МагъчIваялъе рес

Гулиев Камиль туснахъ гьавун вуго


Араб бакI лъачIого тIагIарав Гулиев Камиль лъабго къоялдасан Карабудахкент мухъалъул жанисел ишазул бутIаялда ватун вуго. Гьесде гIайиб гIунтIизабулеб буго изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда бан. 9 декабрялъ, диваналъул хIукмуялда рекъон, гьев туснахъ гьавун вуго.

ТIагIарав Гулиев Камиль Карабудахкент мухъалъул жанисел ишазул бутIаялда вугилан лъазабун буго гьесул гIага-божаразда 8 декабрялъ, гьев тIагIун лъабго къо байдал, МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул жанисел ишазул бутIаялда. Гьедин баян гьабулеб буго журналист ва жамгIияв хIаракатчи Юсупов Идрисица.

Журналистасул рагIабазда рекъон, Гулиевасде изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго, 222 статьяялда рекъон.

Гьедин, 9 декабрялъ, Карабудахкенталъул мухъалъул диваналъ Гулиев Камиль туснахъ гьавизе хIукму къотIун буго цо моцIил болжалалъ. ЦIех-рехалъ Гулиев туснахъ гьавизе ккей чара гьечIеблъун букIин бихьизабун буго, гьезул баяназда рекъон, гIайиб гIунтIизабулес гранатаби ва цогидал кьвагьулел алатал сумкаялъул лъун росулел рукIун руго.

Живго Гулиевги хIал гьабун мукIур гьавун вугин гьеб гIайиб тIаде босейин лъазабулеб буго гьесул ихтиярал цIунулез.

Амма диваналъул хIукмуялда рази гьечIо Гулиевасул адвокат Асадула АхIмадов. Гьесул пикруялда, къануналда рекъараб гьечIо туснахъ гьавун Гулиев жанив тIами, щайгурелъул, гьеб гIицIго чара гьечIеб мехалъ тIобитIулеб тадбир букIиналъ.

Гулиев рокъов туснахъ гьави тIалаб гьабулеб букIанин ихтиярал цIунулезги, щай гурелъул гьев вугевлъун эбел-инсул ва хъизамалъул агъаз гьабизе гIицIго цо вугев чийилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе журналист Юсупов Идрисицаги. Гьесул рагIабазда рекъон, диваналда гIураб къадар кагътазул букIун буго Гулиев такъсирчи гуревлъи бихьизабулел, амма гьел хIисабалде росун гьечIо.

Юсупов Идрис: «ХIукуматалъ вихьизавурав адвокатгун бухьен гьабун бажарулеб букIинчIо, гIицIго 9 къоялъ щвана гьейгун бухьен гьабизе. Камилил гIага-божараз ккун вукIана цойги адвокат, АхIмадов.

Диваналде гIицIго гьев гурого я ихтиярал цIунулел, я гIага-божарал риччачIо. Гьеб буго къанун хвезаби, щайгурелъул, гьезие изну кьезе кколаан диваналда гIин тIамизе. Эбел-инсуеги чIужуялъеги вокьун вукIана гьев сах-саламат вихьизе, амма риччачIо.

Гьединго, эбел-инсул гIажизлъи букIиналъул кагътал ва мадугьалзабазул, лъалел-хъвалезул гIарзаби рукIана Камиль кинав чи вугевали вихьизарулел, аама гьел хIисабалде росичIо диваналъ. Нижеца гьарулеб букIана Камиль рокъов туснахъ гьавун тейиан, амма гьев туснахъ гьавизе вихьизавуна диваналъ».

Гулиевгун кIалъазе щварав адвокат Асадула АхIмадовас баян гьабуна, гьесие зулму гьабун бугилан. Адвокатасул рагIабазда рекъон, Камилие хIал-зулму гьабун, гьев мукIур гьавун вуго хIинкъизавун гIайиб тIаде босизе.

Гьесул гьумер хъахIилъун гьорон букIун буго. Щиб-кинин цIехедал, росулъ гIолилалгун ккараб кIалъаялъул хIасилалда щвараб бугин гьебилан абун буго гьес. ГьабсагIат Гулиев Дербент шагьаралъул туснахъалда вугилан баян гьабуна адвокатас.

Гьединго, гьел рази гьечIо диваналъул хIукмуялдаса. АхIмадовасул рагIабазда рекъон, гIагараб заманаялъ гьез гIарза кьезе буго Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналде. Гьединго, Гулиевасде гIайиб гIунтIизабизе рес бугила изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ вукIиналда бан,

ХIасил калам, Гулиевасул ихтиярал цIунулезда ракIалда буго 10 декабрялъ гIарза хъвазе гьев туснахъ гьавун вукIиналда бан.

Гулиевасул гIага-божараз гьесда гIайиб гIунтIизабулеб букIин хурхинабулеб буго гьес социалиял гьиназда рахIмуялъул кумек гьабизе гIарац бакIарулеб букIиналда. Гьедин, Камилица рукъ гьечIого хутIарал, квен тIагIун, ретел гьечIого ругезе бажарараб рахIмуялъул кумек гьабулеб букIанин лъазабулеб буго гьесул хъизан ГIайшаца.

Гьединго, Гулиевас гIарац бакIарулеб букIун буго гьесул пикруялда гIайиб гьечIого туснахъ гьаруразе юридикияб кумек гьабиялъе.

XS
SM
MD
LG