МагъчIваялъе рес

Дунялалъулго факъигьал Дагъистаналда


Maxlачхъалаялъул Джума мажгит, 16Ноя2012
Maxlачхъалаялъул Джума мажгит, 16Ноя2012

Бусурбанал гIалимзабазул тIолгодунялалъул идараялъул нухмалъулев ГIали МухIиддин аль-Карадагил бетIерлъиялда гъоркь гIарабазул гIалимзабазул къокъа бачIана 16 ноябралда Дагъистаналде.

Бусурбанал гIалимзабазул тIолгодунялалъул идараялъул нухмалъулев ГIали МухIиддин аль-Карадагил бетIерлъиялда гъоркь гIарабазул гIалимзабазул къокъа бачIана 16 ноябралда Дагъистаналде. Гьезул сапаралъул аслияб мурад буго республикаялда бугеб динияб дандечIей чучлъизаби, Дагъистаналъул бусурбаби цолъиялде ва ракълиде ахIи.

МахIачхъалаялъул чанго мажгиталда рузманалъул каказда цере вагIзаби гьаруна гьалбадерица. АнцIила щуазарго чи гьунеб кIудияб мажгиталъуб хутIба гьабуна МухIидин аль-Карадагица. Исламалъ бусурбаби цолъиялде ва лъикIлъиялде ахIулилан абураб магIна букIана гьесул кIалъаялъул.

ГIали МухIиддин аль-Карадаги: «ТIадегIанав Аллагьас мукъадисаб Къуръаналда кьварараб куцалда гьукъун буго гIадамазда гьоркьоб кьал, питна бекьи. Аллагьас Къураналда абулеб буго бусурбабазда гьоркьоб рикьи гьаби купру кколилан. ГIакъидаялъул купру гуро гьеб, капурлъиялъул цоги тайпа буго. Къуръаналъул аяталда абулеб буго Аллагьасул каламалда божуларез нуж капурлъиялде цIазе бегьулилан. Гьеб аят рещтIана, цереккун рукIарал дандеккунгутIабиги ракIалде щвезарун, Мадинаялъул бусурбаби цоцазде гьусизе цо ягьудияв лъугьараб мехалда.

Гьеб аяталда мухIканго хъван буго бусурбаби цоцаздехун рокьукълъиялде ва биял тIеялде рачунеб гьединаб рикьи гьабизе бегьуларилан. Умматалда гьоркьор рикьалаби загьирлъизе риччани, гьеб аяталда рехсараб купруялде ккезехъин руго бусурбаби. Нуж цоцазулъ разарулев гьев ягьудиясухъги гIенеккун, цоцазулъ рагъизе нуж рахъани, исламалдаса махIрумлъизе ругилан баян кьолеб буго рехсараб аяталъ. Аллагьасул ссалат-салам лъеяв МухIаммад аварагас асхIабзабазда абуна, нужеда цеве чIаго живги вугеб мехалъ, жагьилзабазул рагIабазде гIинтIамулел чагIи кин рукIунелилан.

МухIаммад аварагас жиндирго ахирисеб вагIзаялдаги абуна бусурбаби рикьизари ва гьез цоцазул биял тIей капурлъиги Аллагьасул рахIматал рикIкIунгутIи бугилан, дун цевеса ун хадуб цоцаца чIвалел капурзабазда релълъине рукIунгеянги тIаде жубана Аварагас».

Щуазаридаса цIикIкIун бусурманчи вакIарулеб, кIодолъиялъул рахъалъ МахIачхъалаялда кIиабилеб бакIалда бугеб, Малыгинил къотIноб бугеб некIсияб мажгиталда вагIза гьабуна Катаралдаса шайих ГIабдуррахIман бен ГIабдуллагь аль-МахIмудица. Гьесги бицана бусурбабазе цоцазул би хIарамаб букIиналъул, кIудияб гIакъубаги бихьун асхIабзабаз Дагъистаналде бачIараб ислам бацIцIадго цIунизе ккеялъул. Дагъистаналъул бусурбабазе дугIаги гьабуна гьес.
Республикаялъул президентас ахIун рачIун ругин жалиланги абуна.
16 ноябралъул къаденахъе гIалимзаби дандчIвана Дагъистаналъул президент МухIамадсалам МухIамадовгун ва республикаялъул пачалихъияб университеталъул студенталгун.
XS
SM
MD
LG