МагъчIваялъе рес

ЦIар бахчиялде ккарал


Исана сон байбихьилалде Дагъистаналда вукIун вуго хъвай-хъвагIай гьабурав 4600-ялдаса цIикIкIун наркоман. Гьезулги балугълъиялде вачIинчIев 66 чи ва 27 сонил ригьалде вахинчIев 150-гIан чи. Республикаялда наркомания гIолохъанлъулеб букIаниги, наркоманазул гIаммаб къадар дагьлъулеб бугин рикIкIунеб буго тохтурзабаз.

МахIачхъалаялъул наркологиялъулаб диспансериялда сах гьавулев вугев, наркотикал хIалтIизарулев МухIамадил кутакалда ракI бухIун бугоан мекъаб нухде ккун ватиялъ ва талихIалъ таваккалаб нигатги бижун бугоан тIуванго сахлъизе. 30 сон бараб мехалда тохлъукьего ккун вуго МухIамад наркотиказул асирлъун. Гьелда бан гьабун гьечIо жеги хъизанги батун гьечIо жиндирго талихIги. Росу – ракьги цIарги балъго гьабурав гьес гьарана, МухIамадилан абун тейила жиндаян.

Россиялъул Федерациялъул наркотикал хIалтIизариялда хадуб хъаравуллъи букIинабиялъул хъулухъалъул Дагъистаналъулаб идараялъ (УФСКН РФ РД) тIобитIулеб бугин «Югалъул гIолилал» абураб оперативиябгун – профилактикаялъулаб операция ва гьелъул гIурхъабалъ наркотикал ричулел бакIазде щун низам цIунулез хIалтIи гьабизе бугин абидал МухIамадилъ цо рохалил лъалареб пашманлъиялъул лъалареб асар загьирлъана.

МухIамад: «Гьел киналго тIагIинаризе ккола, гурони наркотиказул даранги гьелъул балагьалги лъугIуларо».

МухIамад гIадинал, мекъаб нухдеги ккун жидер къисмат къосаразул къадар дагьлъизабиялъул мурадалда гьабулеб хIалтIиги тIоритIурел тадбирал дагьал рукIунаро. Гьезул хIасил кинабдай ккола ва ахIвалалда рекъараб бугодай наркотикал хIалтIизариялда хадуб хъаравуллъи букIинаби? Рехсараб диспансериялъул нухмалъулезул баяналда рекъон ахирал соназда наркотикал ричиялда ва хIалтIизариялде данде гьабулеб рагъ гIезегIанго цIикIкIун ва наркотикал хIалтIизарулезул хIисабалде босаразул къадар гIезегIанго дагьлъун буго.

Дагьабги лъикI букIинароандай наркотикал ричиялде ва хIалтIизариялде данде чIеялъулаб ва тIатинабиялъулаб хIалтIи цебеккунго лъазабичIого балъго гьабизеян абураб суалалъе МухIамадица гьадинаб баян кьуна:

МухIамад: «Мекъи гьабулеб буго гьез. Цебеккунго лъазабизе бегьуларо, Гьеб дида лъалеб жо буго. Тадбир гьабулеб заманалда даран гьабулел бакIал рахан рукIуна. Гьез лъалел чагIазеги щибниги бичуларо. Лъаларо лъица гьезда лъазабулебали, амма лъала гьедин букIунеблъи».

Гьелдаго релълъараб пикру загьир гьабуна МухIамалил тохтур Марям ГIабдулаевалъги.

ГIабдулаева Марям:«ГIадатлъун билълъараб жо батила гьединал тадбирал гьаризе рукIин цебеккунго лъазаби. ЧчугIа цIогьохъе кквеялде данде тадбирал хIадурулел ругилангицин цебеккунго бицуна. Гьанибги гьебго жо буго. лъаларо гьедин букIинейищ гьеб кколебали».

Наркотиказул дипансериялъул хIисабалда рекъон исана сон байбихьидал учеталде росарал наркоманазул республикалда 4645 чи вукIана. Гьединго руго хIисабалде росарал 174 токсикоманалги. Гьел киназдаго гьоркьор I48 чи вуго 27 саналде рахинчIезул ва 66 чи 18 соналде щвечIезул. Амма гьеб тIубараб сияхIги ва республикалда наркоманазул бугеб ахIвал – хIал бихьулеб суратги гурилан бицана Дагъистаналъул наркологиялъулаб централъул бетIерав тохтурасул земеститель СалихIат ГIумаровалъ. ХIакъикъаталда гьезул къадар чанцIулго цIикIкIараб бугилан абуна гьелъ.
XS
SM
MD
LG