МагъчIваялъе рес

Рамазан Жалалдинов: «Дун гьанже ГIабдулатIипов тун батIияв чигун данчIвазе гьечIо».


Чачаналъ магIарулаз гIумру гьабун бугеб Кванхи росулъ гьечIел санагIалъабазулги, гIадамазе чIезарун гьечIел шартIазулги, тIалъиялъ тIаса «магъало» бахъун гурони росдал жамагIаталъе пачалихъалъ биччараб гIарац кьолеб гьечIолъиялъул ва цойгидал проблемабазул хIакъалъулъ Россиялъул президент Владимир Путинихъе видеохитIаб гьабурав Рамазан Жалалдиновасда хадур лъугьарал чагIаз гьесие жеги рахIат толеб гьечIо.

Интернет-мухъ

Чачаназул бетIер Рамзан Къадировасул гIадамаздаса ва гьесие квербакъи гьабулел цо-цо Дагъистанияздасаги МахIачхъалаялда вахчун вуго гьев хитIабчи. Иргадал республикаялъул хIакимзабигун дандчIвалевги вуго гьев, амма гьел дандчIваязул жеги кинаб букIаниги хIасил кколеб гьечIо. ХIакимзабаз Рамазание ва гьесул хъизаналъе хIинкъигьечIолъиги чIчIезабулеб гьечIо. Гьал къоязда иргадулав республикаялъул тIалъиялъул вакилгун букIараб дандчIваялдаса хадуб мажгиталъуве араб бакIалдаса гьев викъизейилан лъугьун рукIун руго гьесулго ракьцоял цIумадисел.

Амма гIадамал гьоркьоре лъугьун, гьез кумек гьабун ворчIун вуго гьев. Гьелдаса хадуб журналистазул къокъа цадахъ гьечIого жив тIокIав кивениги ине гьечIилан лъазабулеб буго гьес. Гьедин арбагI къоялъ Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьер Рамазан Жафаровасулгун дандчIваялде унеб мехалдаги щаклъи бугеб чанго автомобиль букIанила жинда сверун женжедилебин абуна гьес «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

ТалихIалъ жив сон лъицаго кквечIого берцинго ворчIанилан. Жафаровасулгун букIараб дандчIваялъги жиндида гьес гIайибал чIвай гурони хIасил ккечIин бицана гьес. Гьединго гьев дандчIван вуго Дагъистаналъул миллияб политикаялъул министрхисулевгунги. Гьел данделъазабазул хIакъалъулъ, гьенир рорхарал суалазул ва гьезда хурхун жиндирго ругел пикрабазул гьадин бицана Рамазаница «Эркенлъи» радиоялъе.

Рамазан Жалалдинов: «Итни къоялъ дун дандчIван вукIана Дагъистаналъул миллияб политикаялъул министр хисулев Давудов МухIамадгун. Дие вукIине бакIалъулги, дир лъималазул цIалул суал тIубазеги кумек гьабейилан гьарун букIана дица гьесда. Я гьабилин кумек гьабиларин абичIо гьес».

«ЭР»: Рамазан Жафаровас щибилан абураб дуда?

Рамазан Жалалдинов: «Жафаровас абуна дуца гьаричIониги кумек гьабизехъин бугила, республикаялъул бетIерас жинда тIадкъан бугила гьеб дир суал. Гьаб сагIат республикаялда чанги чагIи хутIун ругила минаби гьечIого, Дербенталда хасаб операция тIобитIулеб мехалда кьвагьиразун минаби гьечIого хутIараб чанго хъизан бугила, чачаналъа вачIарав мун гьечIониги кумек гьабизе гIурал чагIи ругила жидерилан лъазабуна гьес.

КIвараб жигар бахъулеб бугин жидецайилан вукIана гьев. Дица кумек гьабизе тIамулел гьечIин, кумек гьарун вачIун вугин дун нужехъейилан абуна дица гьезда. Гьабулареб батани гьабуларин абейин гьеб, гьабулеб батани дагьаб хехго гьабейин кумекилан абуна дица. Дир исана школа лъугIулей йигей ясалъул цIали хвезе бокьун гьечIо, гьелъие экзаменал кьезе санагIалъи гьабизе къваригIун буго. Гьединго Жафаровас дида абуна дуца гьерсал рицун ругилан.

«ЭР»: Кинал гьерсал?

Рамазан Жалалдинов: «Кванхиб букIаралъул хIакъалъулъ «Черновикалъул» журналист Саида Вагьабовалъги кIодо-кIодо гьабун хъван бугила, дуцаги гьерсал рицун ругин абуна гьес гьес дида. Дица гьесда абуна мун Кванхиве щвараб мехалда школалда киналго росдал гIадамал рачIун рукIанищилан. РукIинчIилан абуна гьес, жив къватIиве вахъун хадуб рикIкIадегIан бакIарун букIанила халкъилан. Щайин нуж гьел гIадамалгун дандчIвачIел, гьезие гIолеб гIолареб жо щиб бугебали щай цIехечIебилан абуна дица.

Пачалихъалъул гIарацги босун цIаруего гьениреги ун щайила нуж рукIунелилан цIехана Жафаровасда дица. Гьев дир бухIараб рукъ бугеб бакIалде виччан гьечIо чачаназул полициялъ. Гьев гьелъие мукIурлъулев вукIинчIо, дида лъала полициялъ гьел дир минаялде аскIоре къазецин риччачIолъи. Ахиралдаги гьес абуна дида жидер заман букIинчIила, гьединлъидал гьенире ине заман букIинчIин жидерилан».

Гьединго Рамазаница бицана вице-премьерас жиндие кумек гьабилин чIванкъотIун абичIилан. Школа лъугIулей йигей ясалъе цIализе санагIалъи гьабилин абун буго цохIо гьес. Жалалудиновас абулеб буго жиндир тIалъиялдехун кинаб букIаниги божилъи хутIун гьечIила, Рамазан ГIабдулатIиповас ахIани гурони тIокIав хIакимчиясулгун дандчIваялдеги ине гьечIин живилан.

XS
SM
MD
LG