МагъчIваялъе рес

Жиндир бугелдаса багъараниги бегьулеб ракь


Биххараб сейсмикияб станциялъул хъутIелал
Биххараб сейсмикияб станциялъул хъутIелал

МахIачхъалаялда букIараб Дагъистаналъул сейсмикияб ай ракьбагъариялъул цIех-рех гьабулеб станция биххизабун буго гьал къоязда. Гьеб станция бан букIараб ракь гьанже жиндир бугин абулев чияс цо сардилъ тракторгун вачIун биххизабунги рагIула гьеб.

Федералияб централъул кIваралда бугеб Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул азбаралъуб биххизабун буго ракь багъариялда хадуб халкколеб станция.

Жибго гьитIинаб бакI буго гьеб – бакьулъ лъураб биццатаб бетонналъул гьабураб рогIороялда ххурал алаталги ругеб, гIебедеги халалъухъеги ункъ-ункъ метраги бугеб бакI. Амма гьел алатал рукIун руго багьа кIудиял алатал. Гьезул гIаммаб багьа анлъго млн гъурщиде бахунеб буго. Масала, Шималияб Кавказалда цохIо гурони гьечIеб, цо млн гъурщил багьаяб Медведевасул сейсмоскоп тIокIаб хIалтIизабун бажаруларин гьебилан хьул къотIун бицана ЭР-ялъе Василий Черкашиница. Гьев ккола геологиялъул институталъул директор. ХутIарал алатаздаги божилъи гьечIоан гьесул.

ПалхIасил, гьеб станциялда жанир лъурал алатаз хал кколаан МахIачхъалаялда ракь багъариялъул иш кинаб хIалалда бугебали. Гьединго шагьаралъул микросейсморайонирование гьабизе гьанжегIагар Дагъистаналъул геологазда тIадкъан букIана МахIачхъалаялъул нухмалъулез. ГIезегIан сонал рукIун руго шагьаралда гьеб гьабичIого. Ракь багъариялъул рахъалъ хIинкъи цIикIкIиналъул рахъалъин абуни Дагъистан Россиялда кIиабилеб бакIалда бугин рикIкIуна геологаз Камчаткаялдаса хадуб.

Станция биххизабун буго 17 августалъул къаси. Гьеб къоялъул бакъанида гIадин тракторалда вачIун цо чияс тIе-тIезарун руго цин электроэнергиялъул кварал. Цинги станциялда квербазе гьев лъугьиндал, геологаз рекерун рачIун ахIи-хIур бахъинабун буго. Гьанжени нуж гьедин чIелин, амма къаси щибин гьабилебин кIалал гьикъун руго цо ХIабибин цIар бугев чияс геологазда. Жидеца гьеб гIадахъго босун букIинчIин, амма унголъунги сардилъги рачIун тIатIала ккезабун батанин станцияйин бицана Василий Черкашиница. Гьев ХIабиб гьабсагIаталда туснахъ гьавун вуго. Мун щиб гьабулев чиян гьикъидал, жиндир хважаинас витIанин жив гьениве станция биххизабизейин жаваб кьун буго ХIабибица.

Василий Черкашин
Василий Черкашин

Василий Черкашин: «Жиндир хважаин вугила МухIамадмирзаев ГIазиз. «Горно-ботанический сад» абураб гIуцIиялда жанир объектал ралев чи рагIула гьев. Гьаб бакI федералияб кIваралъул бакI букIин лъаларищ дудаян абуниги, чIолев вукIинчIо гьев. Нижеде кверал рорхизе лъугьана. Дир хIалтIухъанас полициялде гIарзагицин хъвазе ккана жиндие хIинкъаби кьолел рукIанин гьесилан».

Гьеб станция бугеб азбар сверун ран руго гIелмияб гуреб кIваралъул минаби, гьенир хIалтIулел чагIаз бицухъе. Шагьар бакьулъ лъикIаб бакIалда бугеб гьениб элитаялъулабин абураб мина балеб бугилан рикIкIунеб буго гьез. Цинги ракь багъариялда хадуб хал кколеб станция биххизабураб бакIалдаги цо жо ургъизехъин бугин кколила. Гьелда бан гьадин бицана ЭР-ялъе геологиялъул институталъул директор Василий Черкашиница.

Василий Черкашин: «Дида лъавухъе, гьеб бакIалъе гIурччинаб кагъат, ай ихтияралъул кагъат, кьун буго гьениб «Горно-ботанический сад» абураб гIуцIиялъул экспоцентр базеян. Гьенир цо кутакалда къанагIатал гъутIби чIезеги цогидаб гьабизеги къваригIун бугин абулеб буго. Гьединго, гIалимзабазеян цIарги лъун, ГIелмияб Централъул минаялъул хьолбохъ балеб буго элитаялъул тайпаялъул мина. Амма гьенир минаби росизе рес гьечIо нижер гIалимзабазул. Бищун кIвани, гьеб минаялда жаниб жанахIги хIажатханаги босизе кIвела гьезда. Кутакалда хириял рукъзал руго гьенир. Гьединго дагьалъ дорегIан рана тукаби. Дида лъаларо лъица гьезие гьеб ихтияр кьурабали».

Биххараб сейсмикияб станция
Биххараб сейсмикияб станция

ЦIех-рехчагIазухъа щварал баяназда рекъон, сурав босулеб мехалъ дов ХIабибица абун буго геологазул станция биххизабизе тIадкъай жиндие дов МухIамадмирзаев ГIазизица гурин кьураб, шагьаралъул мэриялъ кьунин. Гьедин батани, сардилъги рачIун, цIогьохъего щай гьеб биххизабизе кколеб букIарабали бичIчIулеб гьечIо геологазда. Гьединго 20 августалда МахIачхъала шагьаралъул мэрасул ишал тIуразарулев Муса Мусаевас официалияб куцалда лъазабуна рагIа-ракьанде щун гьеб ишалъул цIех-рех гьабизе бугин жинца.

Гьанже гьеб станциялда сверухъ бахъараб ахIи-хIуралдасан къватIибе бачIун буго дол ГIелмияб Централъул азбар сверун рарал объектазул суалги.

XS
SM
MD
LG