МагъчIваялъе рес

М. Шамилов: "Зулмуялъ маслигIаталде нух къала".


Октябралъул ахиралда МахIачхъалаялда салафиязулин абулеб мажгиталде хьвадулездаги полициялдаги гьоркьоб ккараб тунка-гIусиялъул хIакъалъулъ цIалун хадуб «Независимая газетаялъул» журналистас бахъун буго Дагъистан «кIиабилеб Сириялде» свериялъул хIинкъи бугин абураб магIнаялъул макъала. Кинаб бугеб гIаммаб жо Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъулги Сириялда унеб гражданияб рагъалъулги? Щай Россиялъул СМИяз цIидаса «хасаб» кIвар кьезе байбихьараб Дагъистаналде?

«Независимая газетаялъул» автор Владислав Мальцевасул пикруялда, Дагъистаналъул исламистал кколаро мугжулгун рохьоса-гIебеде рахчарун доре тIаде кIанцIун, гьаниб кьвагьизабун рукIунел чагIи. Жакъа гьел ккола бакIалъулал къуватиял структурабазде данде чIезе бажарулеб къуватаб багъа-башари.

Гьединаб пикруялде автор вачIун вуго 31 октябралда МахIачхъалаялъул Венгерских бойцов къватIалда салафиязулин абулеб мажгиталдаса къватIире рачIарал гIадамаздаги полициялъулаздаги гьоркьоб ккараб тунка-гIуси бахъараб видео бихьун ва гьелда хурхун раккарал комментариял цIалун хадуб.

Жиндирго бербалагьи щулалъизабиялъе авторас гьединго ракIалде щвезабулеб буго гьелда цебе Москваялда ккараб гьелдаго релъараб инциденги. Сириялъулги Дагъистаналъулги ахIвал-хIалазул гIаммаб хасият балагьулаго, Мальцевас ракIалде щвезабулеб буго 2011 соналда Дераа шагьаралда мажгиталде хьвадулез байбихьарал протесталъул акциябиги полициялде данде чIеялде буссиналъул хIужжа.

Гьаб бакIалда Сириялда гражданияб рагъ багъариялъе гIиллалъун рукIарал шартIаздаги Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалдаги бугеб релъинлъи лъугIунеб бугин абуна нижер программаялъе комментариял гьарулаго жамгIияв хIаракатчи ва публицист ГIисалмахIамад Набиевас. Дагъистаналда гражданияб рагъалъе шартIал гьечIин, Шималияб Кавказалъул регионалдаго загьирлъулеб ахIвал-хIал кколин гIуралъ батIиял багьанабаз бижинабулеб жойин.

ГIисалмахIамад Набиев
ГIисалмахIамад Набиев

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:02 0:00
Интернет-мухъ

Дагъистаналъул низам цIунулел идарабазул лъиданиги бачIеб профсоюзазул лидер Шамилов МахIамадица абулеб буго, Украиналда гражданияб рагъ багъаризе бегьулин сон цебеккун абулеб мехалда, гьединал пикраби гIахьучIал хIисабалда нахъ чIвалел рукIанин гьебго бакIалда. Амма гьеб рагъ жакъа хIакъикъат кколин. Сириялъул лъугьа-бахъунеб Дагъистаналда такрарлъиялъе шартIал ратичIониги, гьел раккунгутIиялъе лъицаниги гаратияби кьолел гьечIин.

Шамилов МахIамад
Шамилов МахIамад

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:36 0:00
Интернет-мухъ

Набиевас абулеб буго, дин жиндасаго батIа гьабураб пачалихъалъул бутIалъун кколеб Дагъистаналда, хIакъикъаталдаги цо-цо диниял хIаракатчагIаз гIамал гьабулеб бугин жидерго диниял къагIидаби рилъанхъизаризейин. Аммайин абулеб буго гьес, гьелъул гIайиб тIоцебего бугин жибго пачалихъалда, жалго къуватиял структурабазда.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:12 0:00
Интернет-мухъ

РЭ. - Нилъер улкаялда пачалихъалдаса батIа гьабураб буго дин конституциялда рекъон. Дуда бихьухъе, диниял лидерал, хIаракатчагIи, дин гъорлъе лъугьунеб бугищ пачалихъалъул ишазде, МахIамад?

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:08 0:00
Интернет-мухъ

Нижер программаялъул гIахьалчагIазул абулеб буго, гIемер бицунеб букIаниги, рагIаби кьолел рукIаниги, тIадтараз, хасго низам цIунулел структурабаз, нухмалъиялде данде чIчIаразда хурхун билъанхъизабулеб политика, хьвада-чIвади хисизабулеб гьечIин. Набиевас абулеб буго, зулмуялъ зулму бижинабулин абураб пикру гIадахъ босулеб гьечIин низам цIунулез, динияб кьалбал ругел инцидентал гьелъул хIасилалда дагьлъулел гьечIин.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:58 0:00
Интернет-мухъ

ЭР. - Жакъасеб ахIвал-хIалалде балагьун, Дагъистан босила мисалалъе, пачалихъалъ, къуватиял идарабаз салафияздаги экстремистаздаги гьоркьоб бащалъиялъул ишара лъолеб бугищ? Кин дуда кколеб МахIамад?

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:17 0:00
Интернет-мухъ

Дагъистаналдаги, жибго Шималияб Кавказалъул регионалдаги хIалуциналдаса рорчIизе ккани, пачалихъалъ хисизабизе ккола бербалагьи жиндирго миллияб политикаялде ва рилъанхъизарулел къагIидабаздейин, абулеб буго Набиевас. Гьесул пикруялда, салафиясдаги экстремистасдаги гьоркьоб бащалъиялъул ишара лъеялдаса нахъе ине ккола, тIубанго инкар гьабизе ккола.

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:17 0:00
Интернет-мухъ

МахIамад, дуца абулеб буго дол маслигIаталде рачIине хIалтIи гьабизе кколин, планал ругин. Добго Генуб, Временныялда лъугьа-бахъунеб ракIалде босани, додинаб фоналда дол маслигIаталде рачIине рес бугищ?

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:25 0:00
Интернет-мухъ

ЭР. Дица рехсараб «Независимая газета – религия» газетаялъул макъалаялда гьелъул автор Владислав Мальцевас Дагъистаналъул салафиял рехсолел руго исламистал хIисабалда. Дуцагоги абулеб буго гьес кIодо-къод гьабун бицунеб бугин Дагъситаналда хурхунин. Гьеб цо жо. Цогидаб жо гьелда релъарал макъалаби жакъа гIемерлъулел ругин ккола Россиялъул информалатазда. Гьединабго магIнаялъул материал кьуна дагьалъ цебе жиндирго телепрограммаялда довго Дмитрий Киселевасги. Щиб гьединаб тенденциялда нахъ букIине бегьулеб дур пикруялда, ГIисламахIамад?

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:38 0:00
Интернет-мухъ

Нижер программаялъул гIахьалчагIаз хIалбихьана жавабал кьезе, кида Дагъиситаналде нахъе буссине бегьулеб ракI чIараб парахалъи, кинаб къагIидаялда гьединаб курс республикаялъ босизе кколеб ва лъида гьеб кинабго бараб бугеб, абурал суалазе. Жидерго пикраби цоялде руссинабулаго гьадин абуна жамгIияв хIаракатчи Шамилов МахIамадица.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:40 0:00
Интернет-мухъ

XS
SM
MD
LG