МагъчIваялъе рес

МацI цIунизеги къваригIунеб буго къанун


Миллатазул цолъараб гIуцIиялъул баяназда рекъон, дунялалда тIад щибаб санайил тIагIунел рагIула гIиссинал миллатазул щуазаргогIанасеб мацI. Гьедин тIагIунел мацIазда гьоркьор рехсола Россиялда ругел цо-цо миллатазул мацIалги.


Хасго гьаб ахираб заманалда гIемер бицунеблъун кколеб буго Дагъистаналда ругел миллиял мацIал лъугIун иналъул хIинкъи букIиналъулги, гьел мацIал цIунулел къанунал къабул гьарунгутIиялъулги. Масала, «РФялъул халкъазул мацIазул хIакъалъулъ» федералияб къануналъул микьабилеб бутIаялда хъвалеб буго гьадин: «Миллияб мацI цIунизе, цебетIезабизе, гара-чIвариялъе ва цIали гIуцIиялъе, тарбия кьеялъе къваригIараб бакIалда хIалтIизабизелъун рахьдал мацI тIаса бищизе» Россиялъул гражданазул ихтир бугилан. Гьелдаго цадахъ, РФялъул Конституциялъул 68-абилеб статьяялда рекъон, миллиял республикабазе хасаб ихтияр кьун буго жидерго рахьдал мацIал пачалихъиял мацIаллъун чIезариялъеги. Гьединал ихтияралги кьун рукIаго, Щайха Дагъистаналъул хIукуматалъ мацIалда хурхураб къанун тасдикъ гьабуларого бугеб?

Сулейманова Кавсарат, фольклорист ва рахьдал мацIалъулгун адабияталъул мугалим
Сулейманова Кавсарат, фольклорист ва рахьдал мацIалъулгун адабияталъул мугалим
Гьеб ва цогидал суалазда тIасан нижеца гара-чIвари гьабуна филологиял гIелмабазул кандидат, мацIазда тIад хIалтIулей гIалимчIужу Сулейманова Кавсаратилгун.

Сулейманова Кавсаратилгун интервьюялъухъ гIенеккизе бегьула гьаниб
please wait

No media source currently available

0:00 0:07:31 0:00
Интернет-мухъ

Ахиралда рехсезе ккола цо гьадинаб хIужаги. 2012 соналъ Пачалихъияб Думаялда бугеб миллиял ишазул идараялъ, гьелъул нухмалъулевлъун ккола дагъистанияв СапаргIалиев ХIажимет, Россиялъул халкъазул мацIазул хIакъалъулъ къануналъул проект хIадурун букIана. Гьелъул автораз загьир гьабураб пикруялъул магIнаги букIана гIурус мацI чара гьечIого малъизе кколин, миллиял мацIал малъиялъул иш умумузда дандбазе кколин ва хадубккун гьелдаса тIубан инкар гьабиялде рачIине ресги щвелин абураб. Амма гьединал пикрабаз миллиял республикабазул вакилзабазул ва гражданазул разилъи гьечIолъи бижизабуна.
XS
SM
MD
LG