МагъчIваялъе рес

ИГИЛалде вагъизе ине полициялъ 500 доллар кьолеб рагIула


ГIолохъаби ИГИЛалде гъорлъе инелъун Дагъистаналъул полициялъ тIадецуй гьабулеб бугин бицана Эркенлъи радиоялъе республикаялъул Гъизилюрт мухъалдаса гIолилас. ХIатта цо-цоязде гьенире аралъухъ гIарацгицин кьелин абун бугила гьез. Нижер мухбир МахIмудова ПатIиматие гьеб бицарав чиясул цIарги гьаракьги хисизабун буго нижеца.

ХIасан: «Гьоркьоса къотIичIого гьез (полициялъулаз) ккун рачун уна гIолохъаби. Сириялде ине бокьун гьечIищила, щайила нуж гьенире унарилан лъугьуна гьезде. ГIадамаз бицун гуреб гьеб кинабго хIакъикъат дида бихьун лъала. Дун тIарикъатчи вукIаниги дун разигьечIо гьел низам цIунулез салафиязда хурхун гьабулеб ишалдаса. Дида лъала гьел мекъаб диналъул чагIи рукIин, амма гIадатиял лъиего заралги гьабичIого жидерго ишалдеги руссун, как-кIалалде руссун ругел гьел гIолилал щай берцинго толарел. Гьел я рохьахъ гьечIо, я ярагъ букIунаро гьезухъ».

Гьедин бицана Эркенлъи радиоялъе Гъизилюрт мухъалдаса ХIасан абулев васас. Гьев вуго тIарикъаталда вугев, устарасул мюрид, амма гьесул кIиявго вацги цойги чанги гIагарал чагIиги руго салафиязул кьерулъ ругел гIадамал.

ИГИЛалъул кьерулъ вагъулев вуго Россиялдаса ва лъидаго рачIел улкабазул гьудуллъиялде ай СНГялде унел улкабаздаса 7 азарго чи. Гьедин лъазабуна Россиялъул ХIинкъигьечIолъи чIезабиялъул идараялъул нухмалъиялъ. Гьезул цIикIкIунисеб бутIа Шималияб Кавказалдаса гIолохъаби ругин лъазабулеб буго хасал хъулухъаз. МухIканго чан дагъистанияв гьезда гьоркьов вугевали лъалеб гьечIо, амма гьал къоязда Гъизилюрт мухъалъул терроризмалде данде чIараб комиссиялъ лъазабуна гьениса щибаб моцIица цохIо гьеб мухъалдаса 15-20 чи унев вугила Сириялде вагъизейилан. Гьел гIолохъаби ИГИЛалде гъорлъе иналъе гIайибияллъун бакIалъул полициялъул хIалтIухъабиги ругин, гьез салафиял полициялдеги рачун гьениб тIадецуй гьабун, тIамулел ругила Сириялде инейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Гъизилюрт мухъалдаса ХIасаница.

Живго салафияв гьечIониги гьездехун хасал идарабазул бугеб квешаб бербалагьи бихьулила жиндида ва гьезде гьабулеб бугеб тIадецуйги лъалин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

ХIасан: «3-4 нухалда ккун рачун ун тIадецуй гьабулел рукIарал гIолохъабиги руго нижер гьанир. Киналниги магжилазде щвана гьеб ишалъул тIири. Полициялъ изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун хурхен букIине бегьулездасан гIуцIараб хасаб сияхIалде росун ругезе рахIатго толаро. Нуж щайила жеги гьанир ругел, нуж нужерго диналъул вацазе кумекалъе ине кколарищин абун тIаделъула гьездеги. Гьедин цо кьвагьун кIиго чан чIвазе къваригIун буго гьезие. Чи гьечIеб мехалда проблемаги букIунарелъул».

Гъизилюрт мухъ Дагъистаналдаго бищунго гIодойбиччай гьечIеб мухъ рикIкIунелъул, гьедин салафиял жидедаго тIаса ун рукIине гьел, щиб гьабунги Сириялде рагъизе ине къваригIун бугила гьезие, зама-заманалдаса полициялъул бутIаялдеги рачун нуж щайин нужерго диналъул вацазе кумек гьабизе унарелилан тIаделъулел руго низам цIунулел гьел гIолохъабазде. ХIасанил гьариялда рекъон, гьесие хасал хъулухъаздасан щибго хIинкъи букIинчIого букIинелъун, гьесул цIарги гьаракьги хисизабун буго нижеца.

ХIасаница абулеб буго гьал къоязда Гъизилюрт мухъалъул терроризмалде данде чIараб комиссиялъ щибаб моцIалъ гьениса 15 -20 чи вагъизе унев вукIанин аби битIарал баянал ратилила, щай гурелъул кIанцIизе бакI тIагIинабун бугила къуваталъул идарабаз гьенир гIумру гьабун ругел дагьабниги салафиязулгун хурхен бугезул. Амма цебеялде данде гьанже гьеб Сириялде ИГИЛалъул кьерулъе рагъизе унезул къадар дагьлъун бугинги бицунеб буго гьес.

ХIасан: «Цо васасда полициялда абун буго щайин мун Сириялде унарев, гьениве ине дур гIарацищин гьечIебилан. ГьечIеб батани мун гьениве аралъухъ жиндица дуе 500доллар кьелинцин чIун вуго гьев полициялъулав. Гьелдаса инкар гьабураб мехалда дур ракI бухIизе бугин абун гьесда кIалалги гьикъун руго дов низам цIунулес. Гьел баянал лъицаниги къватIире кьоларо щай гурелъул гьезда божулевчи дагь вукIунеблъи бичIчIула дол гIолохъабазда. Полициялъулаз гьеб нахъегIанаб иш гьабулеб букIин киданиг чIезабунги бажаруларо, гьел ИГИЛалъул вербовщиказде данде рагъ балелин абун рукIуна жидерго кьерулъ гьел вербовщикалги тун. Дагьв цевегIан кIанцIизе бакI тIагIинабуна гьез нижер мадугьалихъ вукIарав цо ГIумарилан абурав васасул. Щибниги къваригIел гьечIеб ишалъул чи вукIинчIо вукIинчIо гьев, жиндирго динги гьабун дарсазде ун рокъове вачIун вукIунаан. Киназдагоги лъан полициялъулаз гьесул рокъобе жидецаго граната реххана. Жанив тIамизехъин вукIана гьев, жиндие рахIат толареблъи лъана досда, гьединлъидал туснахъалде инегIан гьениве Сириялдего ининги абун тIагIана гьев гьаниса. Ахираб заманалъ жидеего бокьун гьенире рагъде унел дагьлъун ругин абизе бегьула, щай гурелъул салафиязул гIалимзабаз фатва бахъун буго гьеб ИГИЛалъулала хараджитал ругин абун, ай бусурбабазда гьоркьоб рикьи ккезабулел чагIи ругин гьелилан».

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъухъан гьеб цебехун ХIасаница бицаралда тIасан «Эркенлъи» радиоялъе баян щвечIо.

Исана марталда Шималияб Кавказалъул федералияб икълималъул бетIер Сергей Меликовас кьурал баяназда рекъон Сириялда гьеб заманалда вагъулев вукIана 1500 кавказалъулав. Гьединго ФСБялъул лъазабулеб буго исана Шималияб Кавказалда ИГИЛалъе гьа бараб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул 7 къокъа тIагIинабуниланги. Россиялъул прокуратураялъ лъазабулеб буго батIиял пачалихъазда рагъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи бугев 650 чиясда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун бугиланги.

XS
SM
MD
LG