МагъчIваялъе рес

Аслан Масхадов: «Россиялда терроризм байбихьана Путин вачIун хадусала»


Аслан Масхадов
Аслан Масхадов

2005 соналъул 8 марталда Чачан Республикаялъул Толстой-юрт росулъ чIвана Аслан Масхадов.

Интернет-мухъ

Аслан Масхадов кколаан тIоцебесеб рагъдаса нахъе тIолго халкъалъ вищарав президентлъун. Дол рищиязухъ хал-щал гьабулаан гIемерал халкъаздагьоркьосел тохалчагIаз.

«Хасаб операция гьабун, чIван вуго сепаратистазул цевехъан Аслан Масхадов ва гьесул гIагардисел кумекчагIи», - ян кIудияб чIухIигун лъазабуна 2005 соналъул 8 марталда Россиялъул тIадтараз ва официалияб прессалъ. Россиялъул президент Владимир Путиница буюри кьуна гьеб операциялда гIахьаллъаразе рагъулал шапакъаьал кьезеин.

Сепаратизмалъул гуребги, терроризмалъулги гIайибалги гIунтIизарулаан Россиялъул низам-цIунулез Аслан Масхадовасде.

Живго Масхадовас кидаго какулаан теракталги гIадатиял гIадамазе гьабулеб зулмуги. Нижер архивалда цIунун хутIун буго 2003 соналда нижер радиоялъе Аслан Масхадовас кьураб интервью. Гьес гьадинаб къимат кьолеб букIана Масала Бесланалда школлъимал гъоркьлъалие росун рукIиналъе.

Аслан Масхадов: «Бисмиллагьи рахIмани рахIим. Дун вуго Чачаназул Ичкерия республикаялъул президент Аслан Масхадов. Россиялда, хасго Бесланалда рукIарал ахирисел терактазул хIакъалъулъ дие гьадин абизе бокьилаан.

Гьеб буго балагь. Жидерго эркенлъиялъе гIоло къеркьолел чачан халкъалъул ва мужагьидазул кинабгIаги хурхен гьечIо гьадинал ишазда. Гьеб вахIщилъи ритIухъ гьабизе рес гьечIо».

Терроризмалъул гIайибал цогидазде гIунтIизарулел жалго ругин унго-унгоял террористал, ян абулеб букIана Аслан Масхадовас.

Аслан Масхадов: «Ахирисеб щуго соналда жаниб тIолго чачан халкъ, чачаназул киналго лъимал гъоркьлалъие росарал кинигин ругел. Гьел хIехьолел руго Россиялъул пачалихъалъул рахъалъан унго-унгояб терроризм».

Аслан Масхадов ва Россиялъул президент Борис Ельцин. Москва, Кремль
Аслан Масхадов ва Россиялъул президент Борис Ельцин. Москва, Кремль

Аслан Масхадовас жиндир интервьюялда абулеб букIана гьеб пачалихъияб терроризм байбихьанин Россиялъул президентасул хъулухъалде Владимир Путин вачIараб мехалда.

Аслан Масхадов: «Кавказалда Россиялъ халат бахъунеб рокьукълъиялъул вахIшияб политика буго гьеб. Киналго Кавказ миллатазда бараб. Цогидаб гIилла - Россиялда тIалъи хиси ва жиндирго халкъги чачан халкъги бидулъ гъанкъун, Россиялъул Федерациялъул президентасул хъулухъалде Путин вачIин».

2003 соналда Россиялъул президентасул политикаялъе Аслан Масхадовас кьураб къимат жакъа такрар гьабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулезги, Россиялъул оппозициялъги, батIи-батIиял улкабазул церехъабазги.

Аслан Масхадов: «Гьеб буго унтиялда релъунеб президент Путинил гIамал-кIодолъи. Чачаназул ва Чачанлъиялъул хIакъалъулъ бицен унеб мехалда гьесул гьумер хисула, бихьаразда гьеб лъала. Гьесул рейтинг-хIаялъ чачаназул гуребги, цогидал миллатазулги би учузлъизабуна».

Аслан Масхадовасул жаназа гьанжелъагIан кьун гьечIо гIага-божаразе. Гьесул вас Анзорица нижер радиоялъе баян гьабулаго, абулеб буго жидер хьул къотIун гьечIин, ва жидеца гIамал гьабулеб бугин инсул жаназа гIагаб ракьалда букъизе.

А.Масхадовасул вас Анзор
А.Масхадовасул вас Анзор

Анзор Масхадов: «Бусубранчи вукъизе ккола бусурбабазул хабзазда. Байбихьудасанго нижеца тIалаб гьабулаан инсул жаназа нахъе кьей. Нижеда лъалаан – гьеб бигьаяб иш гурин. Нилъеда лъала гIурусазул хасиятги: аза-азар жаназа нахъе кьун гьечIо гIагаразе. Амма нижер буго халатаб заманалъулаб план. Ва гьеб планалъул кинабго мухIканлъи гьабсагIат загьирабизе кколаро. Адвокатазулгун рекъон хIалтIи гьабулаан нижеца ва къеркьецй халат бахъунеб буго».

XS
SM
MD
LG