МагъчIваялъе рес

Тарихалде буссараб хIужаялъул асар жакъаги буго


Болъихъ - 1999
Болъихъ - 1999

15 соналъ цебе чачаналъа рачIун Дагъистаналде тIадекIанцIана Шамил Басаевасул ва Хаттабил яргъид гIуцIарал къокъаби. Гьезул гьужумалде дандечIезелъун тунка-гIусиял унеб бакIазде рачIана тIолабго Дагъистаналдаса гIадатиял гIадамалги. Доб мехалда гьезул гIемерисезда «вагьабиялин» жидеде абулел гIадамал рихьулел рукIана тушбаби хIисабалда. Гьанже гьелдаса нахъе 15 сон лъугIун хадуб жибго Дагъистаналдаги дагьал гьечIо гьезул идеологиялъул рахъ ккурал гIадамал. Кинаб бербалагьи бугеб жакъа гIадамазул 1999 соналъ цебе букIараб хIужжаялде?

1999 соналъул августалда Шамиль Басаевасул ва Хаттабил къокъаби Болъихъ мухъалъул росабалъе рачIаралго гIемер гIадамаз воекоматалдаса, милициялдаса ва рагъулаздаса гьарулеб букIана ярагъ. Гьезие бокьун букIана жидер росаби ккуразде, жидер бакIаздаса нахъе ине ккезаруразде данде рагъизе. Хадусел къоязда тунка-гIусиял унеб зонаялде кинабго Дагъистаналдасаго рачIунел гьединал гIадамазул къадаралъе гIорхъабицин чIезаризе ккана.

ГIанди - 1999. Ярагъгун жидерго ракь цIунизе къватIире рахъарал гIадатиял гIадамал милициялъул хIалтIухъабигун
ГIанди - 1999. Ярагъгун жидерго ракь цIунизе къватIире рахъарал гIадатиял гIадамал милициялъул хIалтIухъабигун

Болъихъа тIадекIанцIаразул захIмалъаби рахъун хадур, Россиялъул генералаз абухъе, цоги рахъалде кIвар буссинабиялъул мурадалда бацI бахъараб байрахъалда горкь чачаназул рахъалдаса тIадекIанцIана Новолак мухъалдеги. Цадахъго Буйнаск мухъалъул Карамахи ва Чабанмахи росабалъ унеб букIана рагъулаб операция. Гьенибни Республикаялъул нухмалъиялъул берда цебе гIуцIун букIана улкаялъул къануназдаса инкар гьабун, шаригIат билъанхъизабулеб хасаб нухазда шлагбаумал лъураб хасаб территория. ГIемерисел дагъистанияз гьеб тIадекIанцIи къабул гьабулеб букIана жал хIакъир гьарилъун, гьезда гьеб бихьулеб букIана кIаркьалъ хъат кьаби гIадин. Официалияб статистикаялда рекъон, гьел киналго бакIазда ккарал тунка-гIусиязда хвана улкаялъул рагъул къуватазул 275 чи, лъукъана азаргоялде гIунтIун. Яргъид гIуцIарал экстремистазул хвана 2500 чи.

Щай гьедин ккараб?

ГIисалмахIамад Набиев, жамгIияв хIаракатчи, инсанасул ихтиярал цIунулев
ГIисалмахIамад Набиев, жамгIияв хIаракатчи, инсанасул ихтиярал цIунулев

ЖамгIияв хIаракатчи, инсанасул ихтиярал цIунулев ГIисалмахIамад Набиевасул пикруялда, Чачаналъ рагъ ккеялъе, Дагъистаналъул Чабанмахиялдаги Карамахиялдаги гIадал «вагьабиязул» шаригIаталъул чIинкIилъаби» раккиялъеги Дагъистаналде тIаде кIанцIиялъеги ресал раккиялъе рукIана гIаммал багьанаби – пачалихъалъул тохлъи, къадру гьечIолъи, къанунал хIалтIунгутIи, нухмалъиялъул гIорахъаби лъалареб коррупция ва цогидал. ГIаммаб къагIидаялда гьединалго гIиллаби рукIана хадуб жибго Дагъистаналда экстремитсияб багъа-башари баккиялъеги. Дагъистаналда экстремизмалъул пикру щулалъиялъул хIакъалъулъ гьадин бицана нижер программаялъе Набиевас.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:31 0:00
Интернет-мухъ

Э.Р. - КIин дуда кколеб, ГIисалмахIамад, Дагъистаналда 1999 соналъ ккараб жакъа такрарлъулеб букIарабани, рахъине рукIанищ гIадамал жидерго ракь цIунизе, «вагьабиязулин» абулеб идеология республикаялда гIуралъ тIибитIун букIин ракIалде босун?

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:53 0:00
Интернет-мухъ

XS
SM
MD
LG