул данделъиялда. Диваналда изну гьечIого яргъидгIуцIарав Гъадар росулъа Насуев Ибрагьимида данде гьез показаниялги кьун руго.

ТамихIалде цIан, жанив тIамурав Насуев жанив тIамун кIиго моцIидаса эркенлъуде вачIун вуго, амнистиялде гъорлъе ккун. Гьеб кIиябго чIвай-хъвейги гьесул иш батизе рес бугин рикIкIунеб буго цIех-рехалъул версиялда.

Джавадов чIвай гьеб тайпаялъул тIоцебесеб иш гурин, гьединлъидал гьениб щибго хIикмалъизе ккараб жо гьечIин, изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде рахъиналде ахIулел ругин хIукуматалъ, амма гьедин рахъарал жалго хутIулел ругин чIорогоял квералгун такъсирчагIаз гIужие росунин рикIкIунеб буго «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад СагIитовас.

Буйнакск мухъалда ккараб гьеб кIиябго лъугьа-бахъин гуребги, рохьилаз рецIел босиялъул цогидаб мисал кколила Гъуниб мухъалъул НакIкIазулъ росулъа чи чIвайги.

Гьел киналго лъугьа-бахъиназда изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде рахъарал гIадамал хIукуматалъ цIуничIого, ккун ругила къурьаналлъун.

ХIажимурад СагIитов: «Рохьилазда тIад диван бугеб мехалда, гьезда данде жо абурав чи ватани гьев, гьеб гьезул рецIел бугилан абизе бегьула. Доб 99 соналдаги, рохьилазда данде жо абурал, гьезда данде жо гьабурал чагIи гьез тIагIинаруна.

ХIукуматалъги гьел цIуниялъе, миллат гьабиялде кIвар кьечIо ва гьел ахирги хутIана ярагъ борчарал рохьилазде данде гIицIал квералгун. Изну гьечIого яргъидгIуцIаразе гуреб, батIиязе лъие гьев чIвай хIажат букIараб.

Цогидаб гIилла букIарабани, гьеб хабар къватIибе бачIунаан. Дица гIайиб гIунтIизабула хIукуматалде. Жакъа хIукуматалъ гIадамазде ахIи балеб буго руцIухIун чIечIого гражданияб позиция загьир гьабун, гьезда данде рагъ байилан. Рогьоцин балеб буго.

РуцIухIун чIечIого гьезда данде рахъарал гIицIал квералгун ругел гIадамал гьез чIвалел руго. Масала НакIкIазукь росулъ ккана гьединабго иш. РачIарал полициялъулалазе гьоболлъиги гьабураб, гьел нухал квешал бакIазде жиндирго машинаялдаги рачарав чи, агрофирмаялъул хIалтIухъан чIвана. Щиб хадуб хIукуматалъ гьабураб?

Жакъа ВатIанияб рагъги гурелъул, фронтги гьечIелъул, хIукуматалъ бегьуларо рагъ байилан ахIизе. БатIиял методал ралагьизе ккола. Вахъана цеве чи, чIвана гьев. Щиб гьесие хIукуматалъ гьабулеб? Кумек, яги гIарац нахъе хутIараб хъизамалъе – щибго гьабуларо».

Карамахи росдал бетIер Джавадов чIвай хурхинабулеб буго Буйнакск мухъалъул Гъадар росдал изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялда.

XS
SM
MD
LG