МагъчIваялъе рес

Ханазул история цIакъ квеш лъугIун буго


Полициялъул хIалтIухъанасда къабихIал рагIаби абиялда бан Насрединов Маратида тIад 7 октябоялъ гьабизе букIараб суд 9 къоялде бахъун буго. Кин жинца гIайиб гIунтIизабизе кколев живго гIайиб гIунтIизабулеб бугевлъун карав?

Полициялъул хIалтIухъабаз МухIарамкент мухъалдаса Насрединов Марат вухун, сакъат гьавиялда бан, полициялъулал тамихIалде цIай тIалаб гьабун, адвокат Елена Денисенкца кьураб гIарз къабул гьабун гьечIо МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ . Гьедин лъазабулеб буго жийго Денисенкоца. Гьелъул рагIабазда рекъон, полициялъул хIалтIухъабаз вухиялъул хIасилалда МухIарамкент мухъалдаса Насрединов Марат сакъатавлъун лъугьун вуго.

20I3 соналъул январь моцIалъ МахIачхъалаялде унаго нухда полициялъулаз хал-шал гьабизе маршрутка чIезабидал , Насрединовасда аскIове вачIун цIех-рех гьабизе лъугьун вуго полициялъулав. Гьесул рагIабазда рекъон, гьев мехтун вукIун вуго. БакIалъул чи вугин, хал гьабизе ккарав чи гьечIин абуниги, гьев хъвай-хъвагIай гьабулеб бакIалдехун вачун , чунтбухъа кинабго къватIибе бахъизабун буго. Маратил рагIабазда рекъон, гьес телефон, гIарац ва квербацI бахъун буго. Цойги хутIараб бугищан гьикъидал , ханал ругилан абун буго. Насрединовас бичIчIизабуна , гьел жиндие нухда кваназе релъун лъун рукIанин эбелалъ. Амма полициялъулазда гьеб мекъса бичIчIун буго ва гьев вухизе лъугьун руго. Гьенисан полициялъул бкIалде вачун, гьенивги вухун вуго гьев. Заманалдасан, жив бакIалъул чи вукIин бичIчIидал, танин жив, ва хехаб кумекалъул машинаялъ больницаялде вачанин бицана Маратица. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб гьесие хIинкъаби рачIине байбихьун буго.

Амма полициялъулаз кьолел баянал батIиял руго, гьезул рагIабазда рекъон, Насрединов ахIдезе, къабихI гьарулел рагIаби абизе лъугьун вуго чIезарураб бакIалда. Хадуб, хъвай-хъвагIай гьабулеб бакIалдехун вилълъине инкар гьабидал, гьениве вачунаго, дандечIеялъул хIасилалда гIажизлъиги ккун буго гьесие. Насрединовасде гIайиб гIунтIизабулеб буго полициялъул хIалтIухъабазда къабихI гьарулел рагIаби абиялда бан.

Насрединовасул адвокаталъул рагIабазда рекъон,20I4 соналъул февралалъ Насрединовасул гIарза щварав цIех-рехачияс полициялъулазде гIайиб гIунтIизабун иш рагьизе инкар гьабун буго.

Адвокаталда рихьулел рукIун гьечIо Насрединовасул ишалда хурхарал кагътал. ГIицIго июлалъ, диваналде гIарз гьабидал, гьез изну кьун хадуб бихьун буго гьелда кинабго хъвай-хъвагIай. Кинабго ишалда хурхараб хъвай-хъвагIай бихьидал , гьелъ цIидасан гIарз гьабун буго полициялъулал тамихI2алде ахIи тIалаб гьабун. Амма I октябрялъ диваналъ инкар гьабун буго Денисенкол гIарзаялъул кьучIалда цIех-рех гьабизе. Диваналъул хIукмуялда рекъон, иш рагьизе кинабгIаги хIужа гьечIолъиялда бан.

7 октябрялъ Докузпараялъул мухъалъулаб судалъ байбихьизе кколаан Насрединовасда тIад диван. Гьесде гIайиб гIунтIизабулеб бугин полициялъуласда къабихIал рагIаби абийилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе адвокат Елена Денисенкоца. Амма жидеца тIалаб гьабизе бугин дагъистаналъул ТIадегIанаб судалде гIарз кьун, полициялъулал тамихIалде цIайилан баян гьабуна гьелъ. Гьелъул рагIабазда рекъон, сакъатлъи бугев чиясул хъвай-хъвагIаязул хал гьабичIого, кIвар бугел нугIзал цIех-рехалде ахIичIого гьабун буго гьеб инкар диваналъ. ГIицIго гьеб хIужа гIолила диваналъул хIукму нахъе бахъизейилан баян гьабуна гьелъ.

Елена Денисенко: «Жакъа букIине кколаан гьесда тIад суд, амма гьеб нахъ бахъана прокурор вачIинчIолъиялда бан. 9 къоялъ букIине буго гьеб. ГIадан маршруткаялъуса къватIивеги вахъинавун, щибго гIайиб гьечIого. Щибго гIилла гьечIого вухун вуго. Жакъа лъагIан гьесие 4 операция гьабун буго, чан гьабизе ккелеб гьеб жегияли лъалебги гьечIо, амма жакъаго гьев вуго сакъатав чи. Гьев ккун вукIин лъайдал, эмен ун вуго полициялде. Гьесда кколеб букIун буго вас сундулъниги гIайибияв вугин ва гьесда ццин бахъун вукIун вуго, амма гьесда накабатIе карав, сородилев бидух варав вас ватун вуго.

Кин щибали бичIчIидал, гьел хIалтIухъаби тIаса лъугьайин гьардезе лъугьун руго, амма Маратицаги гьесул эбел-инсуцаги теларин абун, гIарзаби хъвалел руго, амма гьезул лъиего ургъел гьечIо. Гьел нахъчIвалел руго. Гьесул жиндирго 2005 соналдаса байбихьун жиндирго магIишат буго, гьанже гьеб лъица гьабилеб. Лъица эбел-инсуе вас нахъ вуссинавилев лъалеб гьечIо. Гьеб диваналъ 4 нухалъ нвхъ чIван буго гьесул гIарза. Гьелде тIадеги жеги гьесде гIайиб гIунтIизабулеб буго полициялъул хIалтIухъанасда къабихIал рагIаби абиялда бан».

Адвокаталъул баяназда рекъон, гьесда гIайиб чIезабунани яги 40 азарго гъурущ гIакIа, яги хIалтIаби гьаризе тIамизе вуго Насрединов.

Гьаниб абизе ккола. «Матери Дагестана за права человека» абураб гIуцIиялъул вакилзабаз 22 сентябрялъ ахIараб данделъиялда Марат Насрединовасул ва МухIамадов Имангъазалил мисалалда лъазабунин Дагъистаналда цIех-рехчагIазул гIадамаздехун хасаб бербалагьи букIиналъул. ИзнуцIунулез гIадамазул изнаби ва къанунал гцIуни гуреб, жалго жидецаго цIунун , жидерго хасал къанунал ругилан лъазабулеб буго ихтиярал цIунулез.

Дагъистаналда жакъа къоялъ бугеб гъалмагъар кколин низамцIунулез гьабулеб хIалтIул хIасилилан рикIкIунеб буго инсанасул ихтиярал цIунулев МухIамад Шамиловас. Лъугьунеб бугеб бихьидал, низам цIунулезе балагь базар букIине жидего бокьун букIин бихьулеб бугин бицана гьес. Гьеб кколеб буго аслияб гIилла, къанунал хIалтIулареб мехалъ, рохьоре ун гIадамаз къисас босиялъе.

Шамиловасул пикруялда. Дагъистаналда низамцIунулезуласлияб бутIа жакъа къоялъ кколел руго гьеб низам хвезабулеллъун. Амма кинабгIаги хIалтIи, низамцIунулезул идараялъ гьабулеб гьечIо цо-цо гьединал чагIи тамихIалде ахIизе. Гьеб кколеб буго аслияб гIилла къо бахъанагIан гIемер гIадамаал рохьорехун ралагьулел рукIиналъе.

XS
SM
MD
LG