МагъчIваялъе рес

Иргадулаб хасаб операция


28 октябралда Хасавюрталда къуваталъулал идарабаз тIобитIараб хассаб операциялда, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кIигояв чIвана, полициялъул щугояв лъукъана.

Гьадин лъазабуна Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда. Гьениса щварал баяназда рекъон, хасаб операция тIобитIулелъул сверун ккураб минаялъуса кверде вачIун вуго цояв, кIигоявин абуни данде кьвагьдезе лъугьун руго ва хIасилалда гьел чIвана.

Терроралде данде къеркьолеб миллияб идараялъул вакилас лъазабухъе, чIварал кколел рагIула 21 сон барав Акавов МикагIил ва 20 сон барав ХIажиев ГIали. Гьесул, ай ГIалил вац Юсупин абуни кверде вачIун рагIула.

Терроралде данде къеркьолеб идараялъул баяназда рекъон, Акавов кколев рагIула чанго такъсир гьабиялда гIахьаллъарав ва араб соналъул 9 маялда Бабаюрталдаса рикIкIад гьечIеб полициялъул посталде кьвагьдаразул цояв. Гьаниб ракIалде щвезабун абуни, доб мехалда ккараб гьеб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда лъукъун вукIана полициялъул щуго хIалтIухъан. Гьединго, къуваталъулал идарабазул хIалтIухъабазул пикруялда, Акавовас чIван вукIун вуго полициялъул капитан Качмазов Расулги. Гьеб такъсирин абуни гьабун букIана исана август моцIалда.

Кьвагьа-гIанхъи ккечIеб къо къанагIатги Дагъистаналда букIунарелъул, гIадамал хIалхьиялда теларин батилаха, 29 октябралда полициялде кIалъан вачIарав щивали цIар рехсезе разилъичIев чияс лъазабун буго МахIачхъалаялда бугеб пуланаб дармилаб централда кьвагьулеб алат лъун бугилан. Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда бицухъе, гьениса гIадамалги гочинарун, махщелчагIаз гьениб хал-шал гьабун рагIула. «Амма талихIалъ гьениб кьвагьулеб алат батичIо ва полициялде кIалъарав щив кколевали лъазабулеб буго», – ян бицана ДРялъул Жанисел ишазул министерлъиялда.
XS
SM
MD
LG