МагъчIваялъе рес

Дагогниялъул администрациялдаса хасал идарабаз документал рахъун руго


АхIмад Изилов, Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутат.
АхIмад Изилов, Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутат.

Талат къоялъул радал анцIила цо тIубаралдаса бакъанища щуго тIубазегIан Дагестанские огни шагьаралъул администрация сверун ккун букIанин хасал идарабазул хIалтIухъабаз, гьезго шагьаралъул бетIерасул хIалтIулеб рокъоса документал рахъун анин абурал баянал тIиритIизаруна цо-цо республикаялъул информалатаз.

«Новое Дело» газеталъ хъвалеб буго шагьаралъул администрациялда хIалтIулев чиясдасан жидехъе щварал баяназда рекъон хасал идарабазул хIалтIухъабаца рахъун анила ДагъОгниялъул бетIерлъиялъ бюджеталъул гIарац хIалтIизабураб куц бихьизабулел документал. Гьез хасго кIвар кьолеб букIанила 2011-2015 соназда шагьаралъул нухмалъиялъ, ва Дагъогниялъул депутатазул мажлисалъ бюджет бикьа-къотIиялда хурхун гьарурал хIукмабазде.

Гьебго газеталъул баяналда рекъон хасал идарабазул вакилзабаз рахъун ун руго архивалдаса, бухгалтериялдаса ва ракьул суалал тIуралеб администрациялъул бутIаялдаса документалги. Гьел церехун рехсарал идарабаз щай гьел тадбирал тIоритIулел ругелали мухIканлъи кьун гьечIо администрациялъул хIалтIухъабазе.

ЦохIо абун буго шагьаралъул нухмалъиялъ къануналде данде кколаредухъ бюджеталъул гIарац хвезабун букIиналда бан такъсиргьабиялъул иш рагьун букIиналъ, гьелъул цIех-рехалъе хIажатал документал рахъулел ругилан.

Дагьав цевегIан шагьаралъул бетIерлъун тарав Алахверди Халиловасул кумекчIужуялъ «Эркенлъи» радиоялда лъазабуна Дагъогниялъул бетIер нужее баян кьезе гьаб сагIат регIун гьечIилан. Гьелъул рагIабазда рекъон гьел I сентябралда администрациялда тIоритIарал хасал тадбиразул хIасилалда гьеб къоялъ чанго сагIаталъ хIалтIи чIун букIун буго, гьанже жидер хIалтIи букIарабго хIалалъ унеб бугила, хасал идарабаз кинаб букIаниги гьукъа-къайги гьабичIила жидеейилан абуна гьелъ.

Гьединго гьей кумекчIужуялъ абуна официалияб къагIидаялъ гьеб щай гьел документал рахъаралали жиндида абун бажаруларила, амма жинда лъавухъе цеве шагьаралъул мэрлъун вукIарав ХIалим ХIалимовасул къануналде данде кколареб хIалалъ гьабураб хIалтIуе гIоло тIоритIанин гьел тадбиралилан.

«Дагестанские огни» газеталъул бетIерав редактор ва жамгIияв хIаракатчи ХанмухIамадов МухIамадицаги абуна, жиндир баяназда рекъон, ХIалим ХIалимовас шагьаралъул ракьалда хурхун гIемер хIилла-рекIкI гьабун букIанила,гьелда хурхун цIех-рех гьабулеб бугила хасал идарабазилан.

ХанмухIамадов МухIамад: «ХIалим ХIалимовасда тIасан цIакъ гIемер гIарзал рукIараллъи лъала дида. ГIадамаз гьоркьоса къотIичIого хасал идарабаздеги, республикаялъул нухмалъиялдеги хъвалел рукIана гьес шагьаралъул бюджет бикъулеб бугин, гьениб гIадамазе гIумру гьабизе шартIал чIезарулел гьечIин абун. Щибаб гIарзалъул хIисаб гьабичIониги цо-цоялда хурхунгIаги халгьабиял тIоритIизе чагIи ритIун рачIунаан шагьаралъул администрациялде республикаялъул бетIерлъиялъ. Гьединалго гIарзазе гIоло рагьун букIана гьев ХIалимовасда тIад такъсиргьабиялъул ишги.

Гьеб ишалъе гIоло рачIун рукIун ратилин гьаб нухалдаги хасал идарабазул вакилзабийилан ккола дида. Шагьаралъу цIияв бетIер Алахверди Халиловги ХIалимовасул чи вукIиналъ ва цебеги тIад такъсиргьабиялъул иш тIад гьабурав чи вукIиналъ гьесул хIалтIул хал-шал гьабизеги рачIун рукIун ратизе бегьула.

Гьединго цойги баяназда рекъон цеве шагьаралъул нухмалъулес гIемераб Дагъогниялъул ракь жиндидего ва жиндирго гIагарлъиялде буссинабун букIун буго. Гьелъул ахIи бахъун бугила гьанжейилан абулеб букIана, нижер гьитIинаб шагьаралъе гьеб ракьул суал цIакъ кIвар цIикIкIараблъун бугелъул».

Ункъго моцIица Дагъогниялъул бетIерлъун вукIун дагьаб цебегIан гьеб хъулухъалдаса нахъе арав Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутат АхIмад Изиловас «Эркенлъи» радиоялъе бицана ХIалим ХIалимовасул заманалъ шагьаралда гьарулел рукIарал ракьуда хурхарал хIилла-рекIкIазул.

АхIмад Изилов: «ЦохIо ХIалим ХIалимовасда тIад гIезегIан ракьал хъван ратана. Гьесул гIагарлъиялдаса, сверухълъиялъул чагIазда тIадги руг чанги –чанги ракьал. ХIатта шагьаралъул ахазулгицин хасал чагIи бетIергьабилъун рахъанин абурал документал рукIана. Дагъогни буго гьитIинаб шагьар, ракьги гIемер гьечIо шагьаралъул.

ТIубараб шагьарги гIадамал бетIергьанал минабаздасан гIуцIун бугин абизе бегьула, гьениб ричун росизе гIемер тIалаял минабахъ рукъзалги щоларо, ракьги босун гьениб мина бани гурони мунго бетIергьанаб бакI щоларо. Гьединлъидал шагьаралда ракь цIакъго гIадамазе хIажат букIиналъги, дагьаб букIиналъги хирагоги букIуна.

Гьеб ракь кьезе бихьизабурал чагIазеги гьеб чанги саназ щун гьечIо, гьелдасаги цIакъ гIемер разигьечIолъи буго халкъалъул. ГIадамаздаги лъалеблъидал шагьаралъул тIалъиялъги гьеб ракьул суалал тIуралел цойги идарабазги гьеб бикьа-къотIулеб букIараб куц. Дагъогниялъул диваналъ цохIо лъагIалида жаниб чанго нус-нус ракьул кесекалъе бетIергьанлъи чIезабулеб хIукму къотIун буго, цониги идараялъ гьел хIукмабазда тIасан гIарзаги хъван букIун гьечIо».

Гьанибго абизе ккола исана 27 марталги хасал идарабаз ДагъОгниялъул администрациялдаса документал рахъун рукIанилан. Гьеб мехалда абулеб букIана Дагъогниялъул нухмалъиялъ шагьаралъул хIажалъабазейилан абун босараб бакI унго-унгояб гьелъул багьаялдаса хираго босанин абун гьереси документал гьарун ратиялъ тIоритIанин гьенин хасал тадбиралилан. Гьеб ишалъул хIасил жеги лъалеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG