МагъчIваялъе рес

Темирбегов: МухIамадхIажи МухIамадов чIваялъе гIилла - цеве гьев полициялда хIалтIулев вукIин


the murder of a police officer
the murder of a police officer

28 апрелалъул сардилъ Шамил мухъалъул Гьолокь росулъ МухIамадхIажи МухIамадов чIваялда бан такъсир гьабиялъул иш рагьун буго Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул комитеталъ.

52 сон барав МухIамадхIажи МухIамадов хIалтIулев вукIун вуго Шамил мухъалъул ХIебда росулъ мухъалъул полициялъул нухмалъулев хисулевлъун. ЛъагIалидаса цIикIкIун заман бан букIун буго МухIамадов ригь баялъул гIиллаялда пенсиялде аралдаса. 29 апрелалъ къаде гIуж щвелалде МухIамадов вукъун вуго Гьолокь росулъ.

Лъугьа-бахъин ккараб лахIзаталдаса нахъе росулъ кIудияб къадар полициялъулазул ва рагъулазул бакIарун букIанин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз. ТIолго мухъалда рогьинегIан сверулел рукIанила полициялъулал. ГьабсагIаталда МухIамадхIажи чIваялъул аслияб гIилла гьесул букIараб хIалтIуда хурхинабулеб бугила, щаклъи бугила изну гьечIого яргъидгIуцIаразда. Амма жибго Гьолокь росулъ цониги вагьабияв яги салафияв гьечIин тIаде жубалеб буго гьез.

28 апрелалъул сардилъ ккараб чIвай-хъвеялда бан Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул Комитеталъ рагьун уго такъсир гьабиялъул иш, 105 –чанго чияс цадахъ гьабураб чIвай-хъвей ва 222- изну гьечIого ярагъ цIуни ва хIалтIизаби, статьябазда рекъон.

ЧIвай-хъвей кIиго чияс гьабун бугин, гьезул къурбанлъун ккарав МухIамадовасда чанго нухалъ автомат речIчIун бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул идараялъул вакил Расул Темирбековас.

Расул Темирбеков: «Такъсир гьабиялъул иш рагьун буго кIиго статьяялда рекъон, 105 ва 222. Чанго батIияб версиялъухъ хал гьабулеб буго ЦIех-рехалъул идараялъ ва полициялъ, амма аслияб версия буго гьев полициялда цевеккун хIалтIулев вукIиналда бан, гьеб чIвай-хъвеялда нахъа изну гьечIого яргъидгIуцIарал рукIиналда хурхараб. Цереккун тIоритIарал цIех-рехалъул хIалтIабаз бихьизабуна такъсирчи кIиго вукIин».

Гьолокь росулъ ккараб чIвай-хъвеялъул бицунаго, «Рен» абураб федералияб каналалъ кIвар буссинабуна гьеб изну гьечIого яргъид гIуцIаразул рецIел букIиналде.

XS
SM
MD
LG