МагъчIваялъе рес

ХIамзатовал лъица чIварал?


Гъизляр шагьаралъул халкъияб мажлисалъул депутат МухIамад ХIамзатов, гьесул лъабго вац ва вацасул вас чIваялда тIаса диваналъул иргадулаб данделъи тIобитIана гьал къоязда Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялда.

МухIамад ХIамзатов, гьесул вацал ГIусман, Юсуп, Гъаздибир ва вацасул вас МухIамад ГIумаров чIвана гъоркьисала март моцIалда Гъизляралда ккараб кьабгIей-рагъалда. Гьеб лъугьа-бахъин ккун хадуб нахъисеб къоялда чIваразул гIагарлъиялъ «Ростов-Баку» федералияб нух къана. Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградов хъулухъалдаса вахъи тIалаб гьабулеб букIана нух къараз. Гьез абулеб букIаралда рекъон, Виноградовасул хъаравулзабаз чIвана ХIамзатовал ва гьезул вацасул вас.

Хъаравулзабигун ХIамзатовазул рагъ ккун буго автомобилал чIезарулел бакI сабаблъун. Ахир къад, Виноградовасаул хъаравулзаби ккуна полициялъ ва гьезие хIукму къотIизе буго гьабаразул диваналъ.

Диванханаялда тамихI къотIизе буго Заирхан МухIамадгIалиевасе, Залимхан МухIамадгIалиевасе, МухIамадхIабиб МухIамадовасе, Шамил МухIамадовасе, Садык МухIамадовасе ва Юсуп Шариповасе.

Диваналъул иргадулаб данделъи тIобитIана 8 ноябралда. Гьеб данделъи байбихьана гъалмагъиралдаса. ХIамзатовазул гIагарлъиялъе рекIее гIечIо гIайиб гIунтIизабулезул гIагараллъиялул чагIи диваналде рачIин. КIиябго рахъалъул чагIазда гьоркьоб дагIба-рагIи ккана. Гьел гIодор ричазаризе бащдаб сагIат ана диваналда низам цIунулезул. Ахирги гIайиб гIунтIизабулезул гIагарлъи диван гьабулеб рукъалдаса къватIире гъуна.

Гьеб лъугьа-бахъиналда тIаса диванчи Закир Исрафиловас низам цIунулездаса тIалаб гьабуна хасаб рапорт. Диваналда рачIаразда гьес лъазабуна жеги гьединаб льугьа-бахъин кканани, диваналъул данделъи къан бачине бугилан. Гьеб лъазабиялда хадур диван гьабулеб рукъалде тIадруссинаруна гIайиб гIунтIизабулезул гIагарлъиялъул чагIи.

8-леб ноябралда тIобитараб данделъиялда диваналда гьикъа-бакъи гьабуна лъабго нугIасе. Диванчияс тIоцее ахIана Марьям ХIамзатова. Гьелъ бицана жий хIалтIулей йикIанин имгIал МухIамад ХIамзатовасул офисалда. ЧIваял ккараб къоялда ай 2012 соналъул 18 марталда радал хIалтIуда ячIунаго гьелда рихьун руго имгIал Гъазидибирги цо чиги.

«Гьезда гьоркьоб кинаб хабар унеб букIарабали лъикI рагIулеб букIинчIо, амма цо-цо рагIараб жоялдаса бичIана гьезда гьоркьоб дагIба-рагIи ккун букIин», - ян бицана ХIамзатовалъ.

Гьелъул рагIабазда рекъон, Виноградовасул хъаравулчиясда Гъазидибирица абун буго жидер автостоянкаялдаса автомобиль нахъе бачаян, амма гьесул рагIабазда дов цояс гIинтIамун гьечIо. Хъаравулчияс Гъазидибир гIодове ккезавуна ботIрода тапанчаги кьабунилан бицана ХIамзатовалъ.

Диванчияс гьикъана гьелда, ракIалда вугищали тапанча кьабурав чи. «Вуго», - илан жавабги кьун нугIалъ килищ битIана гIайиб гIунтIизабулезда гьоркьов вугев МухIамадхIабиб МухIамадовасда.

Гьелъ гьединго бицана, доб къоялда хъаравулзаби ункъо нухалъ щванилан ХIамазатовазул «Планета-люкс» тукеналъул мина бугеб ракьалде. «ТIоцере гьел тукеналда гIагарда рукIана Гъазидибиргун дагIба-рагIи ккараб мехалда, кIиабилеб нухалъ рачIараб мехалдаги щибалиго жо сабаблъун рачIана, лъабабизе Виноградовгун рачIана, ункъабилеб мехалда ХIамзатовал чIвазе рачIана», - ян бицана нугIалъ.

ХIамзатовазул гIагарлъиялъул адвокат Сапият МухIамадовалъ гьикъана гьелда ункъабилеб нухалда вачIаравищали Виноградов. Гьев вукIинчIила, гьесда релъарав чи вукIанилан абуна нугIалъ.

КIиабилей нугI Мадина ХIамзатовалъ Гьей кколаан Гъазидибирил яслъун бицана лъугьа-бахъин ккараб бакIалда жий эбелгун ячIанилан.. Диваналда гьелъ бицана, гьелда рихьанилан тукеналде жанире унел хъаравулзаби. «Тукеналъул цогидал рукъазда жанире рукIана руччаби. РагIана кьвагьдеял, гьеб мехалда чIвалел рукIун руго хъаравузабаз эменги вацалги», - ян бицана нугIалъ.

ХIамзатовазул вацгIал Курав Кураевас диваналда бицана, лъугьа-бахъин ккараб бакIалде щванилан ХIамзатовал чIван хадуб. Лъица гьел чIварал жинда бихьичIилан абуна Кураевас. Диваналъул гьеб данделъиялда цIех-рех гьабурав ахирисев нугIлъун вукIана Кураев.

МухIамад ХIамзатовасул чIужу Гульминат ГIумаровалъ бицана «Эркенлъиялъе» диваналде рачIарал гIайиб гIунтIизаьулезул гIагарлъиялъул чагIи жидеда тIаде релъанхъулел рукIанин.

Гульминат ГIумарова: «Гьезул чагIи рачIунел руго гьенире ва нижеда тIаде релъанхъулел руго гьел. Гьедин гьез бихьизабулеб буго диванги жоги гьезул рахъалда букIин. Нижедани гьез бадиб жо абулеб гьечIо, хIинкъалаби кьолел гьечIо, амма дида кколеб буго гьез нижеда хадуб халккун букIин»

Диваналъул иргадулаб данделъи тIобитIизе кколан I2 ноябралда. Гьеб къоялда цIех-рех гьабизе ккола Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Виноградовасе.
XS
SM
MD
LG