МагъчIваялъе рес

Къадировасда Хасавюрталъул мэр батIайисан вихьун вуго... ЦинтIаго.


Чачан республикаялъул бетIерасдаги Хасавюрт шагьаралъул нухмалъулесдаги гьоркьоб байбихьана гъалмагъир. Рамзан Къадировас Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша ГIумаханов ва гьесул гIага-бажарал, киналгIаги далил рачинчIого, лъазаруна хъачагълъиялде хурхен бугел гIадамаллъун. ГьанжелъезегIан щай гьелъул "балъголъи" гьес гьабулеб букIарабали, лъицаниги баянлъизабулеб гьечIо. Къадировасул лъазабиялда нахъ цо-цо экспертазда бихьулеб буго, мадугьалиял территориязде жиндирго асар тIибитIизе гьесул ругел анищазда.

24 апрелалда Хасавюрт шагьаралъул мэр Сайгидпаша ГIумахановас официалияб куцалда жаваб кьуна Чачан Республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировас гьабураб лъазабиялда тIасан. Гьес гьеб гьабун букIана 23 апрелалда Чачан Республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул коллегиялъул данделъиялда.

Рамзан Къадиров: «КинабгIаги тIалъи, нухмалъи абураб жо гъоба гьечIо. Шагьаралъул мэрги вуго хъачагъ, полициялъул нухмалъулевги гьечIо хIалтIулев. ГIорхъотIа лъугьа-бахъунелъул анализ гьабуни, Хасавюрталда бугеб нухмалъиги буго такъсирияб. ГIадамазги гьарулел руго такъсирал. КиналгIаги наркотикал гьениса, Хасавюрталдасан бачIунеб буго. Амма Хасавюрталъул мэрасин абуни Дагъистаналъул нухмалъулесе хIисаб кьолеб буго Чачан Республика аскIоб букIиналъ цIикIкIун бугин гьениб такъсичилъи, экономикияб рахъги бугин нахъе кколеб. Киназго абулеб убго Чачн Республика цебетIолеб, жибго жинцаго тIубалеб даражаялда бугин. Улкаялъул президентасги тIадегIанаб къимат кьолеб буго нижее. Хасавюрталъул мэрас абуни гьагъадин бицунеб буго Дагъистаналъул нухмалъулесе. Гьеб жо бихьизабулеб буго Дагъистаналъул телевидениялъги».

Хадубго Къадировас абулеб буго Сайгидпаша ГIумахановасул вацас кьолеб бугин гIарац изну гьечIого яргъид гIуцIаразе, гьесул васги вугин гьел къокъабазул амир.

Рамзан Къадировас жиндиеги вацасеги кьураб къиматалда бан Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша ГIумахановас абулеб буго гьесул эмен, шагьидлъун хварав АхIмадхIажи Къадировас вацаллъун рикIкIунел рукIарал чагIазда хъачагъалин цIарал лъолел ругин жакъа чачаназул нухмалъулес. Хасавюрталъул гIадамазги, гьездаго цадахъ ГIумахановазул тухумалъул чагIазги Россиялъул Федерация бикьичIого букIиналъе гIоло къеркьей гьабулеб букIанилан. Гьелда бан гьадинаб пикру буго «Миллат» газеталъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасул.

МухIамад БисавгIалиев: «Рамзан Къадиров ругьунлъун вуго Кавказалдаго ругел финансазул яги политикиял къокъаби жиндихъе рачIун. Киса-кирего жиндирго мурадал рилълъанхъизарулел руго гьес. Федералияб централъ жиндир рахъкколеб букIиналдаса пайда босун, гьесда кIолеб буго гьезда тIад асар гьабизе. Гьедин Москваялдаса кумек щвеялде хьулги лъун, долги хьвадулел руго гьесухъе. Жидергун гIорхъода бугеб, дармилаб централъул мэрлъун Сайгидпаша вукIин квеш букIунеб буго Къадировасда. ГIурусаз абухъе, гьесие гьев щокъроб къараб ракьалъун вуго».
МахIамад БисавгIалиев, "Миллат" газеталъул бетIерав редактор
МахIамад БисавгIалиев, "Миллат" газеталъул бетIерав редактор


ЭР: «Цо-цояз абулеб буго Рамзан Къадировасул кIалдир лъун ругин гьел рагIаби. Масала, Дагъистаналъул нухмалъулесул бухьен букIине рес бугищ гьелдехун?»

МухIамад БисавгIалиев: «Дун божуларо гьелда. Хасавюрт шагьаралъул мэрасул позициял загIиплъи жакъа Дагъистаналъул нухмалъулесе данде кколеб жо гуро. ГIабдулатIиповасейищ гьелъул санагIалъи бугеб, гьесда цере рукIарал МухIамадгIали ва гьесул вас МухIамадсалам МухIамадоваз гьесул рахъкколеб букIана, данде вачунев вукIана гъоб Хасавюрт шагьар цохIо гъосул къуваталъги сурсаталъги ккураб букIиналъ. Сайгидпаша ГIумаханов гъоваса нахъе ани, гъоб цIунизе кIоларо. Гъоб Чачаналде инеги рес буго. МухIамадсалам МухIамадов тIалъиялда вукIаго «Эхо Москвы» радиоялдасан гьелъул бицун букIана журналист Юлия Латыниналъ. Гьеб гьедин ккелилан чIванкъотIун абизе кIоларо, амма гьедин ккезеги рес буго».

ГьабсагIаталда вахъун Рамзан Къадировас гьединал лъазабиял гьари гьадин бичIчIулеб буго аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев хисулев Маркъо ШагIбановасда.
Маркъо ШагIбанов, Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев хисулев
Маркъо ШагIбанов, Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев хисулев

Маркъо ШагIбанов: «Гъора руго гьелъие хасал гIиллаби. Жиндие гьаризе бокьун рукIарал ишалги тIурачIого, Дагъистаналъул жанисел ишазда гъорлъе лъугьиналъул хIасилги ккечIого, гьанже ццидаххун, гIисинлъималаз гIадал жал рицине байбихьун буго гьес. Гьле руго республикаялъул нухмалъулесда рекъечIел, кьучI гьечIел ва халкъазда гьоркьоб питна бекьулел харбал. Россиялъе хIинкъи бугел 90 абилел соназда Сайгидпаша ГIумахановги, гьесул вацги къватIире рахъун рукIана официалиял идарабазул ахIиялда нахъги рилълъун. Гьеб заманалдайин абуни живго Рамзан щиб гьабулев вукIарав? Гьес жинцаго бицунеб букIана 16-19 сон бараб мехалда жинца гIурус солдат чIван вукIанилан. Гьедин батани, гIурусазда данде вагъулев вукIарав чияс хъачагъал абун улка цIунулел рукIарал чагIаздайищ цIарал лъолел? Релъигун ццим гурони бачIунеб гьечIо гьеб бакIалда».

Интернеталдасан хъвадарулел дагъистанияз рикIкIунеб буго Сайгидпаша ГIумахановас Рамзан Къадировасда тIасан диваналде гIарза хъвазе кколин.
XS
SM
MD
LG